Лъалеб гIелму, бокьулеб хIалтIи

 

     Росдал магIишаталъул рахъалъ Гумбет район тIадегIанал хIасилал рихьизарулел районазул мухъилъ гьечIониги, цIакъго нахъе ккаразда гьоркьобги гьечIо. Районалда буго 10 СПК, 89 КФХ (фермеразулаб магIишат) ва анлъазаргогIанасеб ЛПХ (хъвай-хъвагIай бугеб жал бетIергьанаб магIишат). Гьелъул аслияб бутIалъун рикIкIуна гIияхъанлъи. Районалда буго 188 азарго бетIер гIи-цIцIаназул (аслияб куцалда — КФХязул ва ЛПХязул). СПКязул цебетIей цIикIкIараб гьечIо, чIегIербоцIулги гьечIо рехсезе гIураб къадар.

ХIакъикъат» газеталъул хIалтIухъабаз МелъелтIе гьабураб сапаралъул хIасилалда рес ккечIо росдал магIишаталъул управлениялъул хIалтIухъабазулгун гара-чIвари гьабизе. Амма къокъабго гара-чIвари ккана гьелъул бетIерав специалист (гьабсагIаталда гьес тIурала начальникасул хъулухъги) ГIалиев МухIамадилгун.

— МухIамад, дуца абуна росдал магIишаталъул аслияб бутIа кколин гIи-боцIухъанлъиялъ абун. Амма нужер цIар гIемерисезда лъала пихъил ватIан хIисабалда…

— Районалъул хьиндаллъиялда ругел гIадамазул бетIербахъи бугеб нигIмат ккола пихъ. Гьелда гьоркьобги аслияб бакI ккола куракалъ. Районалда буго 731 гектар ахазул, гьезда гьоркьоса 462 гектар ккола куракул, хутIараб буго микьир, гIеч, цIибил (6-7 гектаралда (Инхоб ва Игьали)), ЧIиркъатIа бижула хурма.

— Араб сон кинал хIасилалгун нахъа тараб?

— ГIаммаб куцалда абуни, квеш инчIо. ТIабигIиял шартIал рукIана гIезегIан захIматал, хIажатаб заманалда рачIо цIадал, букIана ракъдаллъи. Амма районалъул гIадамал хIалтIи лъалел ва хIалтIизе бокьулел рукIиналъ, кинал ресал ратунги, гIурухъа лъим баччунги кIвана рекъараб къагIидаялда кинабго тIубазабизе.

— Исанасел планал ва гьел тIурай кин бугеб?

— Нижеда ракIалда гьечIеб куцалда цIикIкIараб букIана куракул бачIин — гъоркьиса нижеца бакIарана гьелъул 3,8 азарго тонна. Исана гьанжелъизегIан бакIарун буго 4,2 азарго тонна (руго гьеб жеги бакIаризе ругел бакIалги). Гьелда хадубго ирга щола цогидал пихъаздеги. Амма буго цо гьадинаб хIужа. БитIун курак барщулъ рана гIемерал цIадал. Нилъеда лъала гьеб букIин риччел цIикIкIаниги, гъотIодаса бортун дагьабниги чункъаниги цIакъ хехго холеб нигIмат. Гьединлъидал гьелъул хIасилалда ккана гIезегIан камиги.

— БачIин цIикIкIараб букIин цо суал, гьеб гьанибго къачIазе рес гьечIолъи гьечIищ кинго тIубазе кIолареб масъала?

— Аслияб куцалда нижер гIадамаз курак бичулаан нилъерго пачалихъалъул шагьараздеги баччун. Доба гьелъул цIикIкIараб тIалаб букIиналъ лъикIаб багьаялде гьебги бичун, разияб хайирги щун рачIунаан росабалъеги. Роччун букIиналъ исана пихъ букIинчIо рикIкIаде баччулеб хIалалда, гьединлъидал гIадамазул кинго рес букIинчIо гьеб шагьаразде баччизеги. Кире балагьаниги кьураби гурони сверухъ гьечIеб авалалда, гIурул лъимги хIалтIизабун, ахал гIезари гуреб тIокIаб батIияб магIишаталъе ресал гьечIо. ХIалтIи гIадамазда лъала, бачIин буго гIезегIан лъикIаб, квеш ккараб жо буго гьеб къачIалеб предприятие, цех, завод районалда гьечIеблъи. Нижеца кире унги, кIварас-кIвараб гьабун, гьанир тункун, дора речIчIун бичана курак. Холеб букIиналъ 300-400 тонна гьабуна бакъвазе. Амма бокьилаан гьелда чIей гьабичIого цоги ресал ралагьизе.

