БоцIихъанлъи-ахихъанлъи

Дир захIмат – дир магIишат

 

Инсуца малъараб гьабулев вукIиналдаса лъикIаб жо батуларо

Гьал къоязда ниж щвана Басрияб Миякьо росдада аскIоб бугеб Буйнакск районалъул Басрияб ЧIикIаб росдал гьитIинабго хъутаналде. Гьениб ШагIбан (эмен), Зугьра (эбел) ва вацал ХIажимурадги ГIабдулкъагьирги Къурбановазул хъизамалъул «Каир» фермеразулаб магIишаталъул буго мокьрол ахалъул 1,5 гектар, ва гьез хьихьулеб буго 90 бетIер чIегIербоцIул (гьездаса 10 бечIчIулеб гIака). 9 класс лъугIаралдаса нахъе, гIияда хадувги хьвадун, цинги КамАЗ машинаялдаги хIалтIун, гьабсагIаталда КФХялъул нухмалъулевлъун вугев ГIабдулкъагьирилгун ккана нижер гара-чIвариги.

— ГIабдулкъагьир, школалъу­л 9 класс гурони лъугIичIев мун, махщелги тIасабищичIого, мун гIияхъанлъиялде, боцIухъан­лъи­ял­де машгъуллъиялде гIилла щиб ккараб?
— Дида лъалеб мехалдаса нахъе, нижер рокъоса хIайван камураб заман букIинчIо. Гьедин батилаха, гьитIинго боцIудехун дир рокьиги бижараб. ЦIалудехун киданиги гъира букIинчIо, кидаго ракIцIалаан техникаялде, гIи-боцIуде.
— ГIияде рокьи бугев дуде тIаде ккун буго ахихъанлъиги…
— 1995 соналда чIана нижеца гьаниб 30 мокьрол гъветI, гьелъул кколеб хIасилги бихьун, 2007 соналда гIатIид гьабуна ах. ЗахIмалъулеб букIана гIи хьихьизе, дагьаб чIалгIунги букIана. Гьединлъидал, гьебги тун, тIадчIей гьабуна чIегIербоцIуда, кодобе босана ахихъанлъиялъул хIалтIиги.
— Жакъа щиб хIалтIудаха нуж ругел?
— ГъутIбузда сверухъ бакI бухъана, рак лъуна, гьабсагIаталда гьел кIурулел руго.
— Удобрение, ай химия гIемер хIалтIизабулищ?
— Гьеб хIалтIизабиялъе хIажалъи букIунаро. Нижерго боцIул кигIан бокьанаги рак бугелъул, гьелдаса босула пайда. Пихъ берцинлъиялъе, гьеб халатккун цIунун хутIиялъе нижеца щибго хIалтIизабуларо. Амма, чIезабураб къадаралда рекъон загьру хIалтIизабичIого кинго тIубаларо, гьеб речIчIизабичIони, пихъ лъугьинего лъугьунаро, хIапаро-нацIалъ, батIи-батIиял унтабаз хвезабула.
— Гъоркьиса кигIан микьир нужеца бакIарараб, бигьалъанищ гьеб бичизе?
— Гъоркьиса бакIарана гIага-ша­гарго микьго тонна. ГIезабураб бичиялъулъ гьанжелъизегIан щибго къварилъи букIинчIо. ГIемерисеб ба­раб букIуна мокьрол тайпаялда. Нижер руго гьелъул лъикIал, цIи­кIкIараб тIалаб бугел, гIадамазе рокьулел тайпаби – БагIараб микьир, ХIажимикьир, гьединлъидал микьир бичичIого хутIуларо. РукIуна, гьанире рачIун, гьеб босулел гIадамалги, нижецагоги кьола Хасавюрталъул базаразде. Гьаб буго хIалтIизе кколеб, хIалтIун хадуб хайир кьечIого букIунареб иш. ГьабсагIаталда бугеб хIалалда рекъон, гъутIбузухъ балагьун, хадубккун цIорой ккечIого борчIани, исана дагьабги лъикI букIинин ккола пихъил бачIин.
— ЦIибил гIезаби жеги пайдаяб гьечIищ?
