ТIабигIат ва рухIчIаголъаби

РакъугарцIазул иргадулаб гьужум

Жакъа къоялде республикаялда ракъугарцIаз «ккун» буго росдал магIишатазул ракьалъул 100 азаргоялдаса цIикIкIун га

«Россельхозцентр» ФГБУялъул аслияб хIалтIи ккола республикаялъул росдал магIишаталъул ракьал заралиял рухIчIаголъабаздаса ва унтабаздаса цIуни, чIахI-хералъе, гIезарулел нигIматазе букIине бегьулеб зарал цебеккунго тIатинаби, гьелъул бугеб хIинкъиялъул цIех-рех гьаби. ЦIех-рехазул ва анализазул хIасилги гьабун, тIатинабураб хIакъикъияб баян битIула республикаялъул хIукуматалде, Росдал магIишаталъул министерствоялде ва районазул администрациязде. Гьединго росдал магIишаталъул хIалтIухъабазда малъула боржине байбихьилалдего ракъугарцIиде данде рагъ базе кколеб къагIида. РакъугарцIазда данде къеркьей «Россельхозцентралда» тIадаб иш гуро, гьеб хIалтIи гьабизе ккола ракь хIалтIизабулел идарабаз: СПКяз, ГУПаз, фермераз ва кумекалъулал магIишатазул бетIергьабаз (ЛПХ).
Гьеб масъалаялда бан нижеца гара-чIвари гьабуна «Россельхозцентралъул» Дагъистаналъул ФГБУялъу­л филиалалъул директор МухIамад ХIа­жи­мухIамадовасулгун.
— МухIамад, исана Дагъистаналда кинал тайпабазул ракъугарцIал тIиритIун ругел?
— Кочубеялъул ва Нугъай района­лъул гочинабун гIи-боцIи хьихьулел авлахъаз­да тIибитIун буго Мароккоя­лъулин абун цIар кьураб ракъугарцI, ралъдал рагIаллъуда, лъим гIемерал ракьазда — бищунго заралияблъун рикIкIунеб азиялъулаб ракъугарцI. Гьелъул «рехъен» 90 миллион бетIералдеги бахуна.
— Исана республикаялда ракъугарцI тIибитIиялъул ва гьелда данде гьабулеб къеркьеялъул хIалтIи кин гIуцIун бугеб?
— 20 маялда тIобитIараб ракъугарцIида данде къеркьеялъул хIалтIул иш рекъезабулеб штабалъул данделъиялда бицана ракъугарцIал ругин республикаялъул районазул ракьазул 100 азаргоялдаса цIикIкIун гектаралда. Гьелда гьоркьоса 9600 га гурони бегьулеб куцалде ккезабун гьечIин. 17 маялда байбихьана ракъугарцI гIемерлъарал ракьазде загьру пунхъизе. Масала, Нугъай районалда ва республикаялъул гочинабун гIи-боцIи хьихьулел севералъул ракьазда загьру пунхъана 7400 гектаралде.
— «Россельхозцентралъул» къуват гIолищ ракъугарцIида данде къеркьолел магIишатазе гIураб къадаралда загьру чIезабун?
— Нижер нахърателалда буго инсектицидазул дагьабго къадар. Гьел загьраби хIалтIизаризе ихтияр букIуна федералиял ракьазда, гьебгиха гьел ракьазда гIорхъолъа борчIараб ахIвал-хIал бугин лъазабидал. Фермераз, СПКяз, ГУПаз ва ЛПХяз жидерго ракьалдаса ракъугарцI жидецаго загьруги босун, лъугIизабизе ккола. Гьединаб буго федералияб законалъул тIалаб, ай гьелда рекъон хважаинас кьезе ккола жиндирго ракьул фитосанитарияб ахIвал-хIалалъул жаваб.
«Россельхозцентралъул» иш буго ракьазул цIех-рех гьаби, кинаб загьру ва кинаб къадаралда пунхъизе кколебали малъи ва цогидалги тадбиразул баян ракьул хважаинасда лъазаби.
— Гьел тадбирал тIоритIулаго, районазул ва росабазул бутIрузухъа кумекго щолищ?
— «Россельхозцентргун» цадахъ лъугьун, гьел хIакимзабаз ракъугарцIиде данде къеркьеялъул тадбиразул план ва график бахъизе ккола, гьединго халккола сельхозпроизводителаз гьеб рахъалъ гьабулеб хIалтIуда хадуб. Амма Тарумовка, Бабаюрт, Гъизляр, Нугъай, Хасавюрт районазул бутIруз гурони, цогидал районазул бутIруз, «нухда ккелеб батила, кIудияб зарал ккечIого рорчIилел ратила» абун, хIалтIи тIаса-масаго толеб буго. Гьелъие буго цоги гIилла:
Дагъистаналъул северияб зона ккола, аслияб къагIидаялда, гочинабун гIи-боцIи хьихьулеб бакI. Гьел ракьал районазул администрациязда гьоркьоре унаро, гьединлъидал администрацияз гьезие, кумек гьабун, бюджеталъул гIарацги кьоларо.
