«Нилъер мурад — росаби цIилъи»

Араб соналъул хIасилазулги цIияб соналде хIи­сабалде босаралъулги хIакъа­лъулъ бицунеб буго районалъул бе­тIер МухIамад ХIасановасулгун нижеца гьабураб жакъасеб гара-чIвариялда.
— МухIамад, тIоцебесеб иргаялда, баркула 2018 соналъул хIасилазда, мугIрузул районазда гьоркьоб нилъее щвараб бергьенлъи, республикаялъул нухмалъиялъ районалъул хIалтIуе кьураб тIадегIанаб къимат. Бокьилаан байбихьудасаго гье­лъул рахъалъ цо чанго рагIи абуни.
— Баркала. Гьеб буго киназего гIаммаб бергьенлъи. Гьанибго абизе ккола 2017 соналдаги ккун букIана нилъер районалъ тIоцебесеб бакI ва 2016 соналдайин абуни кIиабилеб ба­кIалде рачIун рукIана. Къокъго абуни — гьеб ккола росабазул бегавулзабигун ва жамагIатазулгун цадахъ ре­къон гьабураб хIалтIул хIасил.
— КъватIибе загьираб, халкъалъе пайдаяб гIемераб хIалтIи гьабуна районалда 2019 соналда. ЗахIмат бу­кIанищ гьел ишал рагIалде рахъинаризе? ГIамм гьабун босани, кинаблъун букIараб районалъе араб сон?
 — Цереккунисел хIасилазда рекъон, 2019 соналда гьарун руго 950 миллион гъурщиде гIагарун хIалтIаби. КъачIана ХIебда хIухьбахъиялъул парк, гьенибго гьабуна лъи­мал расандизе санагIатаб майдан. Райцентралда хъил тIуна цо къотIнобе, росдал тIасиял авалазде нухал ругеб лъабго кIкIал букIана риидалги хасалоги цIакъ санагIат гьечIого, гьел бетон тIун къачIана. Шамил имамасул цIаралда бугеб къотIнор цIидасан хIубалги чIван чирахъал лъуна. 
«150 школа» программаялдаги гIа­хьаллъун, Ругъелда, ТIелекь ва ГIурада школал къачIана. Райбюджеталдаса гIарацги кьун, къачIана 5 школалъул кабинетал, «Точка роста» программаялъул тIалабалда рекъон, гьениб оборудование лъуна. Гьединго ремонтал гьарун къачIана 9 школа (Гьандихъ, Гъоркьа Бакълъухъ, ТIогьохъ, Гъогъолъ, ТIаса Бакълъухъ, Къваниб, ТIидиб, ТIелекь, ГьентIа, ГIуриб). 
Районалъул киналго гьоркьохъел школазе хIажатаб оборудованиеги босун, ремонталги гьарун, къачIана медициная­лъул кабинетал. ЦIияб ГIу­рада росулъ бан рагIалде бахъунеб буго 320 цIалдохъанасе бакI бугеб школа. «Школьный автобус» программаялда рекъон, 2019 соналда районалъул школазе бачIана 6 цIияб автобус.
Лъуна ТIидиб ва Микьигьориб росабалъ цIиял лъел мухъал. Ми­кьигьориб-ГIуриб лъел мухъ къачIан лъу­гIизабун бажаричIо. ЦIекIоб, ГIурада ва ХIотода къачIана лъел мухъал. Генерал-полковник МухIамад Тан­каевас 100 сон т1убаялде бан рагIалде бахъинабун хIалтIизе кьуна цIияб музей.
Хъилги тIун къачIана 2 км Гьо­локь-ТIелекь, 3,5 км ХIотода-ТIидиб шагьранухал.
— Басрияб соналъул хIасилазда цадахъго хIисабалде босула цIияб соналъ гьабизесебги хIалтIи. Исана церечIарал масъалаби, бищунго кIвар кьезесел рахъал кинал ругел?
— 2020 соналде руго гIезегIанго планал. Гьебго «150 школ» программаялда Гьоор, ГIасаб ва ХIотода школал къачIай, КъахIиб ва Могьохъ цIиял школал рай, ракIалда буго НитIаб, Датуна ва Дагъбаш школазда ремонтал гьаризе, Гьолокь ва Бакълъухъ росабалъ ясли-ахазда цIиял группаби рагьизе. Жеги лъезе руго ХIебдабе ва ГьентIабе цIиял лъадал мухъал. Хучада клуб къачIай, Дагъбашалде кьо бай гIадал хIал­тIаби руго. Нухал къачIазе руго ТIелекь, Къа­хIиб-Гьоор, ГIуриб-Ми­кьигьориб-ТIо­гьохъ, Ху­ча­да-ЦIекIоб-Лъануб росабалъе. 
Кинабго гьабулебщиналъул мурад буго нилъер росаби цIилъи, гIадамазул рукIа-рахъин, яшав лъикIлъи, районалъул гьумер берцинлъи, магIарухъ гIумру гьабизе ракьцоязул гъира цIи­кIкIин. Цоцахъги гIенеккун, цадахъ лъугьун гьаруни, жеги чанги лъикIал ишал рагIалде рахъина нилъер. Аллагьас къуватги кьеги нилъее.