ГьитIинаб наялъул кIудияб хIалтIи

Росдал магIишат, хасго гIи-боцIухъанлъи, хурухъанлъи, ахихъанлъи,
цIолбохъанлъи буго нилъее хасиятаб хIалтIи. Гьелдаго цадахъ
буго найихъанлъиги.

Гьеб бутIаялъул хIакъалъулъ нижее бицинеги,
дандчIвалел ругел гIунгутIабазул рехсезеги гьал къоязда редакциял-
де вачIун вукIана найихъан Варис Чураев. Гьес лъугIизабуна росдал
магIишаталъул институталъул ветеринарияб факультет, Рязаналда бу-
геб найихъанлъиялъул академия.

— Варис, нилъеда лъала тIа­би­гIаталда щибго жо гIадада бижараб гьечIеблъи. Масала, наяз кинаб бакIха гьениб кколеб?
— Баянаб жо буго, кинабго гъветI-хералъе къваригIуна тIогьолъ хьон­тIи лъугьинаби (опыление). Гье­лъие буго кIиго аслияб къагIидаги – гьурия­лъул ва рухIчIаголъабазул кумекалдалъун. Гьединазда гьоркьоб аслияб бакI ккола наяз, гьез хьонтIи лъугьинабула гъветI-хералъул 70-80 проценталда.
Гьелъул хIасилалда тIогьое (гIур­ччинлъиялъе) щола хьон ва гьебго заманалда тIогьодаса наязеги щола гьезул гIумруялъе чара гьечIого хIажалъулеб белок гьоркьоб бугеб квен. Гьединлъидал наял гьечIони гьечIо гъветI-херги.
— Гьава-бакъалъул, тIабигIата­лъул рахъалъ наязе кинаб бакI­лъун рикIкIунеб Дагъистан?
Гьури камураб мех гIемер бу­кIунарелъул нилъер гьаниб, гьелъ гьабуларищ квалквал?
— Рии багIарараб, цIадал рай дагьаб, риччел мукъсанаб букIиналъ, нилъер гьанир ругел шартIал гьелъие цIикIкIун данде кколеб хIисабалъул гьечIо. Мисалалъе, Россиялъул гьор­кьохъеб полосаялда цо найил тIалаялъ, гьоркьохъеб хIисабалда, кьолеб батани гьацIул 50-60 кило, гочинарун наял хьихьулев найихъанасе нилъер гьаниб щола 13-15 кило. Амма наял гIезариялъе их цудунго, хасел кватIун щолеб букIиналъ, нилъер гьанир руго цIакъго лъикIал, рекъарал ресал. Секундалда жаниб 5-7 метр хехлъиялда бахъунеб гьороца толаро наял берцинго хIалтIизе. Гьелъ бахъула гьадинги дагьаб риччел, бакъбаккул рахъалдасан пулеб, ралъдада тIасан бачIунеб гьороца цадахъ цIала цIамул махI, гьебги буго сундуего (наязул хIалтIуеги) заралияб хIужа.
— Ахираб заманалда гIемер бицуна цIакъго гIемераб най холеб букIиналъул. БитIараб бугищ гьеб, батани, щиб гьелъие гIилла?
— Наязул гIезегIан руго заралиял, захIматал унтаби. Гьезда гьоркьоб бищунго захIматаблъун рикIкIуна варроа (хъанхърабазул тухумалъул клещ-хIапара). Араб гIасруялъул 80-абилел соназдаго нилъер гьанибе щвараб гьеб соналдаса соналде цIикIкIун гурони дагьлъулеб гьечIо. Гьелде данде нилъер гьаниб 20 соналъ хIалтIизарулел руго цого-цо дараби. Найихъабазул лъикIаб гIуцIи гьечIолъиялда бан, ругел дараби киназго хIалтIизарулел гьечIо цадахъ рекъон, чIезабураб заманалда (гьоцIо бакIаризе байбихьилалде (ихдал) ва бакIарун лъугIараб заманалда (хасало)), цо низамалда. ТIаде балагьун бихьизе кIоларо клещ (гьеб чIола найил чехьалда гъоркь бахчун). Гьединлъидал цо-цо найихъаби чIола жидер наял унтун гьечIин абун ва даруги гьабуларо.
КIиабизе, нилъер республикаялда гьеб ишалъул хIалтIи тIаде кколел пачалихъиял идарабазда гьечIо наязда сверухъ ветеринарияб хIалтIи цойиде бачунев, гьеб рекъезабулев ветеринар — профессионал.
