Санкцияздехун — зар, ярмаркабаздехун — кIвар

 

 

 

 

 

 

 

 

Исана соналда тIоцебесеб росдал магIишаталъул нигIматазул республикаялъулаб ярмарка тIобитIана 9 апрелалда МахIачхъалаялда. Гьелда гIахьаллъана республикаялъул гIемерал районаздаса 180-200- гIанасев вакил (павильон-будка). Ахирал соназда гьел таманал тIоритIиялъул хIасилалда щвараб хIалбихьиялъги батила, ярмарка гIуцIун букIана гIезегIан лъикIаб даражаялда. ГIахьалчагIазе чIезарун рукIана хIалтIи берцинаб хIалалда иналъе рекъарал шартIал, бихьана цебехун киданиги ярмаркабазда дандчIван букIинчIеб, амма гьадинал бакIазда кутакалда хIажатаб цо цIилъиги – бокьараб нигIматалъул анализал – хал гьабиял хехаб хIалалда тIуразелъун хIалтIулеб букIана ветеринарияб комитеталъул хасаб машина – лаборатория. ГIемерисел нигIматазул багьаби хIакъикъаталдаги рукIана базаразда ругездаса гIезегIан гIодорегIанал. Мисалалъе ханазул лоток – 200 гъурщиде, гьан – 350-380 гъурщиде кило (Рамазан моцI букIиналъги батила цо-цояз гьеб бичулеб букIана 300 гъурщидеги) ва гь.ц. Ярмарка унаго, цо-цо гIахьалчагIазулгун дир ккана къокъалго гара-чIвариялги.

 

Гъизилюрт районалъул росдал магIишаталъул управлениялъул бетIерав специалист, ГIали ГIалиевас кьуна гьадинаб баян.

— Заман буго хIакъикъаталдаги захIматаб, масъалаби руго гIемерал, амма росдал магIишаталъул хIалтIухъабаз кутакалда яхI бахъулеб буго. КIвар кьолеб, гIемераб хIалтIи гьабулеб буго гIи-боцIул къадар цIикIкIинабиялда, гьелъул даража борхизабиялда тIад. Гьеб кIудияб хIалтIул цо бутIалъун рикIкIине бегьула гьал ярмаркаби тIоритIиги. Нижер районалдаса жакъа гьаниб буго 10 машина (СПК, КФХ, ЛПХ), гьез ричулел нигIматалги ккола батIи-батIиял хьонал, рассада-саженцал, гьан, рахьдал продукция ва гь.ц. Гьаб буго бичулесеги босулесеги пайдаяб, гьоркьор «посредникал»  журачIого, учузаб (15-20 проценталъ) багьаялда бокьараб нигIмат босизе рес кьолеб тадбир.

— Учузаб багьаялда гьанир жидерго нигIматал ричиялъ магIи­шатазе кьолеб пайда щибха кколеб?

— Базаразда гIемераб заманги хун, гьениб базархIакъги кьун даран гьабиялдаса, дагьаб учузго бугониги,  гьаниб кинабго бичи цебе ккола.

 

«Кавказалъул къуват», «Дидоялъул» гуч

 

Россиялъул кинаб регионалде щваниги, гIемераб цогидалда цадахъ гъира букIуна тукабахъ цо щибниги нилъер нигIмат-продукция батизе. Коньяк-чагъиралъул бицинчIони, аслияб куцалда кирго дандчIвала «Рычал-су» минералияб лъим ва  «Сила Кавказа» СПОКалъул («Дидо») батIи-батIиял нигIматал (урба ва гь.ц). Жакъасеб ярмаркаялдаги букIана гьезул павильон ва гьениб ккана СПОКалъул коммерческияй директор Загьра ГIабдурахIмановалъулгун гара-чIвариги.

 

— Загьра, урба гьабулел гIадамал Дагъистаналда гIемер руго, амма нужер цIар лъала кибго. Сундулъ бугеб балъголъи?

