Гьужумалда данде гьужум

РакъугарцIазде данде тIоритIулел тадбиразул хIалуцин цIикIкIинабуниги, гьел кинго къуркьулел гьечIо

 

Исанаги Дагъистаналъул ракьалде гьужумалъ рачIарал ракъугарцIазде данде букIине кколедухъ рагъ гьабун бажарунгутIиялъе гIилла ккола гьезде данде гьабулеб хIалтIи кватIун байбихьи. Гьединаб хIал лъугьун букIиналъ, ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев В. Васильевасул указалда рекъон, ракъугарцIал тIиритIун рукIиналда бан, гIорхъолъа борчIараб ахIвал-хIал лъазабун буго Нугъай, Бабаюрт, Гъизляр ва Тарумовка районазда.

Росдал магIишаталъул ва кванил нигIматазул министерствоялъул баяназда рекъон, гьанжелъизегIан халгьабун буго росдал магIишаталъул 252 азаргогIанасеб гектаралъухъ, гьелдаса 145 азаргогIанасеб гектаралде щун буго ракъугарцI. Гьелде данде лъазабун бугеб «рагъде» бахъун буго загьру речIчIизабулеб чанго машина, трактор ва цо тIадагьаб тайпаялъул самолет. Бугеб хIинкъиги букIине бегьулеб заралги хIисабалде босун, Дагъистаналда ва Ставрополь краялда цадахъаб хIалтIи гIуцIи мурадалда, гьал къоязда тIобитIун букIана хасаб данделъи. КIиябго регионалъул Росдал магIишаталъул министерствабазул жавабиял хIалтIухъабаз тIадаблъун гьабуна цадахъаб хIалтIул хIасил букIинабиялъе хIаракат бахъизе.

ГIабаш ГIабашилов