СУАЛ-ЖАВАБ

Гъоркьехун рехсолел суалазе жаваб кьуна ДРялъул Пенсиялъул фондалъул отделалъул начальникасул заместитель ГIайшат КIудиямухIамадовалъ.

 

 

Шамил районалдаса АсхIабгIалиев МухIамадица цIехолеб буго: «Дун ва росасдаса ятIалъарай дир яс гIумру гьабун руго чияр минаялъур. Лъимер гьа­бидал ясалъе щвезе кколаан эбелалъулаб капитал. РакIалда букIана гьелъул кумекалдалъун мина-рукъ босиялъе санагIалъи гьабизе. Амма Шамил районал­даса дир ясалъе гьеб капитал кьолеб гьечIо. Абулеб буго гьелъие ва гьейго гIадал цогидазеги кьезе кколеб капиталалъул сертификатал кинабалиго банкалда лъун рагIулин. Гьеб битIараб ба­тани, кинго бичIчIуларо гьелъул магIна. Лъазе бокьилаан, щай дир ясалъул сертификат кодобе кьоларого бугебали? Цоги, лъимералъ чан моцI бараб мехалда гьеб бетIергьабазухъе кьезе кколеб?»

— 2020 соналъул 1 марталда къабул гьабураб №36 «О внесении измене­ний в ФЗ №256 о дополнительных мерах государственной поддержки семьям имеющих детей» абураб фе­дералияб законалда рекъон, эбелалъ­улаб капиталалъул сертификат кодо­бе кьоларо.

Гьелъул бакIалда кьола эбелалъул цIарги, инсул цIарги, гьаюраб сонги, къо-моцIги, сертификаталъул но­мерги тIад хъвараб гIадатияб кагъ­ат-уведомление. Сертификат хIадур гьабула ва гьелъул бицунеб кагъат эбелалъухъе кьола гьелъул хъвай- хъвагIай гьабун бугеб (прописка) бакIалъул пенсиялъул фондалдаса, лъимер гьабураб къоялъго, ай гьелъ­ие бокьани.

 

Лъимадул сертификаталъул хIакъалъулъ тIубараб баян балагьизе бегьула «Госуслуги» абулеб сайтал­дасан.

Эбелалъ сертификаталдаса, ай ка­питалалъул гIарцудаса пайда боси­зе бегьуларо лъимералъ лъабго сон тIубачIого. Капиталалъул гIарцухъ мина-рукъ босиялъе, гIарзаги уве­домлениеги босун, хитIаб гьабизе ккола Пенсиялъул фондалде. Гьениб духъе кьола къваригIунел документа­зул сияхI.

Мина-рукъ босиялъе ва ипотека­ялъе кьезе капиталалъул гIарац эбе­лалъухъе кодобе кьоларо. Мина-рукъ босиялъе, баялъе, гьединго ипоте­каялъе гьабураб къотIи-къаялъул документалда рекъон, Пенсиялъул фондалъ гьеб битIула мина бичарав чиясул банкалъулаб счеталде.

 

 

«Дун хIалтIана улкаялъул батIи-батIиял регио­назда. Заман щвелалдего пенсиялде ине бокьун буго. БукIунищ дир гьединаб ихтияр? Пенсия чIезабулаго, документазда хадуб дун хIалтIулей йикIарай идара­баздейищ ине кколей? Гьенир документал цIунун ратичIони, щиб гьабилеб?»

— «О трудовых пенсиях в РФ- П» абураб федералияб законалъул №№27 ва 28 статьябазда рекъон, за­ман щвелалдего пенсия чIезабула заралиял предприятиязда ва рикIкIадаб Севералъул шартIазда хIалтIарал чагIазе, гьединго щуго ва цIикIкIун лъимер бугел руччабазе.

Херлъиялда бан кьолеб пен­сия чIезабиялъе цебе щуго сонил страховияб стаж гIолаан, цIиял тIалабазда рекъон, гьеб дагь- дагьккун цIикIкIинабуна ва гьелъие къваригIине буго 15 соналдаса дагь гьечIеб страховияб стаж.

