ХитIабалда тIасан пикраби

Нугъаялдаса гьанги Унсоколоса ахбазанги

Дагъистаналъул лъалъазе кколеб ракьалъул 120 азарго гектар лъалъалебго гьечIо

Экономикиябгун социалияб гIумруялъул хIакъикъат бичIчIулел специалистазул цо-цояз абула Дагъистан цебетIезе ккани, чара гьечIого кIвар кьезе кколин ункъо бутIаялде: росдал магIишаталде, энергетикаялде, туризмалде ва транспорталде (гIорхъода рукIинги, хинаб ралъдал рагIаллъиги хIисабалде босун). Ункъабго бутIаялъул руго жидее хаслъи бугел щулиял кьалбалги (+), руго кьучI жагъалал далилалги (-). Кин бугониги, гIемерисез букIинесеб бухьинабула росдал магIишаталда – нилъер гьаниб буго кинабго рахъалъ рекъараб гьава-бакъги, тIад хIалтIи гьабун хадуб лъикIаб хIасил кьолеб даражаялъул гIемерисеб ракьги, гIемерал гIадамазул рукIа-рахъинги буго гIи-боцIухъанлъиялда, ракьул хIалтIабазда хурхараб. Гьелъу­л ракI­чIараб букIинеселда щаклъи гье­чIолъиялда цадахъго, ахирал со­назда гьелъ рихьизарулел руго гIе­зегIан лъикIал хIасилалги, хасго гIи-боцIухъанлъиялъул бутIаялда. Халкъияб Собраниялде республикаялъул бетIерас гьабураб исанасеб ХитIабалдаги росдал магIишаталда бугеб ахIвал-хIалалде буссинабуна кIудияб кIвар ва хасаб бербалагьи гьабуна гьелъул чанго рахъалде. ТIоцебесеб, гIезарурал нигIматазул гIаммаб къадар гIемерго цIикIкIаниги, гьелъул нилъер гьаниб къачIалеб бутIа жеги буго цIакъго гьитIинаб: овощазул – 1 процент, пихъил – 6 процент, гьанал – 6 процент, рахьдал – 10 процент.
КIиабилеб, кIудияб масъала буго гIезарурал нигIматал цIунизе бакIал, цIияб тайпаялъул централ-складал гIоларого рукIин.
Лъабабилеб, гьанал тIалаб цIи­кIкIиналда бан баккулеб буго кIиго суал – къватIисел пачалихъазде унеб гьанал къадар цIикIкIиналда (2018 соналда жаниб къого нухалъ) цадахъго нилъер гьаниб гьелъул багьа цIакъго бахине биччангутIи ва, жакъасеб къоялъул тIалабазда ре­къон, кIалцIи-хер хIадури гIатIид гьаби.
Ункъабилеб, лъалеб хIужа буго гIи-цIцIаназде гьан бахуна риидал мучIдузда ругеб заманалда, амма гьелъул кIудияб бутIа камула нухда, хасало гIодоблъиялде гочинабулаго. Гьоркьохъеб хIисабалда, хасало гIодоблъиялде гочинабула гIи-цIцIаназул 1,3 млн бетIер ва нухда (цо моцIгIанасеб заман) камула гIага-шагарго 7 азарго тонна гьанал (гъоркьиса Ираналде нилъеца бичана 4,2 азарго тонна). Гьединлъидал жавабиял идарабазул хIалтIухъаби ургъулел руго магIарухъго гIи хъун бажарулел ресал ралагьиялда тIад. Гьел тадбиразе исана бихьизабун буго 150 млн гъурушги.
Щуабилеб, пайдаяб куцалда магIишатияб ракь хIалтIизаби ва лъалъалел ракьазде хасаб кIвар кьей. Дагъистаналда буго лъалъалеб ракьалъул 400 азарго гектар, амма хIакъикъаталдайин абуни гьелъул лъалъалеб буго лъабго бутIа гьабун кIиго бутIа. Гьебго заманалда ни­лъер гьанир гIезарурал нигIматазул 70 процент буго лъалъалел ракьазда бижараб, гьелъги якъинго бицуна гьединал ракьазул пайда букIиналъул хIакъалъулъ. Гьединлъидал чара гьечIого хIажат буго гьел ракьазул даража борхизабизе, гьенир мелиорациялъул хIалтIаби гьаризе ва гьел хIажатаб къадаралда лъедалъун хьезаризе. Исана гьел тадбирал тIураялъе 500 млн гъуруш хIисабалде босизе хIукуматалда тIадкъана респуб­ликаялъул бетIерас. Гьал тIадехун рехсарал, республикаялъул бетIерас ХитIабалдаги рорхарал масъалаби дандразе Росдал магIишаталъул ва кванил нигIматазул министерствоялъ 27 марталда миллияб библиотекаялда тIобитIана кIудияб данделъи. Гьелда гIахьаллъана Росдал магIишаталъул ва кванил нигIматазул, Лъел магIишаталъул министерствабазул нухмалъи, Халкъияб Собраниялъул аграрияб комитеталъул председатель, районазул бутIрул, росдал магIишаталъул управлениязул, гIаммал ва фермеразулал магIишатазул нухмалъулел. Данделъи рагьарав ва нухда бачарав росдал магIишаталъул ва кванил нигIматазул министр ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовас бицана мелиорациялъул, лъалъалел ракьазул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ, рехсана росдал магIишаталда бугеб ахIвал-хIалалъул гIаммаб баян ва киналго гIахьалчагIи ахIана чIагояб ва чIванкъотIараб гара-чIвариялде. Мелиорациялъулаб хIалтIул (ракь лъалъаялъе бугеб гIаммаб хIалтIи – цIиял