— ЧIиркъатIа букIараб заводалъул къисмат кинаб бугеб?

— Гьеб чIун буго, 20-ялдаса- ги цIикIкIун сон буго хIалтIулеб гьечIелдаса. Цебегоялдаса нахъе рехун тараб, хутIараб техникаги кьавуца кванараб гьеб цIи гьабиялъул магIна гьечIо. Исана бачIин цIикIкIараб букIунеблъи нижеда цебеккунго бихьулеб букIиндал, къотIи-къаял гьарун рукIана Болъихъ бугеб заводалъулгун. Амма сезоналъул заманалда нижее бакI щвечIо доба, кIвечIо гьенибе продукция кьезе. Гьединабго хIал буго цоги заводаздаги. Гьединлъидал районалъе чара гьечIого хIажат буго цIиял технологиязда рекъон хIалтIулеб, гьитIинаб бугониги, пихъ къачIалеб производство. Нижер цIияв бетIерги вуго жигарав чи, гьесги кIвар кьолеб буго гьеб масъалаялде, республикаялъул хIукуматалда цебеги борхун буго гьеб суал. — Шагьаралда гIезегIан дандчIвала пастIангун хъарпуз бичулел аргъванисел. Киса гьезие гьеб магIишаталъулгун гьудуллъи щвараб? — ХIакъикъаталдаги гьел руго гьеб ишалъул устарзаби. Гьеб бекьизе ракь щвечIони, мина-къайиялъул тIохда бекьунги гIезабичIого тоге хъарпуз — гьединаб аби танин жидее умумузин абула аргъванисез.

— Ахихъанлъиялда ругел аслиял масъалабазул нилъеца бицана. Кинха бугеб гIияхъанлъиялъул иш?

— ТIоцебесеб иргаялда, гьоркьохъаби гьоркьоре лъугьинчIого гIиял гьан бичине рес щунгутIи. ДРялъул премьер ГIабдулмуслимовасул хIаракаталдалъун росдал магIишаталъул ярмаркаби тIоритIизе байбихьаралдаса нахъе дагьаб гIодобе буссана гьеб суалалъул хIалуцин. Гьебго хIисабалъул ккола гьан-рахь къачIалел мини-цехал, пунктал рагьизе кIвелародай абурал нижер хьулалги. Буго цоги масъала. КФХязе гIолел гьечIо хIажатаб къадаралда кIалцIи-хер хIадуризе ракьал. Бабаюрт, Гъизляр, Хасавюрт, Гъизилюрт районазда нижер буго 15 азарго гектар ракьул. Гьел киналго ракьал руго СПКабазухъ, амма гьезухъа бажарулеб гьечIо берцинаб хIалалда гьел хIалтIизарун, букIине кколеб куцалда хIалтIи гIуцIун. Гьебги буго, кин тIубаниги тIубачIого, рес гьечIеб масъала.

— ГIемерал суалал рукIуна квасуда, гьелъул багьаялда сверухъ. Дуца щиб абилеб?

— Цебе нилъер умумуз абулаан вехьги чахъуги хьихьулин квасуцайилан абун. Жакъа абуни гьелъул буго нилъго нечолеб багьа. МагIарул тайпаялъул квасул кило буго 5-10 гъурщиде, метис тайпаялъул кило — 20-25 гъурщиде. Гьебго заманалда цо чахъу къунцIун кьезе ккола 100-120 гъурущ (цо чахъдадаса къунцIула 2-2,5 кило). Гьеб буго божизе захIматаб, амма хIакъикъияб хIужа.

— Гумбет районалъул росдал магIишаталъул метерисеб къо кинаблъун дуда бихьулеб?

— Хьулал руго гIезегIан лъикIал, гьелъие нижер фермералги хIалтIулел руго гали нахъе тIамичIого. Продукцияги кьолеб буго къойидаса къойиде цIикIкIун. ЛъикIабщиналде буго хьул, гьелда рекъон хIалтIулел нижги руго.

— Пачалихъалъул рахъалдасан бугищ кумек?

— Жакъа кумек щола. ГIезабураб продукциялъул кило ва бечIчIараб рахьдал литр рикIкIун, щибаб чахъдахъ кьола субсидиял. Исана байбихьана мугIрузул шартIазда гIезабураб картошкадухъ субсидиял кьезеги. Пачалихъалъул кумек-квербакъи гьечIебани, бигьалъилароан кколеб хIалалда хIалтIи нухда бачине.

— Къарзалъе босулеб гIарцул рахъалъ ругел бигьалъаби гIемер ругищ?

— Бицуна ругин абун, амма нижеца абула гьезде ккун хутIугегиян.

 ГI. ГIАБАШИЛОВ