Гьабурасе-квас, кванарасе-нах

 

 

Росдал магIишат ва гьелъул нигIматал къачIай республикаялъул экономикаялъул бищунго кIвар бугеб бутIа кколеблъи буго щаклъи гьечIеб хIужа. БакIал раялда ва даран-базаралда гIемерал гIадамал хIалтIулел ругониги, бюджеталде гьез кьолел налогазул къадарги гIезегIан цIикIкIараб бугониги, росдал магIишаталъул даражаялде гьел рахунаро. Промышленность, хасго бакIаб, нилъер гьаниб лъалеб хIалалъул багъа-бачариялда жеги гьечIо, туризмги гьанжего-гьанже цебетIолеб буго. Амма жакъа росдал магIишаталда буго азаргогIанасеб гIаммаб магIишат (СПК, агрофирма, ООО ва цогидабги), 17 азарго фермеразулаб магIишат (КФХ) ва 485 азарго ЛПХ (жалго жидедаго ч1араб магIишат). Дагъистаналъул ВРПялда (къватIибе биччараб тIолабго продукция­лъул ва кинабго бича-хисаралъул гIаммаб багьа) гьелъ ккола 21 процент. Нилъер гьаниб буго тIолабго Россиялъул гIи-цIцIаназул 21,3 процент (1 бакI), чIегIербоцIул 5,3 процент (3 бакI), гIезабула овощазул 8,6 процент (1 бакI)), пихъил 4,4 процент (7 бакI), цIолбол 33-гIанасеб процент (1 бакI), квасул 25,4 процент (1 бакI).

 

Хурухъанлъи

 

Хурухъанлъи буго росдал магIишаталъул аслиял бутIабазул цояб (валовияб продукциялъул 43-гIанасеб процент). Республикаялда буго 464 азарго гектар рекьулел ракьазул, гьезда гьоркьоса 280 азарго гектар буго лъалъалел ракьазул, 28,9 азарго гектар — ахазул ва 183 азарго гектар — харибакIазул. Рекьулел ракьазул 42,9 процент ккола могьолал культурабаз, 37,2 — кормаялъе хьалез, 10,8 — овощаз, 5,1 — картошкаялъ, 2,5 — бахчабаз ва 1,5 — нах ба­хъизе хьараз. Могьолазда гьоркьоб аслияб бакI ккола ролъуца, кIиабилеб бакIалда буго пурчIина, лъабабилеб бакIалда — пиринчI. Хаслихъе хьалел могьолал культурабаз исана ккун букIана 93,9 азарго гектар ва гьениса бакIарана 213,5 азарго тонна тIорщалил (цо гектаралдаса 22,7 центнер, гьеб кколаро беццизе гIураб х1ужа). Росдал магIишаталъул ва кванил нигIматазул министерствоялъул баяназда рекъон, тIоцебесеб октябралде республикаялда бакIарана овощазул 1033,4 азарго тонна, пихъил — 170,3 азарго тонна, картошкадул — 282,2 азарго тонна. ХIадурана харил — 1335,5 азарго тонна, сумал — 144,3 азарго тонна, сенажалъул — 17,5 азарго тонна ва силосалъул — 12,4 азарго тонна. Рахь цIикIкIиналъе хасало чIегIербоцIуе кьезе сенажгун силос хIадурулеб буго мукъсанабго къадаралда. Гьелъие гIилла — техника гIоларого букIин, запчасталгун цIатари хиралъи ва гIемераб цогидабги. Амма гьеб киналъулго хIасилалда гIемерго гIодобе кколеб буго бечIчIулеб рахьдал къадар.

 

ПиринчI

 

Гьеб буго хIакъикъаталдаги нилъер гьаниб цIилъулеб, цебетIолеб, лъикIал хIасилал рихьизарулеб бутIа. Ахираб лъабго соналда жаниб гьеб хьалеб ракьалъул гIатIилъи цIикIкIана 25 проценталъ, гьениса бакIарулеб тIорщел — 37 проценталъ.

