ХIалтIи — авлахъалда, хIасилал — выставкаялда

 

Гьал къоязда Каспийск шагьаралда, «Анжи-Арена» комплексалда тIобитIараб гIи-цIцIаназул ХХIII ТIолгороссиялъулаб выставкаялда гIахьаллъи гьабуна Россиялъул 23 регионалдаса вакилзабаз, гIи-боцIухъанлъиялъул специалистаз, гIалимзабаз, нилъер республикаялъул анцI-анцI магIишатаз. Гьениб ниж дандчIвана Гъуниб районалъул МохIоб росдал МухIамад ХIажиевасул цIаралда бугеб Агрофирмаялъул нухмалъулев Шарип Махаровгун.

 

 

— Шарип, нужер магIишаталда буго 7550-гIанасеб бетIер гIи-ц1цIаназул. Хасало камиял гIемер кканищ, кин араб «къинлъул кампания»? Гьел мугIрузде гочинариялъе кинаб хIадурлъи бугеб?

— Исана хасел букIана гьава-бакъалъул шартIал рекъараб, гьелде ниж хIадургоги рукIана. Гьединлъидал дандчIвачIо бицине гIураб захIмалъи, ккечIо кIудияб камиги. ЛъикI ана къинлъул кампанияги. 100 чахъдада хадуб цIунизе кIвана 94-95 кьегIер. Ихдал гьава-бакъалъул шартIал рекъарал рук1инч1о ва ниж хIажаталлъун ккана дагьаб цебеккунго гIи къватIибе биччазе. Нижер цо бригада жакъа щвана Алмалоялде. Гьаб выставка лъугIун хадуб цогидаб бригадаялъул, гIи транспорталъул кумекалдалъун, рехизе буго риидалил мучIдузде.

— Кидагосеб масъала бугоха квасалъул бицунеб…

— Гьоркьохъеб хIисабалда цо гIиялъажоялдаса нижеца къунцIана 3,1-3,2 кило квасул, тайпадулалъ кьола 7-8 кило. Добго гIиллаялдалъун гIи къунцIиги исана нижеца байбихьизе ккана цудунго. КъунцIараб квасул букIинесеб къисмат жеги лъаларо, ккечIо босулев чи. Нилъер тайпаялъул (Дагестанская горная) гIиял квасул килоялъул багьа гIага-шагьарго буго 20 гъурщиде. ХIисаб гьабе, гIиялъажо къунцIун кьезе ккола 100 гъурущ, щвараб квасул багьа бахунеб гьечIо гьелдецин.

— Жакъасеб выставка кин дуда бихьулеб, магIишатазе щиб пайда гьелъул бугеб?

— Гьаб буго дун гIахьаллъулеб 16-абилеб выставка. Чара гьеч1ого тIоритIизе ккола гьадинал тадбирал, гьанир ккола лъикIал бухьенал, лъала бугеб ахIвал-хIал, щола хIалбихьи.

 

 

Хунзахъ районалъул ТIануси росдал СПКялъул нухмалъулев Зиявдин МухIамадов.

— Зиявдин, кин бугеб магIишаталда хIалтIи?

WhatsApp Image 2023 05 19 at 20.08.56

— Кинабго лъикI бугин абуни, гьереси букIина. Камун гьечIо захIмалъабиги, руго гIезегIан суалалги. Амма нижеда церечIарал масъалаби нижеца тIурачIого лъицаха тIуралел. Мисалалъе, квасул кило буго 20 гъурщиде, гIиялъажо къунцIун уна 100-ялдаса ц1ик1к1ун гъурущ. ЗахIмалъаби гIемер ругониги, хIалтIизе бокьарав чиясе ресал камун гьечIо. Цогидал шартIал рикIкIинчIониги, харж хIисабалда лъагIалие вехьасе нижеца кьола 40-45 чахъу. Цо гIиялъажоялъул багьа 5-10 азарго гъурщиде бахунеб мехалъ, гьеб ккола мадараб мухь. Вехьасе изну буго магIишаталъул гIияда цадахъ жидерго гIиги хьихьизе. Руго чIезарурал цогидал бигьалъабиги. Исана буго цIикIкIараб ракъдаллъи, бугониги кIвана кIалцIи-хералъул рахъалъ чияде ккечIого рорчIизе. СПКялъе нухмалъи гьабулелдаса дир буго 15-гIанасеб сон. Амма исана гIадин дун разияб хIалалда тIинчI бахъараб сон цониги букIинчIо. 100 чахъдада хадуб цIунизе кIвана 90-95 кьегIер. ХIалтIи нухда тIамиялда цадахъ, камуларо гIадамазе кумек гьабизе ресги, гьебги дица рикIкIуна тIадаб налъилъун.

— Хасел кин нужеца тIамураб, ками цIикIкIараб кканищ?

— Нижер руго рекьулел ва хер бецулел ракьал, кинабго хIадурараб кIалцIи-хер уна гIияе, цогидазецин кумек гьабун гурони гьеб нижецаго босизе кколаро. 6300 гIиялъажо бугеб бакIалда щибго тIаса ин гьеч1ого букIунаро, амма хIехьезе кIолареб ками ккечIо.

— Риидалил мучIдузде гIи гочинабиялъул суал кин бугеб?

— ГIи къунцIун бахъана ва гьаб выставка лъугIун хадуб байбихьизе буго чуризе, чурун бахъиндал, киналъулго хIисаб-суалги гьабун, рахъине руго къватIире.

— Нухазда гIезегIан къварилъи дандчIвалелъул, гьеб рахъалъ щиб абилеб?

— ЦохIо дир гуребги бугеб унти буго гIухьби гIоларого рукIин. Гьебго хIал буго нухде рахъиналъулги. Амма цогидал магIишатазе нухда бугеб захIмалъи (нухал къварид гьари, киса-кирего минаби, бича-хисиялъул бакIал рай) бихьараб мехалъ дун вуцIцIун чIезе кколев вуго. Нижеца нухда (Хунзахъ районалъул мугIрузде) 12 къо гурони баларо. Руго магIишатал нухда моцI балелги.

— Нужее пачалихъалъ гьабулеб кумек бугищ?

— Пачалихъалъул рахъалдасан кумек щвезе ккани, тIоцебесеб иргаялда, магIишаталъул букIине ккола кагътида гуреб, хIакъикъаталдаги бугеб гIи-боцIи. Гьебги бугони, хIадурарал документалги ругони, дагьабниги вагъа-вачарулев чиясе щола кумек. Буго тайпадулаб гIияхъанлъиялъе гьабулеб кумекги.

— Гьаб тайпаялъул выставкабазе дуца щиб къимат кьолеб?

— ЛъикIаб къимат кьола. Рихьула пишацоял, дандчIвала батIи-батIиял гIадамалгун, щола лъикIал малъа-хъваял, тIурала бича-хисиялъул суалал.