ГIилла гьечIого чIунтуларо росаби

16 декабралда «ХIакъикъаталъул» редакциялда тIобитIараб магIарулазул интелигенциялъул данделъиялда МагIарул автономиялъул нухмалъулевлъун вищарав МухIамад МухIамадовас гьабураб «МагIарул росаби чIунтулел руго» абураб каламалда тIасан бокьун буго дирго пикруги загьир гьабизе.
МухIамадица гьениб абуна: «ХIукуматалъул кумек гьечIони, захIмалъила росаби цIунизе. ЩартIал гьечIел бакIазда гIумру гьабун чIаян чиясда абуни, мадугьал гочараб мехалда жив бегьуларищ гочинеян жаваб кьезе рес буго. Амма магIарухъ росаби цIуничIони, гIатIиракьалда нилъерго мацIги цIарги тIагIуна», — ян.
Дунги рекъола гьеб пикруялда тIад. Амма буго цогидабги рахъ – магIарухъ росаби цIунизе рес гьечIолъи. Киналго гуро магIарухъа гьадинго яги бигьаяб гIумру гьабизе бокьун лъарагIлъиялде гочарал. Инсул росуги тун къватIире рахъине кколел руго чара къосиналъ. Масала, 1965 соналда эменги хун хутIана ниж, щугоял. Росулъ цебесеб гIагарлъиги нижер букIинчIо. Гьединлъидал эбелалъ хIукму гьабуна гIагарлъиялде аскIоре, Гъизилюрталде рахъине. Гьеб мехалда росдал гIадамал гIажаиблъи гьабунги рукIана: «Гьалъ гьабулеб жо щиб, ай кие, щуго лъимергун?» — ан гаргадулаан. Эбелалъ гьезда абулеб жо букIана цо – росулъ ругони, лъималазул цIалиги лъугьинехъин гьечIин, гIи-боцIуда хадур хутIизе ругин абун. Доб мехалда гьелда лъалеб букIинчIо, чанго соналдасан цогидалги гIатIиракьалде рачIине рукIин…
Доб мехалда нижер гьитIинабго росулъ лъебергоялдаса цIикIкIун цIараки букIана. Гьезие хIалицаго гIолаан рекьизе хурзалги. Гьебги букIана чабахх гIемерал, бачIин щоларел ракьал. ГIи-боцIи хьихьизеги кIудияб рес букIинчIо. КъватIире рахъун яги колхоз-совхозалъул гIи-боцIуда хадур ун, щивас гьабизе кколаан бетIербахъиялъе гIамал. Гьединаб хIалалда лъебералда хадуб цIараки хIебтIараб росулъ рес букIинчIо тIаде цIаракиял гIезеги, гIолохъабаз магIишат гьабизеги.
Росулъ абуни, хутIарав чи гIемер гьечIо. Хадубккун гIатIиракьалде гочарал гIолохъабаз бицана, мина балезе къотIизе чIалу-рахиги хутIун букIинчIила, хурул бутIаги щолароанилан. Гьединабго къварилъи букIана гьекъолеб лъелги, магъилги, цогидалъулги. Гьелдасаги нилъеда бихьула, гIадамал гIемерлъун, магIишаталъе ресал росабалъ гьечIеблъи. Рехсараб хIалалда рукIиналъ нижер ташдерил гьитIинабго кIкIалахъа тIагIана ЛъаратIа районалда рукIарал гIисинал росабиги – Синида, Нихьлида, Хьобохъ, Шидиб. ТIагIине гIемераб жо хутIун гьечIо ТIамуда, ХIокьо, ТIинчуда росабазулги. Гьединал мисалал жеги рехсезе бегьула.
Гьайгьай, гьеб суал борхизе ва гьоркьоб лъезе мустахIикъаблъун бихьула. Амма гьелдаго цадахъ цIикIкIун кIвар кьезе ккун буго магIарухъа гIодоблъиялде рачIараз гIадат-гIамалги, яхI-махIги, мацIги, культураги цIунизе ккеялдеги.