2020 соналда Дагъистаналда бакIарана пиринчIалъул 112 азарго тонна (Краснодар краялда хадуб тIолабго Россиялда 2 бакI), гьединаб къадар жеги киданиги бакIарун букIинчIо нилъер гьаниб. Исана соналъул хIасил лъала дагьаб нахъа. Дагьабги цIикIкIун гьеб цебетIеялъе квалквалал гьарулел гIиллаби ккола хIажатаб къадаралда лъалъалеб лъеца хьезабун бажарунгутIи, мелиоративияб система къачIазе ккараб хIалалда букIин ва пиринчI бакIарулел комбайнал гIураб къадаралда гьечIолъи. Гьел масъалабиги тIуран, цоги сурсаталги хIалтIизарун хадуб, республикаялъул планалда рекъон, 2024 соналда бакIаризе ккола пиринчIалъул 140 азарго тонна ва гьелъул 90 процент къачIазе ккола республикаялдаго.

 

Ахихъанлъи

 

Ахал руго 28,9 азарго гектар гIатIилъиялда, гьезда гьоркьоса 21,4 азарго гектар ккола пихъ кьолел ахазул. Ахираб 3 соналда жаниб республикаялда чIана цIиял, интенсивияб тайпаялъул ахазул 1,5 азарго гектар. Ахираб заманалда ахихъабаз хасго цIикIкIараб кIвар кьолеб буго супер­интенсивиял технологияздалъун (цо гектаралда 2500 саженец, пихъ кьезе байбихьула лъабабилеб соналда, гектаралдаса кьола 50 тонна) ва дагь-дагьккун тIинкIулеб лъеца лъалъалеб къагIидаялде. 2024 соналде щвезегIан, церетIурал къагIидабаздалъун цIиял ахал чIезе ккола жеги 1,2 азарго гектаралда. Ахихъабазда церечIарал аслиял масъалабилъун ккола пихъ къачIай, гьеб цIуни ва саженцал гIезарулел питомниказул хIалтIи гьаб заманалъул тIалабазда рекъараб даражаялде бахинаби.

 

Картошка

 

Картошка бекьула 20 азаргогIанасеб гектаралда (аслияб куцалда Лаваша, ГIахъуща, Буйнакск, Хасавюрт ва Хив районазда) ва гьоркьохъеб хIисабалда бакIарула гьелъул 350-400 азарго тонна. Бахчабаз ккола 7 азаргогIанасеб гектар (аслияб куцалда Гъизляр, Нугъай, Бабаюрт районал) ва бакIарула гIага-шагарго 200 азарго тонна.

ЦIолбохъанлъи

 

Республикаялда цIибил чIун буго 26,3 азарго гектаралда, гьезул 21,2 азарго ккола бачIин кьолеб заманалде щвараб. Гьарурал хIисабазда рекъон, исана республикаялда бакIаризе ккола 200 азарго тонна цIолбол, гьелдаса 150 азарго тонна ине ккола батIи-батIияб тайпаялъул гьекъо­лел лъинал, сокал рахъизе. Ахираб 5 соналда жаниб цIияб цIибил чIана 5856 гектаралда, исанаги чIезе буго азаргогIанасеб гектаралда. ЦIолбол алкоголияб продукция гьабизе лицензия республикалда буго 17 предприятиялъул. Гьез къватIибе биччараб гIаммаб продукция (коньяк, шампанское, чагъир) исана 9 моцIида жаниб, араб соналъул гьебго болжалалда данде босун, дагьаб гIодобе ккана.

 

Овощал

 

Овощал гIезари соналдаса соналде цебетIолеб буго. Гьел гIезариялъул рахъалъ (2020 соналда бакIарана 1332 азарго тонна) Дагъистаналъ Россиялда ккола 1 бакI. Овощазда гьоркьоб аслияб бакI ккола хъапустIаналъ, гьелъул 13 азарго гектаралдаса бакIарула 700 азаргогIанасеб тонна.

ЦIакъго лъикIаб хIалалда це­бе­тIолеб буго теплицабазул магIишат. ГьабсагIаталда республикаялда бу­го теплицабазул 631 гектар, гьезда гьоркьоса 50 теплица ккола щибалъул гIатIилъи цо-цо гектаралдаса тIаде унеб. Теплицабазда гIезарулел овощазул къадаралъул рахъалъ республикаялъ тIолабго Россиялда ккола анкьабилеб бакI, СКФОялда — кIиабилеб бакI. 2024 соналда теплицабазул гIаммаб гIатIилъи ба­хинабизе буго 660 гектаралде. Гьеб бутIаялда церечIарал аслиял масъалаби ккола лъалъалеб лъеца ва тIабигIияб газалъ хьезариялъулъ ругел захIмалъаби.

