ХIажат руго пихъ цIунулел бакIал

Геджухалда цIолбохъабазул данделъи

 

Гьал къоязда ДРялъул росдал магIишаталъулги кванил нигIматазулги министр ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимов щвана Дербент районалъул Геджух росулъе. Гьесда цадахъ рукIана Дербентги, Гъаякентги, СтIал-Сулейманги районазул вакилзабиги.
Гьел щвана Геджухалъул цIолбол ахакье. Дербенталъул чогърол заводалъул директор МухIамад СагIдулаевас бицана, цIибил бакIарулеб заманалда Геджухалъул цIолбол ахакь хIалтIизе рес щолин нус-нус чиясе. Гьезие лъикIаб мухьги кьолин абуна гьес.
ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовас тIадчIей гьабуна цIолбохъанлъи цебетIезабиялъул республикаялъе бугеб кIваралда ва разилъи загьир гьабуна Дербент районалъул магIишатазда цIибил гIезабулел ракьал гIемерлъулел рукIиналдаса.
Ахазухъ халгьабун хадуб «Геджух» ОООялъул агроцехалъул залалда тIобитIараб данделъиялда бицана Дагъистаналда цIолбохъанлъи цебетIезабиялъул мурадалда гьаризе кколел тадбиразул хIакъалъулъ. Гье-лъие квербакъулеб шартIлъун рехсана пачалихъалъ гьабулеб кумекги, ай цIиял ракьазда гъабу чIезеги гьелъие хъулухъ гьабизеги гIарац биччай. Бицана пихъалгун овощал цIунулел хасал бакIал разе ккеялъулги.