ЧIагояб шагьаралъул гIурччинаб рагIад

ЦIияб Хушет поселокалда бугеб «Декоративные культуры» ЗАО ккола гьаб заманалда къанагIат гурони гьечIел магIишатазул цояб. Гьал къоязда гьелъул директор Халид Халидбегов вачIун вукIана редакциялде гьоболлъухъ ва гьесулгун гьабураб гара-чIвари бахъулеб буго гъоркьехун.

— Халид, кида ва щиб мурадгун гIуцIараб дуца нухмалъи гьабулеб магIишат-питомник?
— Декоративиял гъутIбузул, хъархъазул, тIугьдузул рекьулел материалал гIезариялъул мурадалда, 1977 соналдаго гIуцIун букIана гьеб.
— Нужер мисалалда хIалтIулел магIишатал гIемер ругищ Дагъистаналда?
— «Горзеленхоз» гIуцIиялъул букIана ва гьабсагIаталдаги буго жидерго питомник. Гьеб буго Дербент районалъул «Самур» лесхозалъулги. Амма наккугIанги гIемер руго цогидал регионаздаса, къватIисел пачалихъаздаса босун нилъер гьениб гьеб бичулел, батIи-батIиял цIаразда гъоркь хIалтIулел ругел «озеленителал – дизайнерал».
— Жакъа къоялда щиб гьоркьобе бачунеб нужер питомникалъ, лъица босулеб хIадур гьабураб материал?
— 50 гектар ракьалда гIезабула гьеб. ХIалтIухъабазул вуго къогогIанав чи. Нижер хIалтIи буго, аслияб куцалда, квераз гьабулеб. Гьединлъидал техникаги нижее гIемер хIажалъуларо. Гьеб босула нилъер шагьаразул предприятияз, организацияз, больницабаз, школаз, жалго гIадамаз.
— Щиб заманалда гьеб бичулеб ва исана кигIан къадар гьелъул бичараб?
— Бичула риидалил моцIаз ва октябралдаса байбихьун декабрь лъугIизегIан. Исана нижеца гьеб бичана цо млн гъурщиде.
— ГIурччинлъиялъул рахъалъ МахIачхъалаялда бугеб ахIвал-хIал кинаблъун бихьулеб дуда?
— Нормабазда рекъон, шагьаралда гIумру гьабун вугев цо чиясе букIине ккола гIурччинлъиялъул 20-25 кв метр. КIудияв специалист гьечIониги, бичIчIизе кIола хIажаталъул 30 процент гурони нилъер гьаниб гьечIеблъи.
— Советияб заманалда тахшагьаралда букIана гIемераб гIурччин-лъи. Щиб гIиллаялдалъунха гьанже гьадин ккараб?
— Доб заманалда кирго рукIана хIалтIи лъалел ва хIалтIулел специалисталги, гIадлу-низамалъул магIна бичIчIулел, жавабчилъи бугел хIакимзабиги. Дир пикруялда, гьаб заманалда пачалихъалъул идарабазда цIакъго дагьлъун руго лъугьун бугеб хIал бичIчIулел, гьеб хисизабизе бажари бугел хIалтIухъаби. БукIине кколеб хIалалда шагьар гIурччин гьабулеб букIарабани, нижер гIадинаб магIишат гьаниб къваригIунаан 10, ялъуни нижераб кIодо гьабизе кколаан 10 нухалда.
— Тахшагьаралда гIемерлъулел руго жалго бетIергьанал предприятиял, батIи-батIиял кIалгIаби. ГIурччинлъиялъул тIалаб букIу-нищ гьединазул рахъалдасан?
— ГIемерисезул букIунаро. ТIалаб бугезги, дизайнеразул кумекалда-лъун, гьеб бачIинабула къватIисел пачалихъаздаса. БачIараб мехалда гьеб букIуна берцинаб, чIухIараб, амма кIиго-лъабго лъагIалидасан лъугIула гьелъул иш. Масала, гIурус учительницаялъе бараб памятникалда аскIор чIун рукIана батIи-батIиял тайпабазул берцинал гъутIби. Гьанже кирха гьел ругел? Киналго ракъвана, нахъе рехана. Гьединал мисалал гIемер руго.
— Мисалалъе, пуланав дагъистаниясе къваригIун буго декоративияб гъветI ялъуни хъарахъ босизе. Щиб гьес гьабизе кколеб?
— Гьев вачIине ккола нижер питомникалде. Гьениб нижер специалистаз гьесда рихьизарула батIи-батIиял гъутIби, хъархъал, тIугьдул, кьола бокьараб баян, гьабула хIажатаб кумек. Баянал мухIкан гьаризе бегьула гьаб номералде 8.989-881-31-93 кIалъанги.