22 декабралда «Дагъистан» РИАялъул редакциялда тIобитIараб пресс—конференциялда бицана кванил нигIматазул багьаби республикаялда хиралъулел рукIиналъе гIиллаялъул хIакъалъулъ.
Дагьал церегIан къоязда букIараб пресс-конференциялда президент Владимир Путиницаги кIвар кьун букIана гьеб суалалде.
Журналисталгун дандчIвазе рачIун рукIана республикаялъул Дармил министерствоялъул даран-базаралъул рахъалъ управлениялъул нухмалъулев Элдар ГIалиевги, «Эхнатон», «Зеленое Яблоко» ва «Европейский» абурал дармил рукъзабазул вакилзабиги.
Э. ГIалиевас бицана жидеца гьоркьоса къотIичIого багьабазул мониторинг тIобитIулин. Исана январалдаса декабралде щвезегIан батIи-батIиял кванил нигIматазул багьаби цIикIкIун ругинги абуна гьес. Мисалалъе, цIакъ хиралъун буго чакар, семечкадул нах, ханал ва гречка.
— Жакъа гьанир ругел дармил рукъзабазул вакилзабигун ниж цереги дандчIван рукIана. Доб мехалда гьарурал къотIи-къаязул хIасиллъун ккана, гьабсагIат ругел багьаби хиралъизе риччачIого чIезари. Мисалалъе, семечкадул нахул шишаялъул тукада бугеб багьа 110 гъурущ букIине ккола, — ян абуна Элдар ГIалиевас.
Багьабазда хурхун бугеб ахIвал- хIал хисизабизелъун республикаялъул Промышленносталъул министерствоялъ зама-заманалдасан ярмаркабиги тIоритIула. Мисалалъе, гьал къоязда тIобитIизе буго гьединабго ярмарка. Гьенир багьаби тукабазда ругелдаса 15-40 проценталъ учузго рукIинеги руго.
Журналистаз гьикъана президентасда гьеб суал борхун букIинчIебани хадубккунги цIикIкIине рукIанищин багьаби ва нужер идараялъухъа бажарулищин гьел лъалхъизаризейилан.
Президентас багьабазул суал борхи кколин федералияб даражаялда нижее гьабулеб кумекин бичIчIизабизе лъугьана Э. ГIалиев. Щайгурелъул гьелдаса хадуб чакаралъул ва семечкадул нахул багьаби тIокIал тIаде цIикIкIинчIин.
— Дие абизе бокьун буго цохIо гьелда чIечIого, жеги цо-цо цогидалги кванил нигIматазул багьабиги кIвана нижеда гьебго къагIидаялъ хиралъичIого чIезаризе, — ян абуна гьес.
Э. ГIалиевасул калам ритIухъ гьабун кIалъана рехсарал дармил рукъзабазул вакилзабиги. Гьез бицана халкъалъе чара гьечIого хIажалъулел цо-цо кванил нигIматал, жидер тукабазде рачIун хадур, гъурущ тIаде жубачIого ричулел ругин.