 

Пенсия чIезабулаго, гIумру гьабун вугеб бакIалъул пенсиялъулаб отде­лениялде кьезе ккола: захIматалъул книжка, паспорт ва гьоркьохъеб харжалъул хIакъалъулъ справка. КъваригIуна мун хIалтIулев вукIараб бокьараб идараялдаса щуго со­налъ гьоркьоса тIечIого дуе щолеб букIараб харжалъул хIакъалъулъ баян.

Дур захIматалъул книжкаял­да хIалтIулев вукIарал бакIазулги заманалъулги мухIканал баянал ратичIони, стажалъул хIакъалъулъ справка архивалдаса босизе ккола яги къваригIуна хIалтIи кьолесул­гун гьарун рукIарал къотIи-къаязул кагътал. Гьел ракIаризе улкаялда сверизе кколаро.

 

Кагътидаги хъван, хIалтIулев вукIарал идараялъул кадрабазул от­делалде запрос битIани гIола яги телефоналъ ахIизе бегьула. Ида­ра тIагIун батани, документал ра­лагьула бакIалъулаб архивалдаса. Федералияб кIваралъул идараялда хIалтIулев вукIун ватани, хитIаб гьа­бизе ккола федералиял архивазде, регионалияб кIваралъул идараялда хIалтIун ватани – пачалихъияб архи­валде, районалъул кIваралъул батани — муниципалияб архивалде.

Архивалде яги хIалтIулев вукIараб идараялъул кадрабазул отделалде цIех-рех гьабеян гьарун битIулеб гIарзаялда хадуб къваригIуна дур букIараб хъулухъалъул яги тIубалеб хIалтIул баян ва захIматалъул книжкаялъул копия. Гьениса духъе бачIине ккола архивияб справка, мухIканал документал ратичIони — буюрухъазул ва харж кьурал ведомо­стазул копиял.

 

Пенсия чIезабиялъе документал щвезе захIмалъулеб бугони, хитIаб гьабизе ккола хIалтIи кьолес взносал рехулел рукIараб Пенсиялъул фон­далъул бакIалъулаб отделениялде. Гьел баяназги бицуна дур стажалъул къадаралъул хIакъалъулъ.

БукIуна лъугьа-бахъин, ста­жалъул ва харжалъул хIакъалъулъ киналгIаги баянал нахъе цIунун хутIичIеб. Архивалдаса босизе ккола гьел баянал цIунун гьечIин абураб справка.

Дур гIайибалдалъун докумен­тал тIагIун, рилун ратичIони, маса­ла, архив бухIун, гьеб хIужаялъул божилъи кьезе бегьула дол со­наз мунгун цадахъ цо идараялда хIалтIулев вукIарав ва гьелъул бицу­нел документал кодор ругев кIиго ва цIикIкIун нугIасул рагIабаздалъун. Амма гьеб иш тIубала судалъ.

 

ЧIарада районалъул ЦIулда росулъа ХIажи ГIумаровас цIехолеб буго: «Телевизоралдасан бицу­неб рагIана 50 соналъ цадахъ гIумру гьабурал рос- лъадуе хIукуматалъ 50 азарго гъурущ кьезе бугилан. Гьеб битIараб бугищ? Гьединал рос-лъадуе цоги ки­нал бигьалъаби рукIунел?»

МахIачхъалаялдаса ХIажимурад ГIалиевас битIун бачIараб кагътидаги кьолеб буго гьединабго магIнаялъул суал: «Ца­дахъ гIумру гьабун 50 сон барал рос-лъадуе ДРялъул хIукуматалъ гьа­булеб кинабгIаги кумек-бигьалъиго букIунарищ?»

 

Хунзахъ районалъул БакьайчIи ро­сулъа МухIамад Расуловас цIехолеб буго: «30 соналъ рос-лъадиялъ цадахъ гIумру гьабун бугони, хIукуматалъ, щибаб сон рикIкIун, пенсиялде тIаде кIиазарго гъурущ кьолин абулеб жо битIараб бугищ?»

