ЗахIмалъи гIураб, гIарац дагьаб

 

    ГIемераб къварилъи бихьаразда гьоркьор рукIана калмыкалги. 1944 соналда гьел гочинаруна Гьоркьохъеб Азиялде, Казахстаналде. «Эркенлъараб» ракьазул цо бутIа, халатаб заманалъул ижара хIисабалда, кьуна мадугьалихъ ругел регионазе, гьезда гьоркьоб Дагъистаналъухъеги (85 азаргогIанасеб гектар). 1957 соналда калмыказе жидерго ВатIаналде тIад руссине ихтияр кьуралдаса нахъеги, заманаялъул къотIи-къаялги гьарун, гьел тана нилъеда хадур. Советияб заманалда доба букIана нилъер гIемерал районазул гIи, гIуцIана хъутаби. Хадубккун ахIвал-хIал дагь-дагьккун байбихьана хисизе, калмыказ борхана гьел ракьал тIуранго жидехъ рукIине ккеялъул хIакъалъулъ суал. Амма къабул гьарурал цIиял къотIи-къаяз гьеб хIал хIалуцине биччалароан, кин бугониги, анцIго сон ана гьел бетIергьабазухъе кьуралдаса. Ракьал нилъедаса аниги, нилъер гIезегIан гIияхъаби хутIана дора, росун ижараялъе ракьалгун руго хIалтIулел. Гьединазул цояв ккола ижараялъе 3000 гектар ракьулги босун, 1300 лемагги 50 чIегIерхIайванги хьихьун Лаганский районалда хIалтIулев вугев Буйнакск районалъул ЧIикIаб росулъа Арсланбеков ГIабдулмажид. Гьал къоязда редакциялде щун вукIарав гьесулгун нижер ккана гьадинаб гара-чIвари.

— Киназдаго лъала ЧIикIаб ахихъабазул росу букIин. Мун гIияде кин машгъуллъарав?

  — МагIишатияб рахъалъ нижер росдал гIадамазул цо бутIа буго ахихъаби, цогидал ккола шоферзаби, лъабабилел — гIияхъаби. Нижер умумулги гIухьби рукIана, гьединлъидал дицаги тIаса бищана гьеб пиша.

— Гьеб лъабабго бутIаялда гьоркьоб бищун пайдаяблъун рикIкIунищ дуца гIияхъанлъи?

   — Кутакалда битIун букIина гьеб бищун захIматаб бугин абуни. Ругьунаб букIиналъ гьабулел рукIун гурони, гIемерисеб заман авлахъазда тIамулеб вехьасул хIалтIи бокьа-бокьараз тIаде босулеб иш гуро. Амма гьитIинго босараб махщел, кигIан захIматаб гьеб батаниги, духъ хутIулеб буго гIумруялъго. Тун гIигун цо заманалда дун жуван вукIана бизнесалде. ГIезегIан лъикI унеб букIана магIишатги, амма ракI цIана гIияде.

  — Росулъ гIигун вукIарав мун гьебго магIишат гьабизе Калмыкиялде гочиналъе щиб хIажалъи ккараб?

  — Хасалил хIаримал руго дора лъикIал, гIи-боцIуе пайдаял. Доба гьечIо нилъер гьаниб бугеб гIурччинлъи, хер буго дагьаб, мукъсанаб, амма кигIан дагьаб бугониги гьелъул пайда буго гIемерго тIадегIанаб. Доба кутакаб ракъдаллъи букIиналъ цо соналда дица гIи бачун букIана Бабаюрт районалде. Амма жо ккечIо, гьенир дида дандчIвана гIияе захIматал унтаби ва бачун гIигун дун нахъе ине ккана.

— Кинха мун дова къабул гьавурав, кин кIвараб гьеб ракь ижараялъе босизе?

   — КIиябго регионалда гьоркьоб хъван букIараб къотIи-къаялда рекъон, ижараялъе ракьалги росун, нилъер гIемерал магIишатазул хIалтIи тIубалаан доба, нижер совхозалъул кинабго гIиги, Гъизилюрталдасан поездалдаги лъун, гочинабулаан добе. Колхоз-совхозалги риххун, гIиги дагьлъун букIиналъ батизе бегьула, чанго соналъ цебе киналго ракьал ана нахъе росун ва 49 сонил болжалалда, ижара хIисабалда, гьел кьуна бакIалъулал гIадамазухъе. Дора гIурал, дозул гIамал-хасият лъалеб букIиналъ нижее кинабгIаги къварилъи букIинчIо субарендаялъ (ижараялъул цо къагIида) гьезухъа хIажатаб ракь босизе. Нилъер гьаниб (Кочубей-Бабаюрт зона) ракь киназего гIоларого букIиналъ ижараялъе кьола 100, 200, 300 гектар. Дозул буго цIакъ гIемераб ракь, гьединлъидал кьолеб ракьалъул рикIкIенги бахуна чанго азарго гектаралде. Гьедин, азарго гектаралъухъ 150-200 азарго гъурущ хIисаб гьабун, дица ижараялъе (субаренда) босана 3 азарго гектар.

— Дур буго гIезегIан кIудияб магIишат, кумекалъе щал рукIунел?

