Кумек хIажат буго нилъер щивасул

Нусгоялдасаги цIикIкIун соналъ цебе Чирюрталдаса Авар ва ГIанди гIорал журалеб бакIалде шагьранух бахъизе ракIалда букIун буго пачаясул хIукуматалда. Амма граждан рагъги цогидал гIиллабиги сабаблъун, гьеб проект кагътидаго хутIанин абун бицуна. АнцIго соналъ цебе «Новое дело» газеталда хIалтIулев вукIарав Сулейман Сулеймановас хъвараб макъалаялда бицунеб букIана, анлънусго миллион гъурщиде ЧIикIаб ГЭСалъул хIорил рагIалккун нух бахъизе бегьулаанин ва гьеб мехалда гендерил тоннельги бахъизе кколароанин. Гьеб макъалаялъ ахIи-хIурги бахъинабун букIана республикаялда.
 
Кин батаниги, анкьго соналъ цебе Бузнаса нух бахъиялде тIаделъана Болъихъа Дибиров МухIамадкамил. Гьес балагьана техникаги, ралагьана хIалтIухъабиги. ХIажат букIана гIарцулаб кумек. Гьеб рахъалъ МухIамадкамилие кумекалъе вачIана республикаялъул пачалихъиял хъулухъазда хIалтIарав МухIамадов Набиюлаги. Лъабго соналъ цебего хIадурун буго Сулахъ гIор байбихьулеб бакIалда лъезе кьоги. Жакъа къоялде, нухалда харж гьабизелъун, бакIарун буго 50 миллион гъурущ. Кинаб росулъа кигIанасеб къадаралда гIарац бачIарабали мухIканал баянал руго МухIамадкамилихъги.
Лъабго лъагIелалъ цеве дун щвана гьеб нухалъухъ халгьабизе. Трактористаз гамачIгун ракьги чIехьон, цIезабулеб бугоан кIкIал. Гьеб букIана 300 метралъул халалъиги 60 метралъул гъварилъиги бугеб бакI. Гьединаб къагIидаялда кIкIалалги рахчизарун, къокълъизабулеб букIана нухлул гIаммаб халалъи.
Бузнаса нухалъул хIакъалъулъ
чанцIулго хъвана «ХIакъикъа-талъги». Гьеб буго тIолго магIарулазе хIажатаб нух, гьединлъидал нилъеца хIаракат бахъизе ккола гьелъие кумек гьабизе.
Гьеб ишалъе квербакъеян абун, дица хабар гьабуна чанги чиясулгун – районазул бутIрузулгун, ресалда ругел магIарулазулгун, къадруял жамагIатчагIазулгун. Гьезул гIемерисез рахъги ккуна. Амма камулел гьечIо, ниж гьенисан хьвадизе гьечIинги абун, чIухIарал рагIаби рехулел гIадамалги.
ЦIигьабун гIуцIиялъул соназда БежтIаса Къебедов МухIамадил хIаракаталдалъун бахъана Гуржиязул Къварели районалде шагьранух. Гьеб мехалда лъалаго лъикIлъулеб букIана халкъалъул гIумругун магIишатги.
Бузнаса нухалъулги бугеб кIвар бичIчIизе ккела нилъеда. ЛъикIаб букIинаан, нух бахъиялъе кумек гьабеян абун, щибаб росдал мажгиталъул имамас вагIза-насихIат гьабуни.