ГIарац гьечIолъиялъ квералги «рухьун»

ЖамагIаталда мугъчIвай гьабиялъ цIикIкIана хIалтIул рахъин

 

Росу-жамагIат ккола цо кIудияб хъизам. Росдал бегавулги ккола гьеб хъизамалъул эмен гIадав чи. Гьединлъидал гьесде тIаде ккола хъизамалъул масъалаби тIуразариялъул ишги, «лъималазул» гIумру-яшав лъикIлъизабиги.
Росдал бегавуллъун вукIаго жамагIаталъе щиб гьабун бажарараб, кинал суалаз жакъа рахIатхвезабун бугеб, кинал ругел церечIарал масъалаби? Гьел ва цогидал суалалги рорхун, нижеца гара-чIвари гьабуна Хасавюрт районалъул Кокрек росдал бегавул Мирза МуртазагIалиевасулгун:

— Мирза, рачIа байбихьизин Кокрек росдал тарихалъул бициналдасан.
— 1944 соналда чачаназул ракьалде хIалгьабун гочинаруна Рилъаб, ЧIилда ва Чанаб росабазул гIадамал. Чачанал тIадруссине байбихьидал, гьел Дагъистаналде рахъине ккана. Гьезул хIукму ккана колхозазул гIи-боцIиялъ хасел тIамизе хIукуматалъ кьун букIараб авлахъалда росу базе. Мина базе цо хъизамалъе хIукуматалъ кьолаан 1500 гъурущ ва, кумек хIисабалда, кьолаан цIул-цIа, шифер.
1958-1959 соназда 150 хъизама-лъухъа бажарана жидеего санагIатал минаби ран. ГIуцIана колхоз, хадуб гьеб сверизабуна цIибил гIезабулеб совхозалде. Чанго соналдасан, «совхоз-миллионер» абун, гьелъул цIар Дагъистаналдаго тIибитIана ва гIадамазул гIумру-магIишат цебетIуна.
1990-абилел соназда байбихьана совхозалъул магIишат кIалагъоркье чIвазе. ЦIибил бахъ-бахъун бана, хIалтIул бакIал дагь гьаруна, халкъалъул бечедаб магIишат биххана, хвана, бикъана, бикьана. Жакъа росдал гIадамал руго кIварас кIвараб, щварас щвараб гьабун. Аслияб куцалда гIумру-яшав бараб буго жидерго ракьалда гIезабураб бачIиналда, даран-базаралда, пенсия-пособиялда.
— Кинал росаби унел администрациялде гьоркьоре, чан чи вугев гIумру гьабун, щиб миллата-лъул чагIи гьел кколел?
— Кокрек росдал администрациялде гьоркьобе уна Кокрек ва Къарланюрт станция росаби, гьенив гIумру гьабун вуго ичIазаргогIанасев чи, гьезул 99 процент буго магIарулазул. Аслияб куцалда гьел ккола ЧIарада, ГIахьвахъ, Хунзахъ, Болъихъ, Казбек районазул гIадамал. Руго дагьа-макъал гIурусал, татарал, чачанал, даргиял ва лъарагIал. Районалъул цоги росабазде дандеккун, Кокрек ва Къарланюрт станция росабазул гIадамал руго цоцалъ рекъарал ва цоцазе кумекалъе рахъунел чагIи.
— Мун хъулухъалда вугеб 12 соналда жаниб росдае щиб гьабун бажарараб?
— Гьарурал хIалтIабазул сияхI халатаб буго, гьединлъидал рехсела росдае цIакъго кIвар цIикIкIарал. ХIукуматалъ биччараб 600 азарго гъурущги харж гьабун, жамагIаталъул кумекалдалъун жаниса бацIцIана аслияб канал, росдал администрациялъул 300000 гъурущги харж гьабун, бацIцIана кIиабилебги канал.
ЖамагIаталъул гIи-боцIуе ветеринариял тадбирал гьариялъе бана кIиго рочон, хварал хIайванал ралеб хасаб бакI, сверун къараб кьишни балеб хасаб бакI, рагIа-ракьанде щун къачIана росулъ бугеб ункъо кьо, 420 азарго гъурущги харж гьабун, Кокрек ва Къарланюрт росабазда гьоркьоб бана цIияб кьо.
ЖамгIиял хIалтIабазулъ кIудияб бутIа лъуна ГIандиса ГIумаханова Айзанат абулей гIаданалъ. Кьо базе гьелъ кьуна 80000 гъурущ, 10-20-30 азарго гъурщил кумек гьабурал чагIиги ккана. Пенсиялда йигей ГIалиасхIабова ПасихIатица 300 азарго гъурущги харж гьабун бана кьо. 1965-1970 соназ бараб росдал администрациялъул мина букIана басралъун, жаниве чи вачине нечараб хIалалда. Гьанже балагьеха, кIиго миллион гъурущги харж гьабун, берккезе хIинкъараб къагIидаялда къачIана. 500 азарго гъурущги харж гьабун бана «ХъахIал къункъраби» памятник…
— Росдал бегавуласул бетIер унтизабулел масъалабилъун рикIкIуна токги, газги, нухалги…
