ГьитIинав меценат

 

 

    Шамил районалъул МачIада бугеб лъималазул лагералда хIалтIулел тарбиячагIаз гьарана дида гьенир хIухьбахъулел лъималазда гьоркьоса бищунго лъикIаб гIадлуги гьабулеб-толелъе тадбирги бугев, диналдаги тIадчIарав, спортги бокьулев, чIахIиязеги гIисиназеги кумекалъе вахъинеги хIадурав, барахщичIого, жиндихъ бугеб жо цогидазе гIахьал гьабизеги хIадурав ИсмагIил ИсмагIилов гIезавуралъухъ казияталдасан гьесул эбел-инсуе баркала кьеян.

     ИсмагIил ккола Хунзахъ районалъул ГьоцIалъ росулъа, гIумру гьабун гьев вуго Ленинкент поселокалда. Гьениб ункъил-щуйил къиматазда гьес лъугIана кIиабилеб класс. Васасе бищун рокьула математика, ингилис мацI предметал ва грэпплинг абулеб спортивияб гугари. ИсмагIилил эбел Заира хIалтIулей йиго беразул больницаялда медсестралъун, эмен вуго краскаби ричулеб бизнесалда. Гьеб гIадлияб хъизамалда гIолел руго нилъер бахIарчиясул гьитIинав вац Садамги яц Саймаги.

ИсмагIил ккола социалиял гьиназда саламатго машгьурав вас. Эбел-эменгун цадахъ гьев ахIун вукIана Уфаялда букIараб гурхIел-рахIмуялъул тадбирал тIоритIулел машгьурал меценатазул данделъиялде. Гьелъие ккараб гIиллаялъул хIакъалъулъ ИсмагIилица гьадин бицана:

   «Цо нухалъ эменгун цадахъ рузманалде унаго, цере квералги ккун, мажгиталда аскIор гьардухъаби рихьидал, дир черхалъул хIал хисана. Дадаца абуна гьел ругила мискинаб,  язихъаб гIумру-магIишаталда ругел, чияр цIобалде ккарал чагIиян.  Гьезда дир цIакъ ракI бухIана.  Ургъана, киндай гьединал чагIазе кумек гьабилаян. Гьеб ургъел дица дандбана дир дахIабаба Зумрудилгун. Гьелъ дие босана гIарац жанибе балеб гъутухъ (копилка) ва дица байбихьана щвара-щвараб гIарац гьенибе бакIаризе. КIиго соналда жаниб гъутухъалъуб гIун батана 25 азарго гъурущ. Бокьун букIана гьеб гIарац мажгиталъе кьезе. Дадаца  кьураб гIакълуги гIадахъ босун, дица гьеб кьуна «Инсан» абулеб гурхIел-рахIмуялъул фондалде ва гьезда гьарана гьеб гIарац язихъал лъималазе кьеян», — ян.

   Мискинзабазе кумекалъеян, Исма­гIи­лица гьабураб гьеб гурхIел-рахIмуялъулаб ишалъул хIакъалъулъ хабар тIибитIана социалиял мухъазда. Гьеб лъайдал, гьев ахIана Уфаялда тIобитIараб данделъиялде. Гьенив «Большой поступок маленького человека» абун, цевеги вахъинавун, ИсмагIил веццана ва гьесие кьуна «Россиялъул бищун гьитIинав меценат» абураб хIурматияб цIар, гьединго «Нилъер заманаялъул бахIарчи» абун тIад хъвараб диплом ва сайгъатазул пакет.

  ГьитIинав меценатасул ният буго хадубккунги ресукъал чагIазе бажарараб кумек гьабизе.

«Нилъер заманаялъул бахIарчиясул» къойил низам буго гьадинаб: рогьалил как, зарядка, рокъоре кьурал дарсал такрар гьари, школа, эркенаб заманалда велосипедалда тира-свери, спорт… ИсмагIилил анищ буго ХIабиб НурмухIамадовасда релълъарав вукIине. Гьесул эбел-инсуца лъикIаблъун рикIкIунеб буго ИсмагIилил ракIбацIцIалъи ва намус-яхI букIин, гьез жигар бахъулеб буго жидерго лъималаз гьарулел лъикIал ишазе кумек гьабизе. Гьезда бичIчIулеб буго жидер васас гьабураб рахIмуялъулаб иш цоги лъималазе лъикIаб мисаллъун букIунеблъи.

ИсмагIилил ният буго хадубккун мажгиталда тIоритIулел гурхIел-рахIмуялъул тадбиразда бажарараб кумек гьабизе. Гьелда хурхун, жиндирго рухIияб рахъ цебетIезабиялъул мурадалда гьев  ругьунлъулев вуго Къуръан цIализе, гъираялда, гьоркьоб биччачIого, жиндир гIужалда бала как.

Гьесул анищ буго мажгитал ва язихъазе рукъзал разе минаби ралев чилъун вахъине.

  Социалиял гьиназда гIемерал чагIаз лъикIаб къимат кьолеб буго васасул ишалъе. Масала, Резеда ГIазизова абулей гIаданалъ хъвалеб буго: «МашаАллагь, гьайбатаб лъимер, лъикIаб тарбия. Аллагьас кIиябго дунялалда талихIги рохелги кьеги нужее».

 Гьединго Мадина ХIурматулина абулелъ хъвалеб буго: «МашаАллагь. РакI бохула исламалъул нух ккурал гьединал лъимал рихьидал. Биччанте Аллагьас гьев битIараб нухде вачине ва лъикIал ишазе гьесие квербакъизе.

Нури Нуриев