Кумек хIажатал лъимал

 

 

МахIачхъалаялда бугеб «Россия – дир тарих» музеялъулаб комплексалда тIобитIана канлъукъал ва беццал лъималаз рахъарал суратазул, гьез гьарурал ясикIабазул выставка-ярмарка. Къиматалъ реэдичIел лъималазухъ балагьун пикру гьабулеб букIана киндай гьез гIумруго гьабулебилан. Амма гьез гьарурал берцинал ясикIабазухъги, рахъарал суратазухъги, гIисинал квераз гьарурал тIугьдузухъги, курхьабазухъгун рахсазухъги балагьидал, киназго абулеб букIана киндай гьезда кIварабилан гьадинаб берцинлъи гIуцIизе.

 

 

ТIубанго канлъукъай Аминатица бицана анлъго сон базегIан, дагьабго къадаралда бугониги, жинда канлъи бихьулаанин. Гьанже гьейги, канлъукъазул школалда, ругьун гьаюлей йиго курхьабиги, расуда ралел заколкабиги гьаризе. БатIи-батIиял кьерал ратIарахъизеги малъулила кверги квашун.

 

 

Гьединал гьайбатал лъималазе чIезарун ругел шартIазулги гьезул хIалтIулги бицун кIалъана захIматалъул министр Изумруд Мугудинова. Данделъиялда кIалъана республикаялъул беццазул жамгIияталъул председатель Хавлатин НазирхIажиев, «Дагъистаналъул гIолохъанал инвалидал» цолъиялъул председатель ХIайбула МухIамадов, Избербаш школа-интернаталъул директор Шамай ВалибахIандова ва цогидалги.