 

— Балъголъи кинабгIаги батиларо. Амма дуца хIалтIи гьабулеб бугони кинабго дур рухIги, рокьиги, ракIги гьелъулъ лъун, гьелда рекъараб букIуна хIасилги. Нижер хIалтIи гIуцIун буго гьединаб, умумузул хаслъаби цIунараб, цIиял технологиялги хIалтIизарулеб къагIидаялда. Гьелде тIаде нижеца хIалтIизаруларо хIажат гьечIел химиягун цоги тIаде жураял, нижер нухмалъиялъ гьединал жал аскIоре къазе толаро. Нижер буго цIикIкIараб хIалбихьи, 20-ялдаса цIикIкIун сон буго хIалтIизе байбихьаралдаса. Гьелда цадахъго ниж хIалтIула заманаялъул тIалабазда рекъон, кIвар кьола рекламаялде. Мисалалъе босани, дагьай цее дун йикIана Елена Малышевалъул «Жить здорово» программаялда. Бицана, бихьизабуна, киназдаго лъазабуна щиб жо кколеб урба, рагIизаруна «Сила Кавказа», «Дидо» цIарал. ГьабсагIаталда урба къватIибе биччалеб буго гIемерал бакIазда (Москва, Пятигорск ва гь. ц.), амма дица доба загьир гьабуна хIакъикъияб урба букIунин цохIо Дагъистаналдайин абураб пикру. Нилъер гIадамазда гIадин гьелъул магIнаги, тIагIамги, хаслъиги тIокIаб лъиданиги лъаларо ва лъазе ресги гьечIо.

 

— ГIага-шагарго чан тайпа нигIматазул нужеца къватIибе биччалеб?

 

— СПОКалъул членаллъун ккола Гъизилюрт, ЦIунтIа, ЦIумада ва Юждагъалъул цо-цо районаздаса 50-ялдаса цIикIкIун чи (3-4 СПК, 10-ялдаса тIаде КФХ ва гIезегIан ЛПХ), гьез нижехъе кьола нигIматал, нижеца гьел къачIала ва тIурала цоги хIалтIаби. Нижер сияхIалда буго къватIире риччалел нигIматазул 182 цIар. Урба гуребги, къватIире ри­ччала батIи-батIиял даруял хурдул, гьоцIо ва цогидабги.

 

— Россия тун къватIибехун бугищ нужер урбаялъул тIалаб?

 

— Буго. Ниж гIахьаллъана Са­гIу­диязул ГIарабиялда букIараб тIолгодунялалъулаб выставкаялда, гьениб нижее щвана Баркалаялъул кагъат, продукциялъе кьуна лъикIаб къимат. РукIуна заказал Турциялдаса, Германиялдаса, Белоруссиялдаса, Казахстаналдаса. Гьенибе унеб продукциялъул къадарги букIуна гIезегIан мадараб, гьебги цIикIкIунеб буго соналдаса соналде.

 

— Гьал санкцияз гьарулел квекIенал нужеда хъинтIанищ?

 

— Киназдаго хъинтIулел гьел нижедаги хъинтIичIого рукIинищха. Мисалалъе, цо-цо нигIматал  (миндаль, кунжут, арахис) нижеца росула къватIисел пачалихъаздаса (Индия, Вьетнам, Азербайжан), буго гьединабго алат-къайиги. Амма ниж къуркьулел гьечIо, гьабсагIаталда хIалтIулел руго нахърателал гьарун рукIарал нигIматалгун, хира гьаричIого багьабигун. Берцинго унеб буго хIалтIи, Росдал ма­гIишаталъул министерствоялъ кьуна лъикIаб грант, гьелда рекъон босана хIажатаб къайи-цIа.

 

— Гьадинал ярмаркабазул пайда букIунищ нужее, гIадада тIамураблъун кколищ гьаниб заман?

 

— ГIадада тIамураб заманлъун гIа­гардеги рикIкIине бегьуларо. Нижеца гьоркьоб биччачIо цониги ярмарка, гIахьаллъана киназдаго. Гьанир ниж лъала, нижеда лъала, кутакалда кIвар бугеб, хасго гьаб заманалда цIакъго хIажатаб, киназего пайдаяб тадбир буго гьаб. Лъица щиб абуниги, цIакъаб жо буго гьоркьохъан гьечIого ккараб бухьен.

