ЛъикIал хIасилалги мустахIикъал шапакъаталги

«Сугъралъ» СПКялда кIодо гьаруна гIияхъаби-церехъаби

 

КочIохъаби, кьурдухъаби, спортсменал ва цогидалги къадруялда рукIиналда цадахъ гIадатияв хIалтIухъанасул, мисалалъе, гIияхъан-хурухъанасул къадру гьаб заманалда ккун бугеб бакIги нилъеда цебе буго. Гьезул хIакъалъулъ гIемер бицунебги гьечIо, гьездехун бугеб бербалагьиялъул, гьезие ругел шартIазул, мухьалъул хIалги беццизегIанасеб хIалалда гьечIо. Амма анкьабилеб ноябралда Гъуниб районалда бищун кIудияб ва Дагъистаналда церетIурал магIишатазул цояб «Сугъралъ» СПКялда (ЦIияб Сугъралъ) тIобитIараб тадбир букIана дагьаб батIияб. Гьениб борхараб аслияб суалги букIана гIияхъанлъиялъул лъагIалил хIалтIул ва магIарухъа гIи лъарагIлъиялде гочинабиялъул хIасил гьаби ва, гьелда рекъон, церехъаби кIодо гьари. Тадбиралда гIахьаллъана Росдал магIишаталъул ва кванил нигIматазул министерствоялъул, Гъуниб районалъул росдал магIишаталъул управлениялъул жавабиял хIалтIухъаби, СПКялъул нухмалъи ва хIалтIухъаби, гьалбал. ХIалтIул хIасилал, хIакъи­къа­талдаги, заманалда рекъон ва цоги магIишатазда дандеккун, гIезегIан лъикIал руго. Гьединлъидал шапа­къа­тазе мустахIикълъана гIиял чанго бригада (щибалъе кьуна грамота ва 90 азарго гъуруш), кIочон течIо хIалтIул ветераналги (гьезда гьоркьор ру­кIана 70 ва жеги цIикIкIун соналъ магIишаталда хIалтIаралги). Гьелда цадахъго рех­сечIого гIоларо цогидаб ишги. Сугъралъа цо хъизамалда Россиялъул кIиго БахIарчи (МухIамад ва ТIайиб ТIолбоевал; кIиясулго буго «Дагъистаналъул халкъияв БахIарчи» цIарги) вахъи лъалеб хIужа буго. Гьеб данделъиялда гIахьаллъарал «ГIагараб Дагъистан» жамгIияб гIуцIиялъул вакилзабаз СПКялъул кIиго хIалтIухъанасе (гIиял бригадир АсхIаб Рамазановасеги хурухъанлъиялъул бригадир МухIамад МухIамадовасеги) кьу­на «Дагъистаналъул халкъияв Ба­хIарчи» абураб цIар. Тадбир берцин гьабуна ракIбащадаб хабар-кIалалъ, МухIамадтIамир Синдикъовасул кучIдуз ва СПКялъу­л нигIматаздалъун хьезабураб гIо­доб­чIеялъ. Гьеб ана гIадатияб къа­гIидаялда, гIахьаллъарал ра­зияб хIалалда, гьадинал данделъа­би санайил тIоритIизе ккеялда ракI­чIей­гун. ГIияхъанлъиялда бугеб ахI­вал-хIалалъул ва жакъасеб тадби­ралъул хIакъалъулъ къокъабго ба­ян кьуна СПКялъул нухмалъулев ГIаб­дурахIман Чураевас:
— ГIаммаб куцалда босани, исана иш квеш гьечIо. Тайпадулаб ва селекциялъулаб хIалтIи цебебачиналъе пачалихъалъги кумек гьабулеб буго. Исана гIи гочиналъул ишги ана гIезегIан лъикI, къваригIел гьечIел лъугьа-бахъинал ккечIого. МагIарухъе ва магIарухъа гочиналде цебеккунго тIубана хIаримазул суал, гIияда цадахъ рукIана хIажатаб техника, киналъего хIадур букIана ветеринарияб хъулухъ. Исана ихдал магIарухъе ана 20 азаргогIанасеб гIи-цIцIани (тIинчIги рикIкIун). МагIарухъа гьеб нахъбуссарабго нижеца тIурана ветеринариял тIалабал ва гьеб бикьана жиде-жидер бригадабазде. Жакъасеб гьаб тадбирги нижеца тIобитIана хIасилал загьир гьари, вехьасул хIалтIи бихьизаби ва чIезарурал нормабиги тIуран жеги лъикI хIалтIи гьабизе, лъикIал хIасилал рихьизаризе кIваразе премиял-сайгъатал кьей мурадалда.
Хадув дун дандчIвана БахIар­зал­гунги. Ас­хIаб Му­хIа­мадов, 14 сон тIубаралдаса нахъе, 40 соналъ вуго гIия­хъан­лъи­ялда (17 сон вехьлъун, 23 сон бригадир­лъун).
— АсхIаб, дур хIалбихьиялъул борхалъудасан балагьун кинаб хIалтIи бугеб вехьасул?
