Граната «ясикIо» гуро

 

    Хасвюрталъул №10 школалда, ОБЖялъул дарсил заманалда, кьвагьана РГД-5 граната.

    Гьелъул хIасилалда лъукъана учитель. Лъугьа-бахъин ккана 23 марталда. Дарсида, лъималазда РГД- 5 гранатаялъул хIакъалъулъ бицунаго, гьеб тохлъукьего кьвагьана. Учитель лъукъун гурони, лъималазе зарал ккечIо. Лъукъарав шагьаралъул централияб больницаялде щвезавуна. Кин школалде гьединаб граната ккарабали цIех-рех гьабулеб буго.

 А. ЮСУПОВ