«Хьергебдерил» тайпаялъе патент лъица кьелеб?

Лезги тайпагун цолъараб Гъарабагъалъул гIиял лъугьараб цIияб тайпаялда «хьергебдерил» абун цIар лъун буго ЗайнулгIабид ХIусеновас.

Гьанжеялдаса 15 соналъ цеве, гьеб пикруги ракIалде ккун, гIиял хасаб наслу гIезабизе лъугьарав гьесде квер хьвагIулеб букIун буго росуцояз, мун гIадада гIи хвезабулев чи вугилан.

 

Гьебги расги жоги лъачIого гьабулеб жо букIун гьечIо ЗайнулгIабидил – зооинженериялъулги генетикаялъулги рахъалъ тIадегIанаб лъай щун буго гьесие, I980 абилел соназул байбихьуда МахIачхъалаялда росдал магIишаталъул институтги лъугIизабун.

Гьал къоязда Хьаргаби дандчIвайдал, гьадин ракIалде щвезабуна ЗайнулгIабидица нижее гьеб кинабго:

 

— 2008 соналда байги бихьун, 2009 соналда гIуна цIияб тайпадул гIиязул тIоцебесеб наслу. Гьеб рахъалъ дие кумек щвана Росдал магIишаталъул академиялъул кафедраялъул заведующий Сиражудин Хъараевасухъа. Генетикаялъул рахъалъ кумек гьарун ун вукIана дун гьесухъе. Байбихьуда цIияб гIиял квас-рас букIана чIегIераб, багIарсурмияб. Гьедин поглотительный метод абулеб къагIидаялдалъун ункъо соналдасан кIвана дагь-дагьккун квасул кьер тIубанго хъахIлъизабизе. Щайин абуни, цIияб тайпадул хъвай-хъвагIай гьабизе ккани, гьеб цо хасаб кьералъул букIине ккола: я чIегIераб, я хъахIаб.

ХъахI гьабизе кIваниги, гьеб квасуда гъорлъ хутIун букIана хвараб расги (собачья шерсть). Гьеб мехалда ун Гъарабагъалдегун, босана дозул куй, биччана гьеб гьанир ругезде. Ахирги гьедин бацIцIалъизабуна квас.

Дагъистаналда лезгиязул тайпаялъул кьагIрил (бащдаб лъагIел бараб) цIайи букIуна 12-16 кило. Гьазул абуни (хьергебдерил тайпаялъул кьагIрил) — 14-20 кило. Гьеб ккола 25-30 проценталъниги тIаде бачIараб цIайи.

Цо заманалда, дов Сиражудин Хъараевги гIумруялдаса ватIалъун, квер хьвагIун тун букIана дица гьаб гIиял тайпа гIезаби. Хадур цо-цо чагIи чIана лъикIаб тайпа бугоанила гъоб, мун щайдила цIидасан гьелда тIадчIоларев абун. Гьедин жувана нахъойги гъобго тайпа гIезабиялде. Росдал магIишаталъул институталда (зооинженерияб факультеталда) цIалулеб мехалда дидаго малълъун букIанщинаб жоги ракIалде щвезабуна, гIелму цIалулаго хадурккун риччан ккарал гъалатIалги ритIизаруна. Гьедин цIидасан рухI речIчIана дица гьабулеб ишалда.

Хасго Шамил районалдаса чагIаз байбихьана дир гIиял росизе. Гьанже гьел руго жеги Унсоколо, Хьаргаби ва Лаваша районаздаги. Гьенирги гьадабго къагIидаялдалъун гIезарулел руго гьел – лезгиязулгун Гъарабагъалъул гIиялги журазарун. Кире щвезегIанги ун гьеб гIи гIезабизе ракIалда батаниги, дица киназдаго цебе лъола цо шартI – цIияб тайпаялда цIар «хьергебдерил» абун лъезе кколилан. Гьелги разилъула. Дида рагIана жибго цIияб тайпадул хъвай-хъвагIай гьабулила гIиял щуазарго бетIер бугони.

— Дур кигIанха бугеб?

— КьагIигун цадахъ рикIкIани, микьнусгогIан жо ккола.

