РитIучIазул нух

КъотIарал лълъурдузул цо кило бичула 10 азарго гъуршиде

 

Дагъистаналда гIезегIан руго ба­тIи-батIиял тайпабазул гIаммал ма­гIишатал (СПКял, агрофирмаби, ГУПал ва цогидалги). Гьездаго гьоркьоб буго хасаб хаслъи бугеб магIишатги — Алмахъ росдал «Алмахъский» совхоз (ООО). Гьенир хьи­хьула пантабазе гIоло (къиматал дараби гьаризелъун хIалтIизарулел лълъурдул) хасаб тайпаялъул ритIучIал. Гьединабго магIишат буго гIицIго Алтаялдаги (краялда ва республикаялда).
Унтарал сахгьариялъе гьезул ру­гел ресалги рекъарал тIабигIиял шартIал рукIинги хIисабалде босун, турказул инвесторазул гIахьаллъиялдалъун, ракIалда буго совхозалъул ракьалда «Туристазулгун сахлъи щула гьабиялъул комплекс» базе. Гьелъул ва гьабсагIаталда совхозалда бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ бицун нижеца гара-чIвари гьабуна редакциялде гьоболлъухъ рачIун рукIарал совхозалъул директор Зинат Лугуевалъулгунги ва «Сиде-су» абураб турказул фирмаялъул вакил Зугьайрат Сатираевалъулгунги.

