10 меседил медаль

«ЧIохъ» агрофирмаялъе — лъабабилеб бакI

 

Астраханалда тIобитIараб Россиялъул тайпадулал чахъабазул выс­тавкаялде бугеб хIажалъиги бербалагьиги чанго нухалда цIикIкIараб буго гIадамазул, батIи-батIиял улкабазда тIоритIулел ясазул берцинлъиялъул конкурсазде дандеккун. Чахъу ккола тIабигIаталъ жиндие хасаб берцинлъи кьураб хIайван. РекIелъе рахIатги рохелги бачIуна, выставкаялда гIахьаллъулел гьезухъ халгьабидал. Дагъистаналъул тайпадулал чахъаби, 1912 соналдаса байбихьун, 19-абилеб нухалда гIахьаллъулел руго гьединал къецазда. Исанасеб сон нилъер республикаялъе шапакъатазул рахъалъ бечедаб букIана. Россиялъул чахъаби гIезарулезул Миллияб Союзалъул эксперталъулаб комиссиялъ кIваркьуна Дагъистаналъул чахъабазул тайпабазде, ва гьел мустахIикълъана 21 медалалъе, гьезда гьоркьоса — 10 меседил ва щуго гIарцул медалазе.
Нилъ рохизе ккараб хIужа буго Россиялъул тайпадулаб гIи гIезабулеб 70 магIишаталда гьоркьоб «ЧIохъ» агрофирмаялъ лъабабилеб бакI кквей. Гьелда гьоркьобе уна квас къунцIиги, гIияда хадуб кьагIазул къадар цIуниги, чахъабазул гIаммаб къадар цIикIкIинабиги.
Дагъистаналъул росдал магIишаталъул ва квана-гьекъолел нигIматазул министр ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовасул улкаялъул гIезарулезул союзалъул нухмалъулев Михаил Егоровасулгун букIараб гара-чIвариялда кIваркьуна тайпадулал чахъаби гIезариялъул иш министерствоялъ цIигьабулеб букIиналде ва Дагъистаналъул гIи гIезабулел выставкаялде тIадегIанаб даражаялда хIадурлъун рукIиналде. Республикаялдаса выставкаялда гIахьаллъана чахъаби гIезарулеб 11 магIишат: «ЧIохъ» ва «Сугъралъ» агрофирма, Гъуниб районалъул М. ХIажиевасул цIаралда бугеб СХК, Хунзахъ районалъул «Стела» ва «Машгьурал гIадамал» СПК, ЧIикIаб росдал «Архар» магIишат, Рутул районалъул Мишлеш росдал «Восток» СПК, Болъихъ районалъул «ГурхIел» СПК, Гумбет районалъул «МелъелтIа» СПК, Казбек районалъул «БагIараб Октябрь» СПК ва «Алмахъ» ООО. Дагъистаналъул мугIрузулаб тайпа ккола мугIрузда гIезабулеб гIиял аслияб тайпалъун. Республикаялда гIиял буго 5 миллио­налдаса цIикIкIун бетIер. ГIадада гурелъулха Россиялда гIезабулеб кинабниги квасул 26 процент гIицIго Дагъистаналъул магIишатазда къунцIулеб.
Исана ГIи гIезабулезул союзалъ Дагъистаналда тIобитIизе буго гIи гочинабиялъул рахъалъ ТIолгороссиялъулаб совещание. Гьелдаго цадахъ ГI. ГIабдулмуслимовасда ракIалда буго хадусан Россиялъул гьеб гIияхъанлъиялъул выставка нилъер рес­публикаялда тIобитIизе. Гьеб ккола республикаялъул росдал магIишат цебетIезабиялъул жавабиял хIалтIухъабиги федералиял идарабиги цадахърекъон хIалтIиялъул хIасил.
Гьединго лъикIаб асар гьабулеб букIана, волонтерал хIисабалда, выс­тавкаялда гIахьаллъарал Астрахань шагьаралъул школазул цIалдохъабаз ва студентаз. Гьездаго гьоркьор рукIана гIияхъанлъи гьабизе ракIалда бугел гIолилалги.