— ЦIибил букIуна аскIоб бугеб Басрияб Миякьо росулъ. Нижер гьаниб гьеб дандекколаро, хIанчIаз толаро.
— Микьир гIезабиялда цадахъго нужеца хьихьулеб буго боцIиги. Кин нужехъа гьеб бажарулеб, кин хIадурулеб хIажатаб къадар кIалцIи-хералъул?
— Бегьилаан хIалтIухъаби кквезеги, амма гьел ккун хадуб, щиб хайир-пайдаха нижее букIинеб, гьебги хIисабалде босун, кинабго хIалтIи тIубала нижецаго. Гьаниб аскIобго буго росдал жамагIаталъул ракь, гочинабулеб гIи хьвадулеб нухалъул авал, боцIи нижеца гъола гьенибе. Хасало къваригIунеб харил ункъазаргогIанасеб танг дица босула Бабаюрт районалдаса. Сезоналъул заманалда босун, рокъобе баччараб гьелъул цо танг чIола 70 гъуршиде, сезоналъул ахиралде гьеб бахуна 100 гъуршиде. ЛъагIалие хIажалъулеб хIадурараб кIалцIул 40-гIанасеб тонна (цо кило 7,20-7,30 гъуршиде) босула Доргъелиса.
— ЧIагояб боцIи, гьан кин бичулеб?
— Чачаналъ рагъ бугел соназда, гьанире рачIун, чачаназ босун унаан чIагояб боцIи. Гьанже хъураб боцIул гьан нижеца кьола Гъизилюрт шагьаралда бугеб гьеб бичулеб тукаде (250 гъуруш кило хIисаб гьабун)
— БечIчIараб рахьдада щибха гьабулеб?
— Эбелалъ хIан бахъула. Базаралде инецин кколаро, хIалбихьарал, гьелъу­л къимат лъалел гIадамал гьеб босизе рачIуна рокъоре. ГьабсагIаталда гьелъул килоялъул багьа буго 250 гъуруш, риидалил, кIалцIи-хер кьезе кколареб заманалда гьеб ккола 200-220 гъуршиде.
— Дур хIалбихьиялда рекъон, боцIи хьихьийищ пайдаяб бугеб, пихъ, хасго микьир гIезабийищ?
— Цо соналда, микьир тIегьараб заманалда, ккана цIорой, гъутIбузда тIад щибго пихъ хутIичIо. Доб соналъ ахикьа бакIарун батила 100 килограммгIанасеб микьир, кьечIо тIокIаб Аллагьас, кьечIеб жо дицаги кисаха босилеб. БоцIуде цIикIкIун ругьунав вукIиналъги батизе бегьула, гьеб хьихьи баракатаб бугин ккола дидаго.
— ГьанжелъизегIан къарзалъе пачалихъалъухъа гIарацго босанищ?
— Киданиги босичIо, гьелда хадувги лъугьинчIо, хIалтIулев чи гьелде регIунги вукIунаро. Гьеб щола ракьги боцIиги гьечIел, кагътида кинабго бугел, кабинетазде хьвадун ругьунал гIадамазе.
— Мун вуго гIолохъанчи. Къасиги къадги хIалхьи гьечIеб гьаб хIалтIиги тун, шагьаралъул бацIцIадаб хIалтIуде лъугьине бокьилин абурал пикраби рачIунарищ ботIролъе?
— БотIролъе гьединал пикрабиги рекIелъе гьединал хиялалги рачIунаро. Гьаб буго дие бокьулеб, дида лъалеб, дун бетIергьанаб, дир захIматалъ гьабулеб магIишат.
Инсуца гьабулеб батараб, инсуца малъараб гьабулев вукIиналдаса лъикIаб киб дида батилеб?
— Дуе щун буго инсул ирс. Бокьилаанищ дур васасги гьабго нух тIасабищизе?
— Заманалъ жиндирабго босичIого толаро, щиб гьес тIасабищилебали лъаларо. Амма, эмен хIисабалда, дие бокьилаан гьевги гьабго ишалда вукIине.
Гара-чIвари гьабуна
ГIабаш ГIабашиловас.