 

ГIи-боцIухъанлъи

 

Гьеб рахъалъги Россиялъул регионазда гьоркьоб Дагъистан буго цебесеб кьерда. «Дагъстаталъул» баяназда рекъон, Дагъистаналда буго 966,8 азарго бетIер чIегIербоцIул (араб соналъул гьебго болжалалда букIаралъул 94,8 процент) ва гьезда гьоркьоб 463 азарго гIака (95,5 процент). ГIи-цIцIаназул буго 4786,5 азарго бетIер (96 процент), гьеб ккола тIолабго Россиялда бугеб къадаралъул 20 процент, ай Дагъистан буго тIоцебесеб бакIалда. ГIанкIу-хIелекоялъул буго 4173,9 азарго бетIер (96,5 процент). Республикаялда исана гIи-боцIухъанлъиялъ гIезабуна: боцIул ва гIанкIудал гьанал — 107,9 азарго тонна (чIагояб цIайи), рахьдал — 689,6 азарго тонна, квасул — 14,5 азарго тонна. Санайил гIезабула 35 азарго тонна гIиял гьанал, гьелдаса 15 азарго тонна битIула Россиялъул цогидал регионазде ва бичула къватIисел пачалихъазе. ГIанкIудул гьанал тIалабал нилъеца 55-56 проценталъ гурони тIураларо, хутIараб баччула Ставрополь ва Краснодар краяздаса, Ростов ва Москва областаздаса.

ГIанкIудал ханазул тIалаб тIубала 30 проценталъ, цогидаб баччула Краснодар ва Ставрополь краяздаса, Свердловск областалдаса ва Чачан республикаялдаса.

2021 соналда авлахъазда хIал­тIизабизе хIисабалде босун буго 12,4 азарго тонна минералиял удобрениязул. Санайил авлахъазде (аслияб куцалда овощал ва бахчаби рекьулел ракьазде) бала 1,5 млн. тонна ракул. Жибго гьитIинаб бугониги, зарал цIакъго кIудияб бугелъул, гарцIазде данде щибаб соналъ 100 азарго гектаралъул гIатIилъиялда (Нугъай, Тарумовка, Гъизляр ва Бабаюрт районазда) хIалтIизабула батIи-батIияб загьру. Ахирал соназда цIикIкIунеб буго магIишатаз босулеб техникаялъул (тракторал, комбайнал ва гь. ц) къадарги. 2020 соналда босун букIана 591,4 млн гъурщил багьая­лъул гьединаб техникаялъул 402 единица (2019 соналда дандеккун — 153 процент). Исана соналъул 9 моцIида жаниб босана 246 единица (465,6 млн гъурущ), гьезда гьоркьоб — 64 трактор ва 10 ролъ бакIарулеб комбайн. Кинабго техникаялъул багьа лъагIалил ахиралда бахине ккола 500 млн. гъурщиде, гьеб буго гъоркьиса букIаралде данде 130 процент. Нилъер шартIазда гьелъул бугеб цIакъго кIудияб кIварги бичIчIун, республикаялда гьабулеб буго мелиоративияб хIалтIи. 2021 соналда тIуразе руго гьадинал хIалтIаби: цIидасан хIалтIизе биччазе буго 4774 гектар ракьалъул, мелиоративияб ва культуртехникиял хIалтIаби гьаризе руго 670 гектаралда, фитомелиоративиял тадбирал тIоритIизе руго 4700 гектаралда, лъим щвезабизе буго 2500 гектаралде.

   Ругел планазда рекъон, 2021 соналда къватIисел пачалихъазде нилъеца бичизе ккола (экспорт) 27,3 млн долларалде росдал магIишаталъул нигIматал. «Экспорт продукции АПК» абураб регионалияб проекталда рекъон, 2024 соналде гьеб бахине ккола 33 млн. долларалде. Гьебго соналде Дагъистаналда бакIаризе (гIезабизе) ккола (ругел планазда рекъон): ролъ — 451 азарго тонна, пиринчI — 140 азарго тонна, картошка — 372 азарго тонна, овощал — 1608 азарго тонна, пихъ — 240 азарго тонна, боцIул ва гIанкIудал гьан — 277 азарго тонна, рахь — 938 азарго тонна, квас — 14,5 азарго тонна, хоно — 254 миллион.

 

ГIабаш ГIабашилов