— Гьел ккола киса-кирего ругел масъалаби. Гьеб рахъалъ нижее хIукуматалъул кинабгIаги кумек щвечIо, дица нухал ратун, росдал гIадамаз жидецаго харжал гьарун тIуразаруна масъалаби. Масала, Къарланюрт росдал гIаммаб ракьалдасан ункъо ракьул участок бичун щвараб гIарцудалъун ва гьеб росдал жамагIатчагIазул жигаралдалъун бачана гьенибе токги газги.
Кокрек росдал басриял авалазда гьечIо токалъул бицине гIураб масъала, цIияб авалалда букIуна токалъул къуват гIоларого. Рес бугеб жо гьабулеб буго, масала, жамагIаталъухъа гIарацги бакIарун дагьаб цебе босана цIияб трансформатор, унел руго гьеб рекъезабиялъул хIалтIаби.
ГIумаров СагIаду вуго токалъул хIалтIи лъикI лъалев чи. Ток аниги, гьелъул алатал къачIазе кканиги гьев ахIула ва СагIадуца тIубала гIадамазул мурад. ЖамагIаталъул рахъалдасан гьесие баркалаги буго.
Советияб заманалда цIибил лъалъазе гьабураб хIорихъан жибго чваххун бачIуна росулъе гьекъолеб лъим.
Районалъул цогидал росабазде дандеккун, нижер руго цIакъ лъикIал нухал. Нижер букIана сов-хоз-миллионер. Совхозалъ росдал киналго нухазде хъил тIун букIана, гьеб жеги хун гьечIо.
Росу тIубанго газалдалъун хьезабун буго, гьениб кинабгIаги гIарз букIунаро.
— Росабазул бегавулзабазул гIарз букIуна росулъ хIалтIи гьечIого гIемерал гIолохъаби ругин, гьединлъидал камулеб гьечIин гьекъел-мехтелалъул, наркотикал хIалтIизариялъул хIужаби, цо-цо нухалда гъалмагъирги…
— Кокрекалъулал ккола, аслияб куцалда, росдал магIишаталда рухьарал чагIи. Щибаб хъизамалъул буго ах-хурги, гIи-боцIиги, гIанкIу-хIелекоги.
ГIолохъабаз картошка бекьизе ижараялъе росула аскIор ругел Узунотар, Андрейаул, Байрамаул, Муцалаул росабазул ракьал. 50-100 гектаралда картошка гIезабулел гIолохъабиги руго.
Гьединлъидал нижер гIолохъа-базул заман гьечIо гьекъел-мехтелалде ва наркотиказде руссун чIезе.
— Фермерлъиялъул чан магIи-шат бугеб, СПКялда рухIго бугищ?
— Буго МухIамад ГIабдулмажи-довасул (совхоз-миллионералъул вукIарав председатель) цIаралда бугеб СПК. Аслияб къагIидаялда СПКялъ гIезарула могьолал культураби. Кибго гIадин, нижер СПКги цIакъ загIиплъун буго, кватIичIого гьеб пакъир тарихалде инилан ккола.
Нижер кIиябго росулъ батила, гIага-шагарго, 25-30 фермерлъия-
лъулаб магIишат. Масала, МухIамадов ХIасанил буго жиндирго хъизамалъул фермерлъиялъулаб магIишат, амма бачIин бакIарулеб мехалъ гьес хIалтIизе вачуна 30-40 чи. ГIалиасхIабов Баширил буго 12 гектаралда гIуцIараб ахихъанлъиялъул фермерлъиялъулаб магIишат.
Къарланюрталда буго Асадулаев Ибрагьимил чIегIербоцIи гIезабулеб фермерлъиялъулаб магIишат. Анд-рейаулалда анцIго гектар ракьги ижараялъеги босун, гьес бана ферма, буго хер бецулеб бакIги.
— Кинал ругел исана тIуразе кколел суалал ва церечIарал масъалаби?
— ЗахIмалъабиги нахъе тIамун тезе бегьуларел масъалабиги гIезегIан руго. Бищунго захIматаб ккола бюджеталъул суал. ГIарац бугони, магIарда ахги гьабулин абула. Беццаб бадиса бачIунеб магIу гIадаб гурони гIарац хIукуматалъ кьолеб гьечIолъиялъ захIмалъулеб буго росуцоял разияб хIалалда хIалтIи гIуцIизе. Планалда буго Кокрек росдал клубалъул минаялда ремонт гьабизе, гьекъолеб лъел басралъарал мухъазул рогIрал хисизе, чара гьечIого хIажат буго хIор сверун къазе, гьенив хъаравул тезе, канлъи чIезабизе. Кокрекалъул кIиго сменаялда хIалтIулеб росдал басрияб школалда вуго 800-гIанасев цIалдохъан. Бищунго захIматаб масъала ккола чамалиго соналъ балаго нухда хутIараб цIияб школалъул мина лъугIизаби.
Токалъул кварал руго бихьизабураб заманалдаса лъабго-ункъо нухалъ цIикIкIун хIалтIарал, ай 20 соналъ церего хисизе кколел рукIарал.
КIудияб къварилъи буго лъалъаялъе хIалтIизабулеб лъим гIоларого. Абулеб буго лъехъ гIарац кьезе кколин. Лъехъ гIарац кьуни, ракь хIалтIизабиялдалъун гIадамазе щиб пайда кьезе бугеб?
Нури Нуриев