ЗаргIанасеб нахги тIагIамаб цIибилги

ХIалтIулев чи чед камун кидаго хутIуларо

 

Гьал къоязда Шамил районалъул ГIурада росулъе щварал нижер заман гIечIо росдалгун лъай-хъвай гьабизе. Амма рес ккана гьениса ункъо километралъ рикIкIад, лъарал мухъда бугеб, МухIа­мад МагIангаловасул магIишаталде щвезе. ЦIикIкIун кIудияб гьечIониги, магIишат буго хIажатал шартIаз хьезабураб, мухIканго гIуцIараб. Гьениб ккана нижер МухIамадилгун гьадинаб гара-чIвариги.
— МухIамад, щиб магIишатха дур бугеб?
— Цо гектар ракьалъул гIатIилъиялда буго аслияб куцалда генул, гIечул, куракул гъутIби чIараб ах, буго цIибил. ПастIаналда рекьула овощал, пер-ражи, охцер-помидор ва цогидабги. Буго 13 найил тIала. Цер-цакьуялъ толарого рукIиналъ гIанкIуял дица гьанир хьихьуларо, буго 20-25 чIороло ва 7 хъаз. ГьабсагIаталда гьаниб буго 7 баси, 2 гIачIар ва 2 бече, росулъ (рокъоб) хьихьула 3 бечIчIулеб гIакаги.
— Дуца ижараялъе босизегIан кинаб бакI гьаб букIараб?
— Гьаб буго дир хъизамалъул умумузул букIараб ракь-кули. Гьезулго рукIарал гъутIби пасат гьарулел ратун, 2000-абилел соназда дица байбихьана гьаниб хIалтIи гьабизе, ижараялъе босана 2010 соналда. Доб мехалъ гьаб букIана рехун тараб, цо-цо бокьал-къадал чIвадназде сверараб, заз-хъархъил цIураб авал. Дица кинабго цIигьабуна, къачIана, чIезабуна лъел низам, бачана ток.
— ГIеч-гени магIарухъ ругьунаб, лъалеб нигIмат буго. Кин гьанибе ккараб цIибил, гьелъие дандекколищ мугIрузул шартIал?
— Гьаниб гIадин цIакъаб цIибил киб букIунеб? ЦIакъ хехго барщулеб, кутакалда тIагIамаб, гьуинаб, нижеца «чол берин» абулеб цIибил букIуна гьаниб. Гьаб мухъалда гIезегIан руго рехун тарал цIолбол ахал, гьел хIалтIизарулел чагIиги гIемер гьечIо.
— БоцIи гьанаейищ хьихьулеб яги рахьищ хIалтIизабулеб?
— Рахьдал нигIматазул бича-хиси дир гьечIо, гьел хIалтIизарула хъизамалъул тIалабал тIураялъе. ЧIагояб боцIи ялъуни хъураб боцIул гьан, гьезул цIикIкIараб къадарги букIунарелъул, бичиялъул щибниги къварилъи букIунаро. Хаслихъе бусби сверухъ ругел росабалъа гIадамаз росула хвел нухда тIамиялъе. Гьан, аслияб куцалда, кьола ХIебда бугеб райпоялъул тукаде, базаркъоязда дицагоги бичула.
— Ахикьа нигIматал, наязул гьоцIо киреха кьолел?
— Дир ах буго гIолохъанаб, пихъ кьезе жеги заман щвечIеб, щун хадуб кьелаха Гьолокь ва цоги бакIазда ругел заводазде. ЦIибил буго дирго хъизамалъеги тIаде вачIарав гьоболасеги кьезе гIураб. Ункъабилеб сон буго дица наял хьихьизе байбихьаралдаса, гьездасанги гьабин абизе хайир жеги босичIо. Гъол чIоролаби руго, гьезул гьан-ханал даруял ругин абулелъу­л, рекIелгъеялъе хьихьулел жал.
— БоцIуе кIалцIи-хер кин хIаду­рулеб?
— Гьаб буго накалде бахараб гIазу баниги гьеб гIодоб чIолареб, цо-кIиго къоялдасан кинабго биунеб авал. Гьединлъидал хасалоги бусби дица гъола къватIире. Аслияб куцалда харил хIажатаб къадар хIадурула дица, гьанир аскIорго руго гьеб хъвалел бакIал. ЛъагIалие босизе кколеб жо буго къараб харил 100-150 танг. Унсоколо росдада гIагарлъухъ буго гьеб бичулеб база, гьениве ун босула къваригIараб кIалцIи (хъап 200-300 гъуршиде), гьанисаго босизе ккани, гьеб дие чIола 400-500 гъуршиде.