Алмахъалдасан байбихьила

— Зинат, гьабсагIаталда совхозалъул гIаммаб сипат-сурат кинаб бугеб?
— ГьабсагIаталда нижер буго 1380 бетIер ритIучIазул. Буго гьезие бихьизабураб 833 гектар ракьалъу­л. Нижер буго микьго гектаралда чIараб гIечул ах, 83 гектар ккун буго цIулакьодул рохьаз, 340 гектар — харибакIаз. Совхозалда вуго 17 хIалтIухъан, сезоналъул заманалда гьел тIадеги рачине ккола. Дун сов­хозалда хIалтIулей йиго 1998 соналдаса нахъе (бетIерай бухгалтер), 2009 соналдаса нахъе йиго директорлъунги.
— Кин ракIалде ккараб ритIучIал хьихьизе?
— ТIоцере гьанире гьел рачIана 1974 соналда Кабардино-Балкариялдаса. Доб мехалда гьениб букIана ритIучIазул магIишат. Гьанже гье­лъул хутIараб жого гьечIо. Гьезие цIакъ рекъана нилъер ракь, кутакалда данде ккана шартIал, гьава-бакъ.
— Кин нужеца хIадур гьарулел пантаби (лълъурдул), хадубккун щиб гьезда гьабулеб?
— Санайил 1,2-2 см. гъоркьги тун, лълъурдул къотIула. Гьеб хIалтIуе бихьизабураб хасаб заманги буго ва гьелдаги абула «панторезная компания» абун. Гьеб халатбахъуна 15 июналдаса 15 июлалде щвезегIан. КъотIула ветеринариялгун зоотехникиял хIалтIухъабиги гIахьаллъун, 2,5-3 сонил ригьалдаса 16 сонил ригьалде щвезегIан ругел ритIучIазул лълъурдул. Гьоркьохъеб хIисабалда цо-цо ритIучIалъ кьола пантазул 280-300 грамм. Гьел росизе нижехъе рачIунелги рукIуна, амма, аслияб куцалда, нижеца гьел ритIула Москваялде, гьелъул дараби гьарулеб «Фермент» ЗАОялде.
— Щиб багьаялде гьел ричулел?
— Гьеб бараб букIуна пантазул сор­талда. Гьоркьохъеб хIисабалда, цо кило бичула 10 азарго гъурщиде. КъватIисел улкабазе бичизе рес букIарабани, лъикIаб сор­та­лъул килоялъухъ щвезе букIана азаргоялдасаги цIикIкIун доллар. ГьабсагIаталда гьединаб рес гьечIо. Москваялда гурони гьеб къачIалеб бакIги гьечIо. Гьединлъидал нижее бокьун буго, Алтаялдаса специалисталги ахIун, гьелъул продукция нилъер гьаниб къватIибе биччалеб хIал гьабизе.
— РакIалда бугищ ритIучIазул къадар цIикIкIи­набизе?
— Пантаби къачIайги росулъго гIуцIизе, гьезул дараби гьарулеб цехги рагьизе ракIалда бугелъул, бегьилаан къадар цIикIкIинабизеги. Амма буго цо масъала – ритIучIалъе къваригIуна 1,5 гектар ракьалъул. Гъоркьиса чIагоял ритIучIал ричана Алтаялде (эпидемия щун, доба гьезул къадар дагьлъун букIун), жеги цере ричана Сочиялъул, Астраханалъул, Югалъулаб Осетиялъул заповедниказеги, амма нижерго къадар гIодобе ккезе течIо. Санайил нижецаго хIадурула 300-гIанасеб тонна харил, Хасавюрталдаса босула хасаб, цIамги витаминалги гъорлъ бугеб кIалцIиги.
— Гьан-рахь гIемер кьолищ ри­тIу­чIаз?
— Хас гьабун гьанае нижеца гьел хьихьуларо, хъола заман барал, нахъе тезе хIажалъи гьечIел. РитIучIалъул гьан буго беэнлъи гьоркьоб гьечIеб, къиматаб. Рахь кьезе, гIалхулал ругелъул, гьел речIчIуларо, ругьун гьарун хадуб, щиб лъалеб, кьезеги бегьула.
— Берцинаб хIалалда гьеб магIи­шат­гун ругел нужее щай хIажат бу­геб «Алмахъ» комплекс?
— 2004 соналда нижеца ахIун рукIана Алтаялдаса специалистал. Гьаниб бараб кIиго моцIида жаниб гьез халгьабуна киналъул­го, ва гьезда лъикI рихьана нижер шартIал (тIабигIат, гьава-бакъ, ритIучIазул бугеб ахIвал-хIал). Гьеб киналъул­го хIасилалда, гьез гIакълу кьуна гьединаб комплекс базе лъикIаб букIинаанин абун. Гьелдаса нахъе ниж гьеб масъалаялда тIад хIалтIулел руго ва 2013 соналда тIобитIараб туризмалъул форумалда проектги цебелъуна. Хадуб проект битIана Москваялде. Дагъистаналдаса гьенибе битIараб щуго проекталда гьоркьоб гьелъ ккуна тIоцебесеб бакI ва гьеб бачана Дагъистаналда туризм цебетIезабиялъул мурадалда гIуцIараб федералияб программаялде гьоркьобе. Хадуб ккана дагьабго лъалхъи. Гъоркьиса, ДРялъул хIукуматалъул председатель Артем Здуновасул тIадкъаялда рекъон, экологиялъул ва тIабигIиял сурсатазул министр Набиюла Гъарачаевасул нухмалъиялда гъоркь нижехъе бачIун букIана кIудияб делегация. Гьезда битIараблъун, тIубазе кIолеблъун ва кколеблъун бихьана нижер проектги. Гьанже рагьана нух — буго проект, экспертиза, хутIана хIалтIи байбихьизе. Дагъистаналда исанасеб туризмалъул сезон рагьи байбихьизе буго Алмахъалдасан (апрель моцI), гьениб лъезе буго комплексалъул кьочIокь тIоцебесеб гамачIги. Федералияб ва республикаялъул бюджетазул къуваталдалъун, жаниб хIажатаб оборудованиеги турказ лъун, комплекс бан лъугIизе ккола 2021 соналда.

Турказул кумекалдалъун

— Зугьайрат, кин ккараб турказулгун бухьен?
— Санайил хIухьбахъизелъун Турциялде уна ниж. Доба лъай-хъвай ккана Сиде шагьаралъул мэр Къадирбейилгун. Лъабго-ункъо нухалданиги щвана гьевги Дагъистаналде, рукIана хIукуматалъул идарабазул нухмалъулезулгун дандчIваял. Комплекс баялъул хIакъалъулъ бицен гьабураб, гьелъие инвесторал ралагьулел ругин абураб мехалда, гьес абуна (гьесда бихьун букIана Алмахъги, гье­лъул гьайбатлъиги) жив гIахьаллъизе бегьуларищин гьеб ишалда гьоркьовилан. Гьесул «Сиде-су» фирмаялъул руго жи­дерго отелал, лъикIал специа­листал, тIадегIанаб даражаялъул обо­рудование. РичIчIана цоцазда, хIукуматалъул даражаялда гьаруна къотIи-къаял. Апрель моцIалда гьезул вакилзаби рачIине руго гьани­ре ва байбихьизе буго цадахъаб хIал­тIи.
ГIабаш ГIабашилов