Цоял гIарац гIарацин, цоял ракьго ракьилан

ГIияхъаби рази гьарулареб  пачалихъалъул грантги, багьа цIакъго гIодобе ккараб гIиял квасги, гIиязе гIолареб «Чед»  КФХялъул мучIдулги.
Республикаялда бугеб гIиял къадар цIикIкIинабизелъун 5,8 млрд. гъурущ биччазе буго хIукуматалъ. ГIи-цIцIаназул бетIер 4,5 миллионалдаса 6 миллионалде бахинабизе ракIалда буго. 
 Гьединго гьеб гIарцул кумекалдалъун гIиязе цIиял бокьалгун ручнал разеги хIисабалде босун буго. ГIияхъабазе цогидалги санагIалъаби чIезаризе бугин хъвалеб буго гьеб баяналда. ГьабсагIаталда гьал мухъал цIаларал гIияхъаби рохун ратизеги бегьулин ракIалде ккезе бегьула. Амма гьезухъ жидехъго гIенеккараб мехалда гьел гьедигIанго рази гьечIо. 
Хунзахъ районалъул Байикь росулъа МухIудада СагIидовасул буго гьевго гIадал щуго гIияхъанасдасан гIуцIараб фермеразул магIишат. ЩуазаргогIанасеб гIиял бетIер буго жакъа гьесул бетIергьанлъиялда. ГIи хьихьизе ва гьезие хъулухъ гьабун рукIине бокьарал гIолохъаби гIемер ругин жакъа, амма гьезда квер чIвазе хIажат бугин хIукуматалъилан бицана гIияхъанас.
— Фермерасе пачалихъалъул ра­хъалдаса кьолел грантазда хадув лъугьун вукIана дун. Амма тIубанго ракIбуссинабуна гьез цере лъолел шартIал рихьидал. Мисалалъе, I0 миллион гъурущ грант щвезе ккани, цин дирго букIине кколеб рагIула ункъо миллион гъурущ. Ункъо миллион кисиниб букIарабани, дун гьезухъе грант босизейищ вачIине вукIарав? Цин цебе дахIаги ккун, лъимер махсараде ккураб гIадаб жо щай гьабулеб хIукуматалъ? ГIи цIикIкIинабизе бокьунги, гьелъ кьолеб нигIматги хIажат батани, гьабеха нижее кумек, гIадан-чи хадув гъоларел хIаял гьаричIого, — ян абулеб буго МухIудадаца.
Гьединго фермер рази гьечIо жакъа гIиядаса къунцIараб квасухъ щолеб багьаялдасаги.
— Цебе советияб пачалихъ бугеб заманалда квасул къимат букIана. Гьелъул цо килоялъухъ щолаан саламатаб гIарац. Жакъа 7 гъурщиде ккун буго квасул кило. ГIодоб бан турулеб буго квасги, гьединго хъураб чахъдадаса бахъараб цIоко-тIехьги, — ян бицана гьес.
Хъутаналде-нахъе гIи-боцIи гочинабулагоги дагьаб къварилъи бихьуларин жидедаян бицана фермерас хадубги.
— ГIи гочинабулел къоял тIаде щолаго бакIаб ургъел чIвала дида. Цере сордо базе гIи рещтIунеб бакIалда киналго бигьалъаби чIезарун рукIунаан, гIи жанибе буссинабизе  бакIги, гIияхъабаз сордо тIамизе минабиги ва гьел гурелги санагIалъаби рукIана. Жакъа гьел шартIазул цонигияб хутIун гьечIо. Балеб гIазукьги пулеб гьорокьги рогьине кколеб буго вехьас сордо. Гьебни цо ургъелин телаан. Нухда чан къварилъи дандчIвалеб? Машинаялъ чIван гIиял анцIгониги бетIер тIаса камураб мехги букIуна. 
ГIи цIикIкIинабизе гIарац биччаялда дандечIарав чи дун гуро. Амма 6 миллион бетIер гIезабилелде, цин гьабсагIаталда ругезе санагIатал шартIал чIезаруни бокьилаан. ГIиял бетIер цIикIкIинабизе нижедаги кIола, пачалихъалъ квер чIвалеб бугони, — ян абуна МухIудада СагIидовас.
