Рохьил ахалъуда ватана Къурбан

22 февралалда ЧIарада районалъул Гьилиб росулъ вилана лъабго сон барав вас. КватIичIого васасул эбелалъ ахIи бана районалъул полициялъул отделалде.

Вас валагьизе журана гIемерал чагIи – районалъул СЧСалъу­л ва Да­­гъистаналъул МЧСалъу­л хIал­тIу­хъаби, ЧIарада, Болъихъ, Лаваша РОВДязул кинологал, хIалтIухъаби, районалъул росабазул гIадамал, «Лиза Алерт» хвасарлъиялъул отрядалъул волонтёрал. Гьединал къояз бихьула нилъер халкъалъул гъунки, цолъи.
ТIоцебесеб къоялъ вас вугеб бакIалде тIаде ккечIо. Хадусеб къоялъул къалъул гIужалда, росдадаса 2,5 километралъ рикIкIада бугеб рохьил ахалъуда, гIазу гьечIеб гIурдал бокIонги балагьун, гьенив кIусун ватана гьитIинав Къурбан. Гьесул хIатIал, кверал, гьумер квачалъ цIорозарун ругоан. Гьеб бакIалдаго байбихьана тохтурзабаз васасе кумек гьабизе. Хадуб санитарияб вертолетги ахIун, вас витIана МахIачхъалаялъул лъималазул клиникияб больницаялде. ГьабсагIат васасул сахлъиялъе хIинкъи гьечIо. Гьеб лъугьа-бахъиналъул пикруги гьабун, бокьилаан киналго эбел-инсуца лъималазда хадуб халкквей цIикIкIинабуни.