ХIурматиял ХIажи, ХIажимурад ва МухIамад, гьал суалазе ниже­ца цереги жавабал кьун рукIаниги, ДРялъул ЗахIматалъул ва социалияб рахъалъ цIуниялъул хIалтIухъан Сай­хат ХIажимухIамадовалъ ва ДРялъул Пенсиялъул фондалъул хIалтIухъан Зарина Сункулиевалъ кьураб жаваб нахъеги такрар гьабулеб буго:

— 50 соналъ рос-лъадиялъ цадахъ гIумру гьабун бугониги, хIукуматалъ щибаб сон рикIкIун азарго гъурущ кьолин абураб закон яги хIукму гьечIо. Амма регионалияб даражаял­да гьеб бигьалъи гьабизе гьукъунги гьечIо. Закон буго 30-40-50 соналъ цадахъ гIумру гьабурал рос-лъадуе, хIукуматалъ щибаб сон рикIкIун, аза-азар гъурущ кьезе бихьизабураб. Россиялъул цо-цо бечедал регионазда гIумру гьабун ругел пенсионеразе гьеб кьола. Дагъистан ккола 80 процен­талъ Москваялдаса бачIунеб гIарцуца хьихьараб республика. Гьединлъидал тIадехун бицунеб пособие Дагъиста­налда ругел 30-40-50 соналъ цадахъ гIумру гьабурал рос-лъадуе щоларо.

 

«3-7 сонил ригьалда ругел лъималазе щибаб моцIалъ букIунеб пособие кинал шартIазда кьолеб? Гьеб кьейин абун кибе хитIаб гьабизе кколеб? Ок­тябрь моцI лъугIизегIан гурони пособие цIигьабиялъе гIарза къабул гьабуларин абулеб жо битIараб бугищ?»

 

— Щибаб моцIалъ кьолеб пособие щола Россиялъул гражданлъи бугеб лъимадуе.

Пособие чIезабула хадусел шартIазда:

  1. Лъимадул эбелалъул яги инсул, ялъуни къайимчиясул букIине ккола Россиялъул гражданлъи.
  2. Лъабго сон бараб лъимадуе 2020 соналъул 1 январалдаса нахъе посо­бие кьола, гьелъ микьго сон базегIан.
  3. 2020 соналда пособие кьола лъи­мералъ лъабго сон баралдаса нахъе кьечIого хутIарал моцIазулги, амма хитIаб гьабизе ккола 2020 соналъул 31 декабралдаса кватIизе течIого.
  4. Хъизамалда 3-7 сонил ригьалде бахараб чанго лъимер батани, по­собие кьола щибаб лъимадуе батIа- батIаго.

2021 соналдаса нахъе пособие кьейин хитIаб гьабизе ккола лъимералъ лъабго сон бан хадуб, ай анлъго моцIидаса кватIизе течIого. КватIани, гьеб кьола гьеб чIезабеян гIарза кьураб къоялдаса нахъе.

 

Пособие чIезабула ресукъал хъизамазул лъималазе, ай хъизамалъул щивав чиясе гIумру гьабиялъе хIажалъулеб бищунго гIодобегIанасеб гурони харж щолеб гьечIони.

2020 соналда 3-7 сонил ригьал­да бугеб щибаб лъимадуе кьола Дагъистаналда чIезабураб, гIумру гьабиялъе хIажалъулеб бищунго гIодобегIанасеб доходалъул бащалъи (50 процент). Дагъистаналда цо лъи­мадуе гIага-шагарго 5500 гъурущ би­хьизабун буго. 2021 соналда гьелъул къадар гIага-шагарго 11 азарго гъур­щиде бахинеги буго.

Пособиязул иш гьабун рагIалде бахъине байбихьана 2020 соналъул 1 июналдаса нахъе. Гьеб щвеялъе хъи­замалъ электроннияб къагIидаялда гIарза кьуни гIола «Госуслугаялде» яги М ФЦялде. К ъваригIунел д оку­ментазул пакет гьез жидецаго бала­гьула.

Пособие чIезабула цо лъагIалил болжалалъе.

 

Пособие кьеялъе инкар гьабизе бе­гьула:

  1. Лъимер хвани.
  2. Щивав чиясул хIисаб гьабун, хъизамалъул доход гIумру гьабиялъе хIажалъулеб бищунго гIодобегIанасеб къадаралдаса цIикIкIани.
  3. Дуруслъи гьечIел яги тIубачIел баянал гIарзаялда ратани.