МухIудадаца гьанир бицен гьабулел ругел, гIи гочинабулаго нухда дандчIвалел захIмалъаби раккиялъе аслияб гIиллалъун кколеб буго, гьанже гьел нухал гIадамазул хасаб бетIергьанлъиялда рукIин. 
1992 соналда гIуцIараб магIишат буго Гумбет районалъул ЦIиликьа чагIазул. Гьезул «Чед» КФХялъухъа  Белорусиялъ гIиял росизе ругилан хъван букIана нижеца газеталъул цересел номеразда.
Жакъа къоялда гьезул буго 2700-гIанасеб гIи. Гьезул къадар 6000-ялде бахинабизе бокьун бугин бицана гьеб магIишаталъул хIаракатчи Чумаев ГIисаца. Амма гьезул унтараб суаллъун хутIун буго эркенго гIи кваназе бегьулеб даражаялъул ракь гьечIолъи. 
— Гумбет районалда бищун ри­кIкIа­дегIан бугеб росу буго нижер, ме­гIерги кIудияб гьечIо. ГIи-боцIи кваназе гIураб мегIерги гьечIо. Советияб заманалда чачаназул магIардаса пайда босулаан нижеца, гьезулгун къотIи-къайги гьабун. ХIукумат биххун хадуб, риххана гьезулгун гьоркьорлъабиги, доба гIала-гъважаги цIикIкIана, жидерго магIарда нижеца гIи кваназабизе гьезиеги бокьичIо. 
ГIи цIикIкIинабизе бокьун батани, гьел кваназе мегIерги щай чIезабулареб хIукуматалъ? Жакъа гIемерисеб ракь буго пачалихъалъул фондалъул къайимлъиялда. Гьадин хъвартIелел нижги тун, къан ккун ракьги чIун лъикIищ бугеб, щай гIияхъабахъе кьолареб гьезие гIураб къадаралда мегIерги хъутаналда авлахъги. ГIи кваназе мукъсанаб ракь букIиналъ малъкъосун хутIун руго нижги, нижго гIадал цогидал гIухьбиги, — ян бицана хадубги Нажмудин ГIисаевас.
— Гьеб хIалалда гIи кваназабизе мегIер гьечIого хутIизе ккани, щиб гIилла гьениб бугеб?
— ГIи гIезабизе бокьун буго жакъа магIарухъ ругел гIадамазе. ХIукуматалдаса хIалтIиги щолеб гьечIеб мехалъ, киназего гуро бокьун бугеб гъурущ балагьизе Россиялъул шагьаразде хIалтIизе ине. БоцIудаса бугеб хайирги бихьун, магIишат гьабизе журан руго гIадамал. Хъутабазда гIезабуралдаса, магIарухъ хьихьараб гIиял гьан бокьулеб буго халкъалъе. Амма гIи кьаралъизе гIураб къадаралда хер бижулел мучIдул гьечIо нижер.
Гьеб суалгун районалда бугеб МФЦялдаса кагъат битIун букIана дица Мал-мулкалъул министерствоялде. Цин гьел ракьазул экспертиза гьабизе кколин жаваб бачIана гьез. Экспертизаги гьабе, суратги бахъе, нижехъеги рачIа, гьабизе кколеб хIалтIи гьезги гьабе, амма нижее ракь кье гIи кваназабизе. Гьезул гIарацги дие къваригIун гьечIо. Бищун хIажатаб жо буго эркенго мугIрузда кваналеб гIиги тIилидеги вегун ра­зи­го гьезухъ валагьун дунги. ГIи гIорцIулеб куцалъухъ валагьун дунго гIорцIун вугев гIадин вукIуна, — илан мукIурлъана гIияхъан. 
P.S. Гара-чIвари лъугIун хадубги телефоналдасан чанго нухалда кIалъан вачIана жиндие ракь щвезе кумек гьабеян. ХIакимзабазда жиндир унти бичIчIуларин, дуцаниги чIаголъи гьабе гьелъиеян абуна гьес ракI унтун. Фермерасул ракIчIун буго гьаб макъалаги цIалун, республикаялъул нухмалъиялдаса байбихьун киналго хIакимзабаз,  жиндир унтиги бичIчIун, мурад тIубалилан. БитIараб бицани, гьесие щиб жаваб кьелебали лъаларого хутIана дунги.  
РакIалде ккола Гумбет района­лъул росдал магIишаталъул управлениялъ Н. ГIисаевас борхараб суалалъе жаваб кьелилан.