209 азарго тонна – цIолбол

 

   ГьабсагIаталда бугеб ахIвал-хIалалда рекъон, исана Россиялда бакIаризе ккола могьолал культурабазул 127,4 млн. тонна, гьелдаса 84 млн. ккола ролъ. 93,7 азарго гектар гIатIилъиялдаса Дагъистаналда бакIарана могьолал культурабазул 212 азарго тонна (2020 соналдаса 3 проценталъ цIикIкIун).

   Гъоркьиса бакIарун букIана пиринчIалъул лъабазарго тонна, исанасеб бачIин гьелдаса цIи­ кIкIине ккола.

   ЦIибил бакIаризе буго 22 азарго гектар гIатIилъиялдаса, гIагашагарго 209 азарго тонна (гъоркьиса букIана 208 азарго тонна), гьанжелъизегIан бакIарана 38 азарго тонна.

   Исана республикаялда бакIарана ахбазаналъул 20 азарго тонна, гьелъул лъабго бутIа гьабун кIиго бутIа ана Дагъистан тун къватIибе.

   Исана бакIарана каридул 9 азарго тонна, гъоркьиса бакIарун бу­ кIана 6 азарго тонна.

    Ахазул гIаммаб гIатIилъи бахуна 28,9 азарго гектаралде, гьездаса 21,4 азарго гектар ккола пихъ кьолезул.

   Теплицаби руго 620 гектаралъул гIатIилъиялда, 7 соналда жаниб гьел кIодолъана 100 нухалъ.