“ЛъикIлъиялъул гъамас”

 

МахIачхъалаялда, “Европа” залалда, тIобитIана лъималазе сайгъат гьабураб “ЛъикIлъиялъул гъамас” абураб тадбир. Гьелда гIахьаллъи гьабуна батIи-батIиял районаздаса, шагьараздаса бесдаллъималаз ва Сириялдаги ГIиракъалдаги эбел-эмен хутIарал лъималаз.

Гьеб тIобитIизе квербакъана ДР­ ялъул гражданияб жамагIат це­ бетIезабиялъул советалъ. Лъималазе байрам тIобитIиялъулъ гIахьаллъи гьабуна “Инсан” фондалъ ва “Бесдалал гьечIеб Дагъистан” гIуцIиялъ. ГIарцулал сурсатаздалъун квербакъи гьабуна ДРялъул нотариусазул советалъ, ДРялъул нотариалияб палатаялъул президент Шамсудин Жалаевас ва гIадатиял гIадамаз.

Тадбир нухда бачана Раисат ГIусмановалъ. Лъималазда байрам баркана Зайнаб Махаевалъ, Зульфияца, Хадижат Ибрагьимовалъ, “Шунудагъ” ва “МахIачхъала” лъималазул кьурдул ансамбляз. Гьаруна батIи-батIиял хIаял, къецал, викторинаби. Жигараб гIахьаллъи гьабуразе “ЛъикIлъиялъул гъансиниса” кьуна сайгъаталги.

Амма бищунго аслияб, киналго лъимал паналъизарураб сайгъат гIуцIарухъабаз хIадурун тун букIана тадбиралъул ахиралда гьабизе: кьер-кьерал машинабаздаги рекIинарун, лъимал рачана шагьа- ралъул къватIахъ свери бахъизе.

 М. МАНАПОВ