ХIалтIулес хIанчIула

 

     Вехьасул хIалтIудаса захIматабги гIакъуба бихьулебги хIалтIи гIемер батиларин ккола. Гьава-бакъалъул шартIазухъ, сордо-къоялъ­ухъ балагьичIого, хIалтIулел гIухьби кидаго рукIана ва жакъаги руго реццалъе мустахIикъал гIадамал. Гьединазул цояв ккола 41 соналъ гIияда хадув вугев Макъсудов МухIамадрасулги. Гъуниб районалъул ЧIохъ росдал Хъумторхъала районалда бугеб СПКялъул гIиял брига­даялде ниж щведал, Кудалиса МухIмадрасулги ЦIияб ЧIикIаса Изаев ГIабдурахIманги нижеда ратана гIиял рехъенгун авлахъалда ва гье­нибго ккана гьезулгун гара-чIвариги.

 

     — МухIамадрасул, кинха бугеб вехьасул хIалтIул иш?

       — Гьаб расги бигьаяб хIалтIи гу­реблъи киназдаго лъала. Амма цIакъго квешаб бугинги абила­ро. ЧIараб бакIалда, хъутабазда цIикIкIараб захIмат баччизе кко­ларо, амма нухдаги, ниж щолел ЛъаратIа районалъул мугIруздаги гIезегIан захIмалъаби дандчIвала.

      — Дурго хIалтIул къоялъул би­цани…

        — ГIи къинлъулеб заманалда хIалтIи байбихьула радал 6-ялда ва халат бахъуна къаси 1-2 тIубазегIан. Гьедин хIисаб гьабуни, хIалтIул къо бащалъула 20-21 сагIтида.

Амма гьединаб низам кида­го гуро букIунебги. Цо моцIалъ кIвараб яхI бахъизе ккола, хутIараб заманалда хIалтIи уна сезонал­да рекъон. Нижее бихьизабураб гIодобкъо гьечIониги, хIажалъи ккедал цояз цоял хисула, отпу­скалъги уна 10-15 къоялъ.

      — Дуего бокьун тIаде босараб хIалтIийищ гьаб яги…

       — Дица лъугIизабуна техни­кум, дун ккола зоотехник. ГIияда вукIарав эменги херлъун, гьесул бакIалда цо нухалъ ун, кIиго ну­халъ ун, бригадирлъун вукIарав вакьадасе кумек гьабулевин абун хутIана вехьлъуда.

       Амма цебе вехьасе щолаан лъикIаб мухь, нижерго гIи бихьи­забураб нормаялда рекъон гурони хьихьизе толароан. Гьаб заманал­да щолеб мухь дагьаб бугониги, вехьасул ихтияр буго СПКялъул гIияда цадахъ 300-гIанасеб бетIер жидергоги хьихьизе.

     — Жакъа дур тIалабалда чан гIиялъажо бугеб?

      — Гъоркьиса соналъул июлалдаса нахъе дидаги ГIабдурахIманидаги хадуб букIана 1400 чахъу.   

       Къинлъарал цогидазухъеги ун, гьабсагIаталда буго 600- 650-гIанасеб бетIер.

       — Щолеб мухьалъул бицани…

 

        — БетIер рикIкIун — 25 гъурущ. Гьабураб къотIи-къаялда рекъон, учузаб багьаялде 3 куйги кьола (ха­дуб гьеб гIарац тIаса ккола дир му­хьалдаса). Щибаб моцIалъ чIобого кьола 9 кило гьаналги 24 кило ролъ­улги.

       — Дурго чан гIиялъажо бугеб?

 

       — ГьабсагIаталда буго 15-20 бетIер, гьелги СПКялъ хьихьула чIорого. Дир буго 4 хIайванги, гье­зиеги харил рахъалъ кумек гьабула магIишаталъ.

       — Гьаб буго гIи къинлъулеб за­ман. Бахъараб кьегIералъухъ мухь кьолищ? Дурго гIиял къунцIараб квасул къисмат ки­наб букIунеб?

      — КьегIер лъикI бахъани, цIикIкIуна кьолеб гIарцул къа­дарги. Квасул къимат гьечIелъул, цIазеги цIан къунцIараб квас ниже­ца кьола СПКялде. Бичизе кIвараб багьа гьелъ нижееги кьола.

       — ГIемер кколищ гIи бикъа-хъа­миялъул, хъумуралъ чIваялъул хIужаби?

       — Ахираб заманалда цIогь гьечIо. Амма гIемерлъун руго бацIал. Дагьабниги ниж тохлъани, гIи пасат гьабизе хIадурго рукIуна гьел. Нижер руго цIакъал гьаби. БетIергьанасул ва гьезул куме­калдалъун ахирал соназда цони­ги ккечIо хъурмица гIиялъажал чIваялъул хIужаби. МагIарда гIемерлъун руго циялги.

      -ГIемер кватIичIого байбихьула гIи магIарде гочинабизе. Ки­нал захIмалъаби гьеб заманалда нужеда дандчIвалел?

     — ХIакъикъаталдаги гIемераб къо бихьула. Санайил къварид гьабула гIиялччубури (скотопрогон), дагь­лъулеб буго кваназе гIи биччазе бегьулеб бакI. ГIемерал бакIазда нухал руго хун, цо-цо бакIаздаса хIама-чу бачине кIвеялдаса ун буго иш. ГьечIо гьезухъ балагьулев, гьел къачIалев чи.

    — ТIаде вачIунев чиги гьечIони, дур кьерилазги дагь-дагьккун гьаб хIалтIи тани, хадуб щибха ккезе бугеб?

    — ГьабсагIаталда кумек хIажатаб хIал буго. ХIалтIулев чиясул къи­мат гьабуларогоги гьечIо, кьо­ла гIарцулал премиялги, цогидал сайгъаталги. Чанго соналъ цебе диеги кьуна «Заслуженный живот­новод России» абураб цIар. Амма лъикIал шартIал ругел бакIазде хIалтIизе унин абун лъиданиги гIайибчIвазе бегьуларо. Кьолеб мухьги цIикIкIинабун, гьаб хIалтIи бокьуледухъ лъикIал шартIалги чIезарун гIадамазул гъира базаби­зе бажарани, гIияхъанлъиялда рухI речIчIилаан.

      Гьенибго ниж дандчIвана 51 сон гIияхъанлъиялъе кьурав, хIалбихьи бугев вехь, Гъуниб районалъул ГIобохъ росулъа «Дагъистаналъул халкъияв бахIарчи» ГIабдулбасир ГIабдулбасировгунги.

     — ГIабдулбасир, дуца бан буго 67 сон. 51 соналъ гьабун буго вехьлъи. Жакъа хIисаб гьабуни, гIадада араблъун рикIкIунищ дуца гьеб заман?

      — РикIкIунаро. Дица тIаса бищана гьаб, гьалдаса букIана бетIербахъи. Бихьана гIезегIан захIмат, лъана гIатIилъи-къварилъиялъул къи­мат. Гьаб хIалтIуда бечелъизеги бечелъичIо дун, мискинлъиялдаги вукIинчIо.

 

    ГIабаш ГIАБАШИЛОВ