Огь, баркаман, нигIматазул цIакълъи!

Дица рикIкIуна росдал магIишаталда хIалтIулел захIматчагIи жидерго ватIаналъул унгоунгоял патриотал кколилан. Щибха Аллагьасул рахъалдасан кириги гIадамазул рахъалдасан баркалаги цIикIкIараб букIинеб, рацIцIадал, хIалалал кванил нигIматаздалъун гIадамал хьезариялдаса? Румазул император Гай Юлий Цезарица абу­леб букIун буго: «Провинциялда тIоцевесевлъунго лъикI, шагьаралда кIиабилевлъуналдаса», ян. Дагьал церегIан соназцин гьеб пикруял­да советияб лъайгун тарбия щварал разилъулел рукIарал ратани, жакъасеб гIелалъе бокьулеб буго рахIатаб, амма щиб кваналеб, кинаб гьа­ва цIалеб бугебали лъалареб шагьар. Росдал гIумруги, гьениб гьабулеб хIалтIиги я бокьулеб, я лъалеб гьечIо гIемерисезда. ТIубан батIияб бата­на дида нилъер районалъул Сивухъ росулъа МухIамадаминовазул хъи­зан. «ЗахIматалъ берцин гьавулин инсан» абураб кици гьеле гьединал гIадамазул хIакъалъулъин батулеб.

 

 

Дир гIадат гьечIо хасаб мурадалда цо лъие букIаниги рецц-бакъ гьабу­леб. Бералда бихьаралдалъун кьезе хIаракат бахъула сундуего къимат.

Карантиналъул каникулазда ква­нил нигIматазда хадуй унаго, дун тIаде ккана, Пикапалда бичулеб росдал магIишаталъул продукциял­де. Щибаб нигIматалъул цо-цо жоги босун, дун къокъана бищун согIаб судалде цее… ХIинкъи букIана гIумруялъ хур-херги гьабурай, боцIи-панзги хьихьарай эбелалъул къиматалдаса…

 

— Огь, баркаман, нигIматазул цIакълъи! – ян эбелалъул жаваб рагIидал, босана дица къалам ко­добе, цIаруе мустахIикъаб СПоК «Баркаманалъул» хIакъалъулъ хъва­зеян.

МагIарулазул аби буго ицц бетIералдасан тIокIкIунилан. Гьеле гье­динав роцIцIараб иццул бетIерлъун МухIамадаминовазул хъизамалда вуго эмен Шагьидав. Материал бакIарулаго, гьесулгун бухьен кквезе бахъулеб хIаракат бихьун, районалъул росдал магIишаталъул управле­ниялда дида абуна МухIамадаминов Шагьидав мелиорациялъул, лъалъ­адиялъул каналал раялъул суалал тIуралев, пиринчI бекьиялда хадуб хъаравуллъиялда вугин ва сундего регIараб хIал батуларилан. Цойги абуна гьеб захIмат бокьулеб, райо­налъе, хIатта республикаялъецин пайдаяб хъизан некIого мустахIикъаб букIанин газеталда хъвазеянги. 30 сон бан буго Шагьидас росдал магIишаталда хIалтIулелдаса. Армиялде иналде цевего гьитIинав гIолохъанчи тIамун вуго гьев сахъадерил, «ЦIияб гIумру» колхозалъул завскладлъун. Гьелдаса хадуб трактористасдаса бахъараб колхозалъул председатель­лъиялде вахинегIан захIматалъулаб нух нахъа тун буго гьес.

 

 

-Шагьидав, бице нигIматал гьарулеб СПоК рагьизе кин дуда ракIалде ккараб, кинаб ахIвал-хIал бугеб производствоялда, нуж­го разияб хIалалда хIалтIи цебе билълъунеб бугищ?

— Колхоз таралдаса хадуб, бокьу­леб иш тезе кIвечIого, дица хъизан Майсаратил цIаралда рагьана ООО «Услуга». Нижер фермаялда жакъа къоялде буго 180 чIегIерхIайван, гьездасан 130 бечIчIулеб гIака. ГIун вачIана цIикIкIарав вас Мурад, пи­кру ккана гьесул цIаралдаги ферма рагьизе. Бана цо сарайги, байбихьа­на магIишат цIигьабизе. Гьале, ООО «СентIухалдаги» буго жакъа 120 чIегIерхIайван (80 бечIчIулеб гIака).

Цебе нижеца рахь бичулаан «МахIачхъала» гормолзаводалъе, 4-5 соналъги гIарац кьечIолъиялъ, бала­гьана рес Гъизилюрталда нижерго рахь ва рахьдал нигIматал гьарулеб цех рагьизе. Исана кIиго сон бала СПоК «Баркаманалъ». Гьарула ва ри­чула тIорахь, биараб ва щарил нах, хIан-нису гIадал нигIматал. ГОСТалъ тIорахьалъул – 45%, щарил нахул – 75% беэнлъи бихьизабун бугони­ги, гIадамазда нижерго нигIматазул тIагIам ва качество лъазеян, ниже­его зарал-ками кколеб букIаниги, «Баркаманалъул» тIорахьалъул буго 56% беэнлъи, щарил нахул – 82-85%. ГьабсагIат цехалъе босун буго рахь, бетараб рахь шушбухъе тIолеб обо­рудование ва цIарагI.

 

 

Араб ункъо моцIил хIисаб гьаби­дал, СПоКалъ гьабун ва бичун буго 18 т нисдал, 9 т тIорахьалъул, 5 т хIаналъул. Къойида жаниб нижеца 10-12 тонна рахьдал нигIматал гьа­рула.

