БачIин гьарзаяб букIина

 

    ХIалуцараб хIал буго гьал къоязда Хасавюрт районалъул росдал магIишаталъул хIалтIухъабазул. Рогьалилъго рагIула хурзабахъ хIалтIулел комбайназул ва тракторазул хъуди. Исанаги бечедаб бачIин картошкадул бук1иналде хьул буго ХIасан МухIамадовасул рекьарухъабазулгун фермеразул магIишаталъул.

   — КватIун кканиги лъикIаб даражаялда тIоритIана ихдалил хIалтIаби. Цудунго барщулеб ва бакIаризе бегьулеб «Коломбо», «Аризона» ва «Ривьера» сортаз кьуна бечедаб бачIин. Щибаб гектаралдаса щвана 250 центнер картошкадул. Гьал сортаз бечедаб бачIин кьей гуребги ракъдаллъиги хIехьола, унтабиги рахунаро, — ян бицана ХI. МухIамадовас.

    ДРялъул росдал магIишаталъул министрасул заместитель Шарип Шариповасги лъикIаб къимат кьуна ХI. МухIамадовасул магIишаталъе ва министерствоялъул рахъалдасан кIвараб кумек гьабизе бугинги абуна.

   Ш. Шарипов щвана Кировасул цIаралда бугеб хIалбихьиялъулгун производствияб магIишаталдеги. Гьалъул бетIерав инженер Мовлетхан Саиповас бицухъе, 2400 гектаралдаса бачIин бакIаризе буго ОПХялъул хурухъабаз.

—    16985 гектаралдаса бакIаризе ккола исана Хасавюрт районалъул магIишатаз ролъ ва пурчIина, — ян бицана росдал магIишаталъул райуправлениялъул нухмалъулев Идрис Загъаловас. — Араб соналде дандеккун 1185 гектаралъ цIикIкIинарун руго исана хаслихъе рекьарал тIоролал культураби гIезарурал ракьал. Исана 11000 гектаралдаса ролъ ва 5985 гектаралдаса пурчIина бакIаризе буго Хасавюрт районалъул хурухъабаз. Жакъа районалъул магIишатазда хIалтIулеб буго 60 комбайн. Щибаб гектаралдаса 26 центнер ролъул ва пурчIинадул бакIарулеб буго механизатораз.

 

Гирай ХIАЙДАРОВ