ГIияхъабазул хIаракаталъул хIасил

 

    Дагьал церегIан къоязда Волгоградалда тIобитIана тайпадулаб гIи-цIцIаназул рахъалъ ТIолго­ россиялъул выставка. Гьениб ни­ лъер республикаялдаса гIияхъабазе щвана бищун гIемерал шапакъаталги: 11 меседил, 9 гIарцул ва 6 мазгарул медалал.

    Бечедаб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ, Гъуниб, Гумбет, Рутул, Буйнакск, Казбек ва Ахти районаздаса 15 батIияб гIи-цIцIани гIезабулел магIишатаз. Бищун гIемер шапакъатал щвана «Сугъралъ» агрофирмаялъе ва Гумбет районалъул ЦIиликьа «Чед» абураб КФХялъе.

   ЦIиликьа гIияхъабазул хIакъалъулъ нижеца гIатIидго бицун букIана. КIудияб хIаракаталда жидерго магIишат цебетIезабулел чагIи руго гьел. Мисалалъе, гьабсагIаталда гьел тIаделъун руго «Артлухский меринос» абураб тайпадулаб гIи гIезабиялде.