Советияб заманалда гьединал масъалаби тIуразе Хасавюрталда гIуцIун букIана хасаб химотряд. ТIубараб лъагIелалъ гьеб хIалтIулаан ракъугарцIазул тIалабазда: хасало гьелъу­л хоно хвезабиялда, ихдал гьелъул тIинчI хвезабиялда тIад, гьелда лъалаан ракъугарцIал кир рукIине бегьулебали. Киналго ракьал рукIана хIукуматалъухъ, гьединлъидал хIалтIаби тIоритIулаан лъидаго цIехечIого. Гьеб химотряд би­ххана 1992 соналда, гьелдаса нахъе 2001 соналде щвезегIан лъицаниги, гьабилан абизе, ракъугарцIал тIагIинариялъе хIалтIи гьабичIо. Жакъа гьеб къагIида гьечIо, хIалтIиги гьелда рекъараб, бичча-бихъан тараб букIинарищха. Цоги буго гьадинаб захIмалъи: жакъа цо-цо участкабазул бетIергьаби кодорего щоларо. Ракьухъ балагьизе гьел рачIунаро, арендаялъе ва субарендаялъе ракьги кьун, рилула. РакъугарцIиде данде рагъ базе 30-40 азарго гъурушги хвезабун, ижарачагIазеги чияр ракь щайха?
Гьединлъидал саламатал ракьал руго ,ракъугарцIалда куркьбал рижизегIан ва гьеб гьаваялде бахъинегIан, лъицаниги милат гьабуларел. Гьеб ккола Дагъистаналда ракъугарцI гIемерлъиялъе ва гьелъ гьабулеб зарал цIикIкIиналъе гIиллаги.
Лъабго-ункъо соналъ цебе ракъугарцI хвезабулаан гIага-шагарго 20 азарго гаялда, ахIвал-хIал цIуниялъе гьеб гIолаан.
Амма 2015 соналда, ракъугарцIгун къеркьолаго, загьру пунхъизе ккана 60 азарго гаялде, гъоркьиса — 100 азарго гаялде.
Специалистаз гьарурал цIех-рехаз бицунеб буго, заралиял ракъугарцIал тIиритIарал ракьазул гIатIилъи исана жеги цIикIкIине бугин.
Жакъа къоялде республикаялда ракъугарцIалъ «ккун» буго росдал магIишатазул ракьазул 100 азаргоялдаса цIикIкIараб га. Гьелдаса 26 азарго га гурони бегьулеб куцалде ккезабун гьечIо. Гьелъие бугеб аслияб гIилла ккола магIишатазул нухмалъулез ракьалъе страхование гьабуларого букIин ва страхование гьабичIеб ракьалъе ракъугарцIица гьабураб зарал хIукуматалъ бецIуларого букIин.
— Исана хIукуматалъ ракъугарцIиде данде рагъ базе гIураб къадаралда гIарац биччан гьечIищ?
— 2012 соналде щвезегIан федералияб бюджеталдаса бачIунаан гьелде данде рагъ базе гIарац. Гьелъул лъикIаб хIасилги кколаан. Исана, республикаялъул гIемерисел ракьазда ракъугарцI тIибитIун букIинги хIисабалде босун, ДРялъул хIукуматалъ загьраби росизе биччан буго 15 миллион гъуруш. Дагъис­таналда ракъугарцI тIагIинабиялъул мурадалда лъикIаб даражаялда хIалтIи гIуцIиялъе къваригIуна 45-50 млн гъуруш.
— Кочубеялъул зонаялда ругел магIишатазул нухмалъулез ва гIухь­­буз абулеб буго, хIукуматалъ ра­къугарцIиде данде балеб рагъ гIу­раб къагIидаялда гьечIин, гьеб рахъа­лъ жидее щолеб кумекги гьечIи­лан …
— Гьез цIакъго хIалуцинабулеб буго, амма…
ГIухьбуз бокьараб абизе бегьила, амма хIалтIуда гIунгутIаби камун гьечIо. Дармилал конкурсал лъугIун рукIине кколаан ракъугарцIил тIинчI къватIибе бачIиналдего. Гьеб тадбиралъе дагьал кватIана. Гьединлъидал хехал тадбирал гьаричIони, ракъугарцI къватIибе лъугьун 30-40 къо баралдаса боржине байбихьула. Божи буго ракъугарцIида данде гьабулеб хIалтIи рукIалиде ккеялда. ДРялъул росдал магIишаталъул министр ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовас цIакъ кIваркьолеб буго ракъугарцIазда хурхун гьарулел хIалтIабазде. Церехун риччарал гъалатIалги хIисабалде росун, Росдал магIишаталъул министрствоялъги Россельхозцентралъулги цадахъа­б хIалтIудалъун исана ракъугарцIал лъугIизаризе тадбирал тIоритIулел руго.
— Гьеб масъала тIубаялъе щибха гьабизе кколеб?
— ТIоцебесеб иргаялда, чара гьечIого хIажат буго хасаб федералияб прог­рамма, гьеб тIубазабизе гIуцIизе ккола ракъугарцIида данде къеркьеялъул хIалтIи гьабулеб федералияб центр. Гьеб мехалъ букIина техникаги, гIураб къадаралда гIарацги, загьруги. Лъайги махщелги бугел специалистал нилъер гIунги тIокI руго.
Ракьал лъил ругелали цIехечIого хIалтIи гьабулеб къагIидаялъе ургъизе къваригIун руго. Щибаб магIишаталъ жиде-жидецаго хIалтIи гьабулеб бугони, ай цояс гьабун, цояс гьабичIони, гьелъул хIасил кколаро, яги кинабго хIалтIи гьабизе гIураб къадаралда гIарац кьезе ккола республикаялъул бюджеталдаса. Гьединал тадбирал гьаричIони, ракъугарцIал къойидаса къойиде цIикIкIуна, росдал магIишаталъе гьез гьабулеб заралги гIемерлъула.
Нури НУРИЕВ