 

ГIуцIараб хIалтIиги гIолареб заманги

 

Ярмаркаялде щвана росдал магIишаталъул министр Баттал Батталовги. Гьесиеги кьуна цо чанго суал.

— Санкциязул тIадецуйги хIисабалде босун, кинаблъун букIинин кколеб дуда аграриязе исанасеб сон?

— ХIалтIулъ кидаго дандчIвалел масъалаби камун рукIинаро исанаги, кидаго гIадин гьелги тIуразе руго жиндир заманалда. ХIакъаб жо, рукIина исана масъалабиги захIмалъабиги. Мисалалъе, хиралъулел руго запчастал, ккела суалал къватIисел пачалихъаздаса босулеб оборудованиялда, цоги къайи-цIаялда  ва цогидалда сверухъги. Амма дир кинабгIаги щаклъи гьечIо гьел киналго суалал тIураялъе ресалгун сурсатал ни­лъеда ратизе рукIиналда. Сезоналъул хIалтIиги унеб буго ругел планазда рекъон. Исана соналда овощал чIезе руго гъоркьиса соналде дандеккун 2,5 азарго гектаралъ цIикIкIун, гьебго хIал букIине буго пихъил, цIолбол рахъалъги. Нилъер кидагосеб масъа­ла букIана гIезарурал нигIматал цIунизе бакIал-складал гIунгутIи. Гьал къоязда Гъизилюрт районалда хIалтIизе биччана овощазул кIиазарго тонна цIунизе рес кьолеб кIудияб склад. Цо чанго соналда жаниб республикаялда цIикIкIине буго гьединал складазул къадар. Исана соналъул тIоцебесеб кварталалда магIишатазе щвана пачалихъияб кумекалъул 150 млн гъурущ (гъоркьиса щун букIинчIо гьеб). Хасаб кIвар кьезе буго цIикIкIараб тIалаб бугел нилъер нигIматал (цIибил, пиринчI, гьан) гIезариялъеги. Дир хIисабалда, нилъеца нилъерго тIалабал тIуранго хьезари гуребги, нилъеда кIвезе буго аслиял нигIматал кIудияб къадаралда Россиялъул цоги регионазде ритIизеги.

 

— Кинаб къимат дуца кьолеб жакъасеб ярмаркаялъе?

 

— Районазда ва шагьаразда исана нижеца тIобитIана 9 ярмарка, республикаялъулаб даражаялъул гьаб ккола тIоцебесеб. ГIахьалчагIазул ва рачIарал гIадамазул, ругел багьабазул хIисаб гьабуни, лъикIаб къимат кьела. ГIаммаб куцалда босани, дун рази вуго. Дида лъикI бихьана бокьараб тайпаялъул ва гIезегIан учузаб багьаялъул гьан гIемер букIин, гьебго абизе бегьула рахьдал ва гьелъул нигIматазул рахъалъги. Ахираб заманалда гIемер хабар букIана капустаялда сверухъ. Ниж хIалтIана гьеб суалалда тIад ва руго хIасилалги. Гьаниб гьеб бичулеб буго 60 гъурщиде кило (базаралда гьеб бахун букIана 80-90 гъурщиде). Гьебги дагьаб цIикIкIун буго, дир хIисабалда букIине ккелаан 50 гъурщиде. Гьадинал ярмаркаби гIуцIиялъул, гIадамал нигIматаз хьезариялъул, багьабазда  хадуб халкквеялъул хIалтIи ине буго хадубккунги.

 

— Дуца щибниги босанищ гьаниса?

 

— Дица босана киназго беццулеб сельдерей, босизе буго тIогьолаб (цветная) капуста. Холодильникалда буго гIураб гьан, буго бакъварабги, гуребани босизе букIана гьебги. НигIматазул рахъалъ къварилъи гьечIо, квеш  ккараб жо буго, гьел  хIадурун, кванан парахатго гIодов чIезе заман гIоларого букIин…

 

ГIабаш ГIабашилов