каналал рахъи ва басриял къачIай, лъим бикьулел, рекъезарулел шлюзал лъей ва гь. ц) ва лъалъалел ракьазул бугеб хIалалъул, гьезул ра­хъалъ ругел программабигун планазул хIакъалъулъ бицана кIалъазе рагIи кьурав министерствоялъул механизациялъул отделалъул начальник Нисред Нисредовас. — Дагъистаналъул магIишатиял ракьазул 90 процент буго тIабигIияб лъим, реччел къанагIатаб. Гьединлъидал гьеб ракьалъул пайда, гьелъ кьолеб бачIин цIикIкIинабиялъе ругел хIужабазул аслияблъун ккола гьеб лъедалъун хьезаби. Жакъа бугеб куц босани, лъалъалел ракьазул 212 азарго гектаралда (53,6 процент) лъел каналазул ва коллекторазул техникияб хIал буго цIакъго гIодобегIан даражаялда, лъалъазе кколеб ракьалъул 120 азарго гектар лъалъалебго гьечIо. Гьел суалал тIураялъул мурадалда тIадеги 500 млн гъуруш биччана. Гьеб буго цебехун киданиги букIинчIеб кумек. ГIарац биччан буго магIишатазда (гIодоблъиялда ругел) жанир ругел мелиорациялъулал каналал цIигьариялъе, къачIаялъе ва Гъизляр зонаялъул хIарибакIал лъедалъун хьезаризелъун гьенир цIиял буругъал рахъиялъе. Рехсарал хIалтIаби гьарулаго магIишатазул арал харжазул 70 процент пачали­хъалъ тIадбуссинабула. Гьеб программаялда гъорлъе лъугьине бокьараз ва гьединаб рес бугел магIишатаз гъира букIин загьир гьабизе ккола 20 апрелалде щвезегIан. ЦебечIараб, гьабизе бугеб хIалтIул проекталъу­лабгун сметаялъул документация лъугIун букIине ккола тIоцебесеб августалде щвезегIан. ХIажатаб хIалтIи тIубазе ккола 20 ноябралде щвезегIан. Киналъего бихьизабураб заман гIемераб гьечIо, амма гьелъие батIияб ресги гьечIо, — ян бицана Н. Нисредовас.
Биччараб гIарцуда рекъон хIалтIи гIуцIизе кIвани, гьелъ рес кьезе буго ракIарулел ва гIезарулел нигIматазул къадар гIемерго цIикIкIинабизе. Мисалалъе, 2020-2024 соназда жаниб 37 азарго тоннаялъ цIикIкIине буго къватIисел пачалихъазде унеб пиринчI (гьабсагIаталда нилъер пиринчI уна Тажикистаналде, Казахстаналде, Азербайжаналде, чанго азарго тонна босизе тIалабал гьарулел руго Турциялдаса) ва микьазарго тоннаялъ гIиял гьан (гьабсагIаталда Ираналде уна ункъазаргогIанасеб тонна). Хадур кIалъазе рахъарал росдал магIишаталъул управлениязул ва магIишатазул нухмалъулез, цогидал специалистаз рорхарал суалазда рукIана гьадинал тIалабал.
— Программаялде гьоркьоре лъугьине бокьарал магIишатазул букIине ккола кадастралъулаб хъвай-хъвагIай;
— программаялъ тIубазе буго магIишатазда жаниб бугеб мелиорациялъулаб хIалтIи, бегьуларищ гьединабго программа магIишатазда гьоркьор ругел каналалгун коллекторал къачIаялъеги гIуцIизе;
— советияб заманалда рукIарал чIахIиял магIишатазда жанирги гIуцIун руго чанго гьитIи-гьитIинал магIишатал, кин тIубазе бугеб гьезул хъулухъ;
— щибаб магIишаталъ жинди-жиндир ракьалда гьеб гьабичIого, бегьуларищ гьелъие цо хасаб, киналго магIишатазда жаниб мелиорациялъу­лаб хIалтIи тIубалеб организация гIуцIизе;
— гьабизе бугеб хIалтIул проектал рахъи буго багьаяб хIалтIи, бегьуларищ гьеб рахъалъги пачалихъалъ магIишатазе квербакъизе;
— гьабураб хIалтIул 70 процент пачалихъалъ тIадбуссинабулеб бугелъул, бегьуларищ гьеб гIарцул цо бутIаниги цебеккунго магIишатазе кьезе.
Унсоколо районалъул бетIер ГIиса НурмухIамадовас абуна гьадин: «Программаялъ хIисабалде босун буго гIодоблъиялда бугеб ракь. Амма мугIрузул районазеги бугелъул лъел рахъалъ къварилъи. Щай гьездехунги кIвар кьолареб, цохIо гIиял гьанги кун гIоларелъул, гьелдаго хадуб къваригIунелъул ахбазанги микьирги», — ян.
Данделъиялъул хIасил гьабурав ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовас тIадкъана тIадехун рехсарал киналго суалал къалмикье росизе. Киналго гIахьалчагIаздаги гьес лъазабуна «Меркурий» системаялде лъугьиналъул суалал хехаб хIалалда тIураялде рачIине кколин. РакIалдещвезабуна исана хасел хинаб букIиналъул хIасилалда гарцIалъ гучал ва балагьал гьужумал гьаризе рес букIиналъул. ТIадаблъун гьабуна гьелде дандечIеялъул тадбиразде гьанжего хIадурлъи гьаби. Гьесго баян гьабуна апрелалъул кIиабилеб шамат къо, тIолабго Дагъистаналдаго росу-ракь, хъутаби-гIалахал рацIцIад гьариялъул мурадалда, субботниклъун лъазабун букIинги.
ГIабаш ГIабашилов