Лъабабизе, дир хIисабалда, Дагъистаналда буго гIага-шагарго 120-140 азаргогIанасеб найил тIала. Риидал букIуна гьеб къадар, хасало хола гьезул 20-25 процент. Гьебго заманалда Гьоркьохъеб Азиялдаса лъагIалие Дагъистаналде босун бачIуна 15 азаргогIанасеб тIала. Гье­зул гIемерисел рукIуна доб варроа клещалъ унтарал (загьирго гьеб лъачIониги), гьеб рахъалъ «Россельхознадзор» гIуцIиялъ нилъер гIорхъода гьабулеб хIалтIул хIасилги бихьулеб гьечIо.
Ункъабизе, гьел унтабазул хIа­силалда кутакалда загIиплъараб, низам биххарал наял (наязул хъизам), хасало, рехун тун тIалагун уна лъутун.
– ТIабигIаталъе гьезул бугеб кIваралъул нилъеца бицана. Инсанасе наязул бугеб пайдаялъул щиб абилеб?
— Наяз нилъее кьола цIакъго пайдаял тIабигIиял нигIматал. Буго апитерапия – наязул кумекалдалъун, гьезул хасияталъул хасал гIаламаталги хIалтIизарун, цо-цо унтаби сах гьарулеб къагIида. Гьебго мухъалъул буго найил нигIматазул махIгун цIакъго гIисинал бутIабаз бечед гьабураб гьава («Ульевой воздух») дару хIисабалда хIалтIизабиги.
— ГьоцIо даруяб, цIакъго къиматаб нигIмат букIин лъала. Найихъан хIисабалда, дуца щиб абилеб?
— ГьоцIо ккола сахлъи щула гьабиялъе бугеб нигIмат. Черхалъул пуланаб лага сах гьабиялъе бугин гьаб гьоцIо, цогидалъе бугин доб гьоцIо абун чIезаби, битIараб гьечIо. ГьацIулъ руго наяз гьеб босараб даруял хурдузулъ ругел пайдаял жал, ферментал, витаминал, микро ва макроэлементал. Амма гьезул къадар буго дагьаб, гьез тIубаларо нилъер черхалъе хIажатаб тIалаб. Руго хурдул цо-цо унтабазда данде хIалтIизаризе лъикIал. Гьединал хурдулгун жубан хIалтIизабуни, гьацIуца пайда гьабула.
— Абула гьоцIо цIорой-хин­лъи­ял­даса цIунизе кколин абун…
— Нилъеда лъала 42-43 градусалъул ва гьелдаса тIаде араб хинлъиялъ белокалъул даража холеблъи. ГьацIуда гъорлъги руго белок мисалалъул элементал, амма дагьаб замана­лъул хинлъиялъ (мисалалъе гьоцIогун чай гьекъолаго) гьел холаро.
Гьебго заманалда хIажалъи гьечIо гьеб цIикIкIун хинлъизабизеги. Лъазе лъикIаб буго цоги хIужа – гьоцIо квани лъимги тIад гьекъон, цIикIкIуна цIекIлъи (кислотность), хинаб лъим гьекъани, гьеб дагьлъула.
— Кинал гIаламатаздалъун батIа бахъизе кIолеб бацIцIадаб гьоцIо?
— Гочинабун наялги хьихьулев, вацIцIадав найихъанасул гьоцIоги букIуна лъикIаб, бацIцIадаб. Гьелда цадахъго буго гьадинаб жоги – гьоцIо бакIарулеб заманалда добго клещалде ва цоги унтабазда данде гьес хIалтIизарулел рукIун ратани дараби, хвана кинабго – кинаб бацIцIалъиха букIинеб химиягун жубараб гьацIул? ГьоцIо кинаб бугебали мухIканго лъазе кIола цохIо лабораториялда. Амма нилъер гьанир ругел лабораториязда кIоларо гьединал баяназул гьез халгьабураб цо бутIа гурони кьезе. БукIине кколеб даражаялъул лаборатория тIубараб Северияб Кавказалдаго цохIо Ростовалда гурони гьечIо. Нилъер гьаниб гIадамаз хIалтIизарулел къагIидабаз загьир гьарула гьелъул физикиял гIаламатал, амма гьез бихьизабуларо гьацIул бацIцIалъи. Дагьаб мадараб хIалалда гьеб лъазе кIола 3-4 батIи-батIияб гьоцIоги цебе лъун, гьелъул хIалги бихьун. ХIасил гьабун абуни, бищун лъикIаб буго божи бугев найихъанасул гьоцIо боси.