— Росулъа къватIибехун бакIги бугелъул, боцIуе бацI-хъумуралъул хIинкъи букIунищ?
— КигIан бокьаниги бацIалги чакъалабиги руго сверухълъиялда. Бачазе гьезул хIинкъиги букIуна, амма 2-3 лъагIел барал, къокъа гьабун цадахъ ругел бусдузда щибниги гьабизе кIоларо гьезда – боцIулги букIуна жидеего гIураб гIакълуги цIодорлъиги. Гъоркьиса щибго тIаса инчIо дир, амма букIана рии 5 хIайван чIварабги.
— ТIад унел харжалги, бихьулеб захIматги, тIадбуссунебги данде босани, хайирго кколищ?
— КIвахIаллъичIого хIалтIани, зарал киданиги букIунаро. Бокьоб жанибго, тIубараб лъагIелалъ хер-кIалцIиги кьун боцIи хьихьулеб бугони, кIудияб хайирги ккеларо, амма дир гьедин гьечIо. Гьаб тIабигIаталда, къватIибе гъун тIубалеб боцIиги бугеб заманалда рекъараб хайи­р щвечIого букIунаро. Мисала­лъе, 25 азаргоялде 1-2 лъагIел бараб ба­си босани, дица гьеб хьихьула 3-4 сон ба­зегIан ва гьелъ дие кьола 45-50 азарго гъу­руш. Хаслихъе дица 3 бетIер бичани, цо бетIер уна хайиралде, кIигоялъухъ на­хъеги бусби росула.
— Бугеб магIишаталда гIей гьабун чIезейищ ракIалда бугеб яги…?
— Цо бакIалда чIани, чIунго хутIула. БоцIи гIемер гьабун гьанже данде ккеларо – хадув векерахъдизе кколеб хIалтIи дагьаб захIмалъизехъин буго. РакIалда буго ах гIатIид гьабизе, гьелда цадахъго бокьун буго форель тайпаялъул ччугIа гIезабиялъул хIалтIи гьабизе.
— ГIемеразул гIарзал рукIуна хIалтIи гьечIин абун. Гьаб дуца гьабулеб яги гьаб мисалалъул хIалтIи цогидазги гьабизе ресал ругищ?
— ХIалтIуде гъираги рокьиги бугев чиясе кигIан бокьаниги ресал руго. Балагье гьаб сверухълъиялде – эркенаб ракьги рехун тарал ахалги.
Босе ракь, хьихье боцIи, гьаре ахал – лъица гьукъун бугеб? Лъицаниги гьечIо. Дурго рес гIоларого батани, босе къарзалъе пачалихъалъул гIарац, гьабе хIалтIи. ХIалтIулев чи чед камун киданиги хутIуларо. Мисалалъе, жеги дандчIвачIо дие къварилъи, дир хIалтIуе квалквал гьабулев чи ялъуни идара. ЛъагIалие кьола ижараялъухъ 1800 гъуруш, тIурала налогазул суалал, лъугIана иш – пачалихъалда цеве вацIцIад вуго, гьелъул рахъалдасан дун толарев чиги гьечIо. Дун хIалтIуларого, ракь гIадада тун букIарабани, хIакъаб жо, раккилаанха дидехун суалалги.
— Жакъа буго 9 май, байрамкъо. Мунин абуни вуго хIалтIуда…
— Байрамал рукIун лъикI, амма ракьалда тIад, боцIигун хIалтIулев чиясул хIалтIул низам букIуна дагьаб батIияб. Нижер гьаниб буго цо аби: «ХIебда бугеб «майищ» бокьилеб, заргIанасеб нахищ абураб.
— Дуца кинабха тIасабищулеб?
— ХIебда бугеб «маялъ» чехь гIорцIуларо, чехь цIезегIан нах бугеб бакIалдаго лъикI.
— Дур столалда тIад буго «ХIакъикъат» газета. ЦIалдезе бокьулищ дуе?
— Бокьула ва цIалула, гуребани гьаб гьаниб букIинароан.
ГIабаш ГIабашилов