— Гьелдаса захIматаб хIалтIи батиларин ккола дида. Сезон батIаба­хъичIого, гIодобкъо-байрамкъо гье­­чIого, къасиги къадги, виччун, вакъван вугониги, вакъаниги къечаниги — гьоркьоб течIого гьабизе кколеб хIалтIи бигьаябин кинха абилеб. МагIарде-нахъе гIи гочинабулаго ва мугIрузда ругеб заманалда (анлъго моцI) вехьасе къанагIат гурони щоларо рес сордо-къоялда жаниб лъабго-ункъо сагIаталдаса цIикIкIун парахатго кьижизе.
— Советияб заманалдайищ вехьа­се бигьа букIараб, гьанжейищ бугеб?
— Цебе сундулъго букIана гIадлу-низам, вехьасул къадру-къимат. Шар­тIал гIезегIан лъикIлъун руго­ниги, хIалтIизе чи щоларого бу­кIи­налъги, гIи хьвадулеб нухда ракьалъул хважаинзаби цIикIкIиналъги, гьаб заманалда дагьаб захIмалъизабун буго вехьасул хIалтIи.
— ХIалтIухъ щолеб мухь кигIан бугеб?
— Дица абиларо гьабсагIаталда вехьасе бугеб мухь, чIезарун ругел бигьалъаби къадарал ругин абун. Амма доб заманалда, цоги жоя­лъул бицинчIониги, квасул бу­кIана лъикIаб къимат, цохIо гьелъ тIу­ралаан гIемерал суалал. Гьебги, гIе­мерал цогидал рахъалги хIисабалде росун, доб мехалъ вехьасе цIикIкIун що­лаан.
— Дагъистаналда гIемерисел гIа­ммал магIишатал риххана, рикьана. Дур кинаб бербалагьи бугеб гьеб суалалдехун?
— Гьаниб гIаммаб магIишататги биххизабун, пачалихъалъул гIарац­ги хачан, жалго бетIергьанал магIи­шатал гIуцIиялъул магIна дида би­чIчIуларо. Бугеб цIуни, гьеб це­бетIезаби, гьелъул хIалтIи борхизаби рикIкIуна дица битIараблъун.
— Дида бицана мун вугин хIал­тIизе бокьулев чи. ХIатта хIалтIи гьа­буларого вукIиналъ, дуца вацгицин хIалтIудаса нахъе гъунин абун. БитIараб бугищ гьеб?
— ЖугьутIав гьев ватаниги, дица къимат гьабула хIалтIулев чиясул, вац гьев ватаниги, хIалтIи бокьуларев чиясулгун дир дандеги кколаро. Дида лъаларо кIвахIаллъи абураб жо, гIи бакъун бугони мехелалъго кьижизе кIоларо дида. Дие бокьуларо цIогь, данде кколаро гьереси, дида лъала гIи-боцIул хIал, дун вуго хIалтIун ругьунав чи.
— Жакъа дуе кьуна «Дагъистаналъул халкъияв БахIарчи» абураб цIар…
— Гьереси щай, гьелдаса вохана, кутакалда разилъана. Баркала нухмалъиялъе гьаб хIалалда магIишат цIунаралъухъ.
МухIамад МухIа­ма­дов, 40 со­­налъ хIал­тIана меха­низаторлъун (комбайн, Т-150 трактор), цо лъа­гIел буго бри­гадирлъун хIал­тIу­лел­даса.
— МухIамад, кинха араб механизаторлъун хIалтIараб 40 сон?
— Ана разиго, дир гIумруялъе ва хIалтIуе щибниги сундулниги къварилъи гьечIого, гьабин абун, гIарз бахъизе жо гьечIеб хIалалда.
— Механизаторасул хIалтIуе бигьаяб заман кида букIараб?
— Цебе кинабго хIажатаб чIезабун букIунаан, къваригIел ккараб техника- алат хъващтIан щвезабулаан гьанибе. ГьабсагIаталда щоларого рукIуна зап­частал, гIемер сверизе ккола гьезда хадур, щваралги чIола цIакъ хираго, даражаги букIуна тохаб. Гьеб киналъго захIмалъизабула хIалтIи
— Мухьалъул хIакъалъулъ бицани…
— Цебеги квеш букIинчIо, хIал­тIарав чиясе гьабсагIаталдаги щола гIезегIан лъикIаб гIарац. Дове-гьаниве кьуричIого, берцинаб хIалалда хIалтIун, гьоркьохъеб хIисабалда, моцIалъ дие щолаан 30-40 азарго гъуруш.
— Жакъа дуеги кьуна «Дагъистаналъул халкъияв БахIарчи» абураб цIар. Кинаб асарха гьабураб?
— Советияб ва инсуца кьураб тарбиялда рекъон, дун кидаго вукIана ва жакъаги вуго хIалтIичIого чIезе кIоларев, хIалтIун ругьунав чи. Дун гьеб цIаралда ва цоги шапакъатазда хадув лъугьунги вукIинчIо, гьезие гIоло хIалтIулев чиги гуро. Амма гьеб цIар кьун хадув гIезегIан рази­лъана, вохана. Гьеб кьейги дица рикIкIуна дирги дир хIалтIулги къимат гьабилъун.
ГIабаш ГIабашилов