— Кибго лъала Алтаялъул, Башкириялъул гьоцIо. Нилъералъул гьечIо гьединаб машгьурлъи…
— Гьезулаб какизе дир ихтияр гьечIо, амма нартилгун химиялъул магIишат цебетIурал Башкириялдаги Татарстаналдаги экология­лъул рахъалъ махIниги лъикIаб хIал гьечIо. Мадугьалихъ Казахстан (Семипалатинск полигон) букIиналъ, Алтаялда (тIабигIат бечедаб бугониги) буго радиация. Гьединлъидал гьел регионазда букIине рес гьечIо бацIцIадаб гьоцIо, гьелъул къадар гьениб хIакъикъаталдаги гIемер бугониги. Экологиялъул рахъалъ Дагъистан буго бацIцIадаб регион. Амма дол регионазул нухмалъиялъ пачалихъияб даражаялда кутакалда кIвар кьола найихъанлъиялде, кIудияб хIалтIи гьабула гьелъул нигIматал тIиритIизариялда бан. Нилъер гьаниб гьечIо гьелда бан гьабулеб хIалтIи. Гьелъул хIасилалда нилъер гьацIул машгьурлъиги гьечIо.
— Щиб кьолеб гочинарун наял хьихьиялъ? БитIун бугищ гьацIуда хасал цIарал (гречкаялъул, липая­лъул ва гь.ц.) лъей?
— Щибаб авалалда букIуна, аслияб куцалда, гьоцIо бакIарулеб заман ва гьеб кьолеб гъветI-хер, гьезда рекъон лъола цIарги. ТIоцебесеб гьоцIо бакIарула акациялдаса, ха­дубго щола молочай (цIакъго лъи­кIаблъун рикIкIунеб гьеб нилъер гьа­ниб гурони цоги бакIазда гIемер бу­кIунаро), хадур найихъаби гочуна магIарухъе. Гьединаб низамалъ кьола тIабигIаталъул киналго шартIал пайдаялда хIалтIизаризе рес. Буго цоги рахъ, гочинабун хьихьулеб най букIуна магIарухъ хьихьун бугеб наялдаса кIиго нухалъ къуватаб. Гьелда рекъараб букIуна гьелъул хIалтIул хIасилги.
— Найихъанлъиялъул буго гIеме­раз пикру гьабичIого толеб, амма цIакъ­го кIвар бугеб гIелмияб рахъ­ги – хасал маткаби, тайпаду­лал наял гIезари. Нилъер гьаниб кинаб даражаялда бугеб гьеб хIал­тIи?
— Беццизесеб хIал гьечIо. Цоги кинабго рухIчIаголъиялъулго гIа­дин наязулги руго жиб-жиб авал-шартIазда ругьунал тайпаби.
Нилъер гьаниб гьединаблъун букIана Серая горная Кавказская тайпа. Хадуб гьанире раччизе байбихьана цоги тайпаби, жубана хьон ва араб гIасруялъул 80-абилел соназда лъугьана гьеб тайпа. Цинги гIелмиябгун цIех-рехалъул институталъ Дагъистаналъе бихьизабуна найил 2 тайпа (дир пикруялда, гьеб букIана кIудияб гъалатI). Заманалдасан гьеб кIиябгоги хвана. БацIцIадаб тайпа бугеб бакI хутIана Европа, доба гьеб хIалтIи гьабула цIакъго тIадегIанаб даражаялда (Карлика тайпа ва тайпалъун рикIкIине бегьулеб Бекваст). ГьабсагIаталда нилъер гьанибеги гьениса раччула гьеб тайпаялъул наял. Гьелги руго лъикIаб багьаялде, мисалалъе, гIадатияб маткаялъул багьа бахуна 80-100 евроялде, жеги лъикIаб – 500-ялдеги. А классалъул тайпа бахуна 1000 евроялде. Гьеб багьаялдецин росизеги щоларо гьел. Тайпадулаб хIалтIи гьабизе, маткаби-наял гIезаризе цIакъго санагIатаб бакI буго Дагъистан, гье­лъие гьаниб буго кIиго чIинкIиллъи – Чечень ва Тюлений, ай наял жура-гъураялъе кинабгIаги хIинкъи гьечIеб. Амма гIорхъода бугеб зона хIисабалда, гьенибе нух къан буго найихъабазе.