  — ХIалтIизе вехь щвей жакъа ккун буго цIакъго захIматаб масъалалъун. Цере рукIарал хIалбихьи бугел, хIалтIи лъалел гIухьбиги херлъана, гIолохъанаб гIелалъеги бокьун гьечIо гIияда аскIоре къазе. Кин бугониги, хIажатал хIалтIухъаби ралагьула дорасаги нилъерго гьанисаги. Добаго багъилаб бакI балагьун, лъугьараб ахIвал-хIалалда санагIат рекъезабун гурони гIи нижеца кибего гочинабуларо. Техникаги гIемер къваригIунаро, ГАЗЕЛалъ тIубала кинабго.

— Дур унеб харжги, бихьулеб захIматги ва гIезарурал нигIматал ричун щолебги данде босани, мун разияб хIасил букIунищ?

  — 5-6 лъагIелалъ цебеги гьеб ра­хъалъ гIемерго мадар букIана, гьанже кинабго къойидаса-къойиде хиралъулеб буго. Нижеца бичулелъул багьа гьабин абизе гIураб гьечIо. Гьединлъидал захIмалъулеб буго, кигIан яхI бахъаниги, гIадатияб гурони хайирги щолеб гьечIо. Масала, дица босулеб кIалцIул багьа бахун буго 17 гъуршиде. ЦIадал рараб, авлахъазда лъикIаб хIал бугеб соналда гьеб хIажалъуларо. Амма ккола заман цо чахъдае къойил килограмм кIалцIул кьезе ккарабги. Цоялъул 200-250 гъуруш хIисаб гьабун, гъоркьиса дица босизе ккана харил 1000-гIанасеб танг. Гьебго заманалда чахъдал гьанал кило буго 250 гурщиде, кьагIрил — 340 гъурущ. Квасул къиматго гьечIо. Исана дие щвана 3 тонна квасул, гIицIго бакI эркен гьаби, хвезе течIого букIин мурадалда дица гьеб кьуна 3 гъурщиде килограмм хIисаб гьабун. Гьеб буго вехь тIуванго хIакъир гьавулеб багьа.

— Мун разияб хIал букIине ккани, щиб багьа букIине кколеб?

   — Мисалалъе, гьан кьуни 400 гъурщиде, базаралда гьелъул багьа бахуна 600-700 гъурщиде. Амма гьедин кьечIони, диеги гьечIо гьелъул пайда. КIиго-лъабго соналъ цебе нижер добасаги квас унаан Китаялде, гьелъул багьа бахун букIана 200 гъурщиде. Берцинаб хIалалда хIалтIи гьабизе ккани, киналъулго хIисаб гьабун, гьелъул багьа гьабсагIаталда букIине кколаан 500 гъурщидаса дагь гьечIеб.

— ЧIегIербоцIи сундуе дуца хьихьулеб?

  — Доб буго калмыказул гьаналаб тайпа, рахьдае хьихьун гьезул пайда букIунаро, гьел речIчIизе кумекги щоларо. Ричула бачал. Хасало нилъер гIадамал рачIуна гьел росизе ва гьеб рахъалъ щибго къварилъи гьечIо.

— ХIалтIи гьабизе гIияхъанасе добайищ бигьаго бугеб яги гьанибищ?

  — Дагъистаналда захIмат буго. Щайгурелъул нилъер гьаниб гIи гочинабун хьихьулеб букIун. Гьеб къагIида хIалтIизабичIого ресги гьечIо. Россиялда нилъергIан халатаб нухлул манзилги кибго гьечIо. Кочубеялъул зонаялдаса мугIрузде буго 250-300 километр. ХIисаб гьабе, гьеб нахъа толаго вехьасда бихьулеб захIмалъиялъул.

— Фермер хIисабалда къарзалъе гIарац босизе кканищ, пачалихъалъул рахъалдасан кумек щолищ?

  — Къарзалъе гIарац босичIо, босизе ракIалдаги гьечIо. Субсидия хIисабалда, цо чахъу рикIкIун пачалихъалъ кьола 100 гъурущ, тIокIаб кьолеб-толеб жо гьечIо.

— Дур буго 58 сон. ХIалтIана, гIела, тана гьаб захIматаб хIалтIийин абун ракIалдего кколищ?

   — Гьанже кIолеб гьечIо цебе гIадин хIалтIизе, гьечIо сахлъиги. Гьал ахирал соназда доба букIана ракъдаллъи, беразда цебе ракь сверулеб буго салул авлахъалде. Гъоркьиса цониги нухалъ бачIо цIад, исанаги жеги бачIо. Доб соналъ гIезегIан гIи унтана, хвана, инсанас киб гурин, гIи-боцIуца хIехьолеб хIал лъугьунеб гьечIо. Гьединлъидал дирги пикру ккана дагьдагьккун росулъе тIад вуссине.

    БатIияб гьабизе дун ругьунлъун гьечIелъул, гьанивги вукIинин кко- ла гьабго магIишаталда.

Калмыкиялъул ракьалъул гIатIилъи буго 75 азарго кв.км. (Россиялда 42-абилеб бакI). Гьениб гIумру гьабула 290 азаргогIанасев чияс (Россиялда 80-абилеб бакI). Гьезул 4 процент ккола магIарулал ва даргиял. Республикаялъулгун гIаммал гIорхъаби руго Волгоград, Астрахань ва Ростов областазул, Ставрополь краялъул, Дагъистан республикаялъул ва Каспи ралъдал. Гьелъул тахшагьар ккола Элиста (105 азарго чи).

ГIабаш ГIАБАШИЛОВ