— Исана 16-19 маялда нилъер гьаниб тIобитIизе буго гIи-цIцIаназул XXIII абилеб тIолгороссиялъул выставка. Гьенив гIахьаллъуларищ мун?

— Гьелъул цIех-рех гьабулев вукIаго, дун гIадал чагIи гьенир гIахьаллъуларин бичIчIизабулеб букIана дида цо бакIалъан. ГIи гIезабулеб дунго бетIергьанаб магIишат гьечIони, дун гьеб цIияб тайпа гIезабулев чилъун рикIкIунарин абулеб букIана гьез. Амма хадуб росдал магIишаталъул министерствоялдасан рес кьуна дие гьеб выставкаялда гIахьаллъизе.  

— ЗайнулгIабид, гьебгощинаб гIияда щиб дуца ургъулеб — гIицIго бичизейищ бичулеб, яги …?

— Дица гьал гIагарал къоязда жаниб рагьизе буго церетIурал технологиял хIалтIизарулеб гьанал нигIматазул тукен (Хьаргабисан Курмире сверулеб нухда – авт.). Масала, сагIатгун бащадалда жаниб 65 градусалда гьан белъунеб къайи буго гьениб. Гьединго хIалтIизаризе руго витаминалги хвезе риччачIого, цIоройдул 60 градусалдалъун курак, микьир ва цогидал пихъал цIуниги (шоковое замораживание), вакуумная упаковкаги, цогидалги къагIидабиги.

Гьединго гIезегIан мех буго дица тушенкабигун, сокал, солениял къалел цехал рагьаралдасаги. Гьеб кинабго уна 2000 соналда дица гIуцIараб «Каспий» СПКялда гъорлъе. Гьелъул цIаралдасан гIахьаллъизе вуго дун гьадаб выставкаялдаги.

Гьаб цIияб тайпадул гIиял бицани, гьелдаса дие аслияб хайир щола мохмохалдаса. Лъабго лъагIалидаса заман бараб мохмохалъул (цо килоялъул) багьа букIуна 2 500 гъурущ. Дарудай мех барабгIан босула гьеб.

Абухъего, жакъа гIадин ракIалда буго гьеб мохмох къачIалебги бакъвазабулебги куцалъул хIакъалъулъ нижее Зубайров абурав преподавателас бицараб мех. «Коневодство» абураб дарс кьолаан гьес нижее. Гъоб мехалда 75 студентасда гьоркьоб цохIо дица хъван батана гьеб мохмохалъул хIакъалъулъ конспект (гьабсагIатги дир рокъоб буго гьеб). Хасаб махI ине, мохмохалдаса бахъулеб лъим букIуна. Гьеб малъана гъос дида. Бихьуларищха, росдал магIишаталъул институт лъугIун чан сонха араб, гьанже дие гъоб дарс къваригIараб куц. Жибго мохмохги цIакъ босула нилъер гIадамаз. Хасго спортсменаз гьарула заказал. ТIохолъги гир-гизабун, кваналеб къагIида буго гьелъул. ТIубараб къоялъ ракъи ккола гьелъ.

 

P. S.

Гьедин ЗайнулгIабидица рицунел ракIгъурал харбазухъги гIенеккун, гьесул гIиги цебе къотIун лъарахъан рачIунел ниж, Хьаргаби росдал годекIанире щун ратана. Цинги ракIалде ккана племенной абун цIарал лъурал СПКялги колхозалги гIезегIан ратилин нилъер республикаялда, амма ругьунабго куцалда гIи гIезабулел рукIин гурони, гIадатиял магIишатаздаса гьезул щибго батIалъи гьечIинхаян.

Гьединлъидал гьезда дандеккун, гIураб чIаголъи бихьула тIири пачалихъалдаса кумекги тIалаб гьабичIого, ккараб ккун букIагиян, жидедаго ракIалде ккараб иш рагIалде бахъинабулел ЗайнулгIабид гIадал чагIазулъго.

 

P. P. S. ГьабсагIаталда гьесие къваригIараб жо буго гIидул «хьергебдерил» тайпа ургъаралъухъ патент щвезе кумек гьаби. Гурони, гьеб щвезе рес буго гъосухъа ричун гIиялги росун, жидеего цIар гьабизе ракIалде ккарал цо-цо чагIазе.