ЦIибил бакIарулеб гвай Геджухалъул ракьалда

 

 

   ЦIибил бакIарулеб гваялде тахшагьаралъул хъулухъчагIи рахъинаруна ХIукуматалъул председатель ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовас. Дербент районалъул ОАО «ДЗИВ-2», ООО «Виноградарь» ва АО «Имени Наримана Алиева» магIишатазул ракьазда тIиритIарал цIолбол ахазукь радалго рещтIана кIинусгоялдасаги цIикIкIун, Дагъистаналъул министерствабазул ва цогидал тIадегIанал идарабазул вакилзаби. Гьезул цоцоял рачIун рукIана цадахъ жидерго лъималги рачун.

 

   Ахазул хважаинзабаз щивасухъе кьолеб букIана цIибил бакIариялъе хIажатаб хIалтIул алатги. РахIатал кабинетазда ругьунал чагIазе хIургун бакъ гьарзаяб зодикь хIалтIи расги бигьалъунги батиларо. Суратал рахъун, хьим-хьилаго рагIдукь рахчарулезда бичIчIизе гIураб хIалалъ ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовас мухIканго бицун букIана байбихьудаго, рекIелгъеялъе бухьараб сапар гьеб гуреблъи.

   ГIезегIанго сонал руго Дербенталъул чогърол заводалъ (ОАО ДЗИВ), Геджухалъул ракьал ижараялъеги росун, гьенир цIолбол ахал гIезарулаго. Заводалъул директор, Халкъияб Собраниялъул депутат МухIамад СагIдулаевас гьалбадерида бицана жидерго магIишаталъул гIуцIиялъул, бихьизабуна цIибил бакIариялъе, гъабу цокIалго кIуриялъе босараб багьаяб, Дагъистаналда жеги къанагIатаб техника. Мисалалъе, цIибил бакIарулеб цо комбайналъ хисулев вуго нусго хIалтIухъан. Аза-азар гектаралда гIезарулел цIолбол ахазул щибаб гъабуялде хIалтIухъанасул кверзул мухIканлъи щоларин, щун хIалги кIоларин бицунеб букIана СагIдулаевас.

   Щибдай гьазул бажари букIинаян халккураб гIадаб балагьи букIана гьел магIишатазда гIемерсоназулаб захIмат кьурал хIалтIухъабазул. Цо-цояз разилъи загьир гьабулеб букIана цIолбол ведраби чIехьезе рачIарал нижедаса: «КигIан кIваниги лъикIаб иш гьабулеб буго нужеца. Байрам гIадин буго нижее жакъа гьалбал гIемераб къо. Гьаб къагIида щибаб соналъ бачIин бакIарулелъул гIадатлъун билълъанхъизабизе лъикI букIинаан», — ин абулеб букIана гьез.

   ОАО «ДЗИВ-2» хIалтIухъабазул цояв Геджухалдаса Низамудин Михрабовасин абуни ракIалде щвезаруна жидерго бечедаб гIаммаб магIишаталъ хайир кьолеб советияб заман ва хадуб гьеб щущахъ биххараб заман: «Нижер Геджухалъул ракьал кидаго рукIана хайир кьолел. СССР биххаралдаса нахъе чIунтизе тун букIана магIишат, бетIербахъиялъе гIемерав чи къватIивехун ине кколаан. МухIамад СагIдулаев гьаниве вачIаралдаса нахъе цIидасан чIаголъана нижер ракь, гIемерал гIадамазе хIалтIиги гьанибго буго». ЧIунтун, тIубанго рехун тун букIараб цIолбол магIишат цIидасанги хайир кьолеб мухъде бачунаго, СагIдулаевас гьабураб хIалтIул батIаго бицине мустахIикъаб букIина.

   Пачаясул заманалъги, советиял соназги улкаялда машгьураб букIана Геджухалъул цIибилгун чагъир. Гьанже Дербент районалъул чанго магIишаталъ цIакъ тIадчIун цебетIезабулеб буго гьеб рахъ.

— Хъизан хьихьизе гIураб харж букIунищ? — ан абураб суал кьуна дица цIибил баччулеб КамАЗалда хIалтIулев Элдар СагIидовасе. – КIвахIаллъичIого хIалтIарав чиясе лъикIаб харж щола. Риидал моцIрое 30-40 азаргоялдеги рахуна, хасало кIиго нухалъ дагьлъулаха. Кьиндал хIалтIиги гIемераб букIунарелъулха,- ян жаваб гьабуна гIолохъанчияс.

   Лъимерлъудасаго росдал гIумру, яшав лъалев чиясда росдал магIишаталъул кIварги бичIчIулеб батила. Росдал захIматчагIазде, халкъалъего пайдаяб магIишат гIуцIулезде бугеб хIурмат ишаздалъун, хIукуматалъул тIалабалдалъун бихьизабулеб ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовас. «Алжанул гIаркьел гIадаб, магIишатяшавалъе чанги ресал ругеб нилъер республикаялда рехун тарал ахал, чIунтарал кулаби, гIи-боцIи гьечIого чIороголъарал мучIдул, рекьичIел хурзал рихьидал, ракI унтичIого хутIуларо. Гьеб кинабго чIаголъизабиялъе нилъер пачалихъалъ ресал ратиялда хьулги бижула гьадинал къояз», — ин абуна, гъотIол рагIдукьги чIун, тIаде рачIарал гьалбадерихъ балагьарав цо ригь арав чияс. ХIалтIуца кIвекIиялъ кIодолъарал гьесул кверазухъ балагьун намуслъана дунгоцин.

 

 

ХIургун кIкIуй бетарал пихъил ахал

 

   МагIарухъе — нахъе хьвадулелъул нижерго ахикь ругониги, Юждагъалъул ракьалда «ХIакъикъат» гьоболлъухъ букIана. Гьоболасдаги лъикIабквешаб халлъичIого хутIуларелъулха. Дербент районалде унаго нухлул кIиябго рахъалъ гIолел цIолбол ва цогидаб пихъил ахал рихьун ракI бохула. Загьирго бечелъун, цебетIолеб буго республикаялъул гьеб рахъ. Аммаха, хIургун кIкIуй тIад бетараб пихъ бихьидалги ракIунтула (тохтурзабазги заралияблъун бихьизабулелъул цIикIкIун машинаби хьвадулеб шагьранухлул гIагарлъухъ гIураб нигIмат). ГIажаиблъи гурищ, гIорлъун машинаби чвахулеб нухлул рагIаллъабазда, ахалгун хурзал заралияб кIкIуйдаса цIуниялъе, рохьил мухъ (лесополоса) гьечIолъи! Бугебги бакIазда гьеб релълъуна чIунтелал хутIараб некIсияб росдада, ракъварал, рекарал гъутIби цIикIкIун ругоан рагIад кьолездаса.

   ТIубараб республикаялъего гIаммаб унти бугин гьебин абуни мекъиги ккеларо. Лъицадай гIезаризе ккола нухлул рагIаллъабазда рохьил мухъал, щивдай гьелъул жавабиявин суалги бижичIого хутIуларо. ЦIи чIаралги гъутIби ракъвала хадубккун лъалъан, тIалаб гьабичIолъиялъ. Цогидал регионазде, улкабазде щун, гьенир нухлул рагIаллъабазда бугеб мухIканлъи бихьидал, гьелго суалал рижула.

Гьабги батила батIаго борханиги бегьулеб суал.

ПатIимат ГьитIинова