Рахь босула нижерго кIиябго фермаялъул гуреб, тIанусдерил, буцIулдерил, лъегIелдерил, шатадерил, херехьдерил, гьерекIдерил аскIор ругел магIишатазулги.

ХIадурараб продукция бичула гIатIиракьалдаго, амма анкьие цо нухалъгIаги магIарухъеги битIула.

 

 

-Бугищ нуж гIадазе пача­лихъалъ гьабулеб кумек, кинал захIмалъаби дандчIвалел хIалтIулъ?

— Росдал магIишаталда хIалтIулездехун, нигIматал гьарулездехун хIукуматалъул бербалагьи цIикIкIун буго, амма цебеялдаса гьанже хIалтIи захIмат буго. Рахьдал ли­тралъул багьа буго 18 гъурущ, ха­сало 25-ялдеги бахуна, амма 2-2,5 литр рахьалъухъ щола гIицIго цо литр соляркадул, щуго литралъухъ цо тук харил. Риидал рахь бичун щванщинаб хайир уна боцIуе рагIи- хералъухъ. Нижер магIишатазда ре­цулел ракьалги дагьал гурого гьечIо. Къурушалдаса босула хер, 300-400 азарго гъурщидегIаги ккола кор­ма. Гьадин пикру гьабуни, гIакдада хадуб цIунизе кIвараб бече кколеб буго нижер захIматалъул бацIцIадаб хайир. Жакъа къоялда кварталалъе 5 миллионалде рахь ва рахьдал про­дукция бичани, хIукуматалъ кьо­ла 10% субсидия. Гьабулеб буго гIезегIан кумек, амма цо къоялъ хIисаб кьей кватIаницин тIад лъолел пенябазгун гIакIабаз, щибаб жоял­да хадуб хъаравуллъи букIинабулел органазул гIемерлъиялъ, гьелъул лъикIлъи якъинго лъазе кIоларо. Гъоркьисала цохIо налогазе кьуна нижеца 150 азарго гъурущ. Бокьараб жиндирго иш бугев чиясда жиндирго кверзул щуябго килищ гIадин лъазе ккола жакъа налогазулаб системаги, бухгалтерияги, юриспруденцияги.

КъанагIатаб ишлъун лъугьун буго хIалтIухъаби щвейги. Жакъа ни­жер рахьдал цехалда официалияб къагIидаялъ хIалтIулев вуго 6 чи. Гьезул харжаздаса рукIине кколел отчислениялги гьарула, налогалги гъоркь ккола. Фермаялда руго 6 до­ярка, 2 вехь, 2 механизатор, 3 води­тель. Жакъа дояркаялъе литр рахь­дал бечIчIун кьола 5 гъурущ, амма гIемераб къо бихьула гьеб мухьалда разиял хIалтIухъаби щвезецин.

 

ГIадамазда гьоркьобго гIадин, хIайваназда гьоркьобги гIемерал батIиял унтаби руго тIиритIун, дару- сабабалъухъги уна гIезегIан сурса­тал. Дунгоги ветврачлъун вахъанин ккола цо-цо. Рохула ветуправлени­ялъул хIалтIухъан МуртазгIалиев МухIамадица гьабулеб хъулухъалдаса, тIалаб-агъазалдаса. Районалъул ветеринарияб хъулухъалъул начальник Хъ. ГIамирхановасул тIалабчилъиялъул бербалагьиялъул хIасиллъун рикIкIуна дица районалъул ветеринаразул дурусаб хIалтIи.

 

 

-Нужер буго хъизамалъулаб биз­нес. Кин нужеда кIвараб лъимал хадур цIазе, гьанжесел гIолилазе бокьуларо гурищ къо бихьулеб, захIматаб хIалтIи?

— (Велъулаго) Байбихьуда букIунаан гьединаб хабарги. Хасго кIудияв вас Мурадил жидергун гIел бащадал тира-сверулел, рахIаталда ругин, жалин абуни боцIудаги, ре­гарилел-рецарилелги ругилан. Рес къотIун, гIака бечIчIизе чи щоларо­го, боцIуда тезе чи щоларого бугеб мех, цеве-цеве дунгоги, хадуй хъи­занги, рачун лъималгун рахъунаан гьел хIалтIаби гьаризе. Гьедин гьел­ги ругьун гьаруна захIматалде.

 

Финансазулгун экономикияб тех­никумги лъугIизабун, цIикIкIарав вас вукIана бухгалтерлъун хIалтIулев. БакIида гIодов чIараб хIалтIи, къалам-кагъат жиндие къабуллъулеб гьечIин чIана гьев цинги. Техника­ялда хIалтIизе бокьилилан. «Бокьи­леб батани, бихьинчи, ма бецаризе комбайн, ма пресс. ХIалтIуларев — кваналаро», — ян лъазабуна дица гьесда. Заманалдасан гьесул лъикIав механизатор лъугьана. Жакъа къоял­да цадахъаб хIалтIул кинабго щвал­де щун лъала гьесда, яс Эльмирада. ГьитIинал жеги цIалулел руго.

Гьезул щивасул буго бокьараб кваназе-ретIине рес, метерисеб къо­ялда ракIчIей. АльхIамдулиллагь. Лъала, дир бетIер цебеса бегани, гьез гьаб иш хвезе толареблъи.

 

 

-Баркала, Шагьидав, ниж­гун гарачIваризе заман батаралъухъ. Гьарула цебетIей нужер магIишаталъе, щулияб сахлъи нужееги гьадинал баркаманал нигIматаздалъун халкъ хьезабизе.

— Дуеги баркала нижер захIматалъул бицине къасд ккаралъухъ.