Суалал-жавабал

Гъоркьехун рехсолел суалазе жавабал кьуна адвокат ШехмухIамад Гъази­мухIамадовас.

 

Унсоколо районалъул ЦIатIанихъ росулъа бачIараб кагътида цIехолеб буго: «Дун ккола 1999 соналъул август-сентябрь моцIазда Болъихъ ккарал рагъазул гIахьалчи, руго шапакъаталги. Дун ккола захIматалъул ветеранги. Лъазе бокьилаан, дица токалъухъ гIарац кьезе кколищали?»

— Федералияб законалда ре­къон, хIукуматалъул кинаб букIаниги бигьалъи щвеялъе, тIоцебесеб иргаялда, дур букIине ккола рагъул гIахьалчиясул статус. Жеги къабул гьабун гьечIо 1999 соналъул август-сентябрь моцIазда ккарал рагъазул гIахьалчагIазе пуланал бигьалъаби рукIине кколин абураб федералияб закон. Гьединлъидал, закон къабул гьабизегIан, сабруялда рукIине ккела.
ЗахIматалъул ветеранасе гьабулеб социалияб бигьалъи хIисабалда, 2020 соналда тIадбуссинабула коммуналиял хъулухъазухъ, ай лъехъ, газалъухъ, токалъухъ ва кьишни нахъе баччаралъухъ кьураб гIарцул 50 процент.

«Лъазе бокьилаан больницаялда вегарав чи тохтурас дараби росизе тIамулев вугони, ФОМС щай къваригIун бугебали?»

— Медицинаялъулаб полисалда рекъон, больницаялда вегарав чи чIового сах гьавизе ккола, гьеб мурадалда ФОМСалъ больницаялъе гIураб гIарацги биччала. Къокъго абуни, бетIерав тохтурас жаваб кьезе ккола унтарал сах гьариялъе къваригIунел дараби больницаялда чIезариялъул. Тохтурас дараби росизе тIамулев ватани, ахIе ФОМСалъул «горячая линиялъул» гьаб номералде: 8-800-2222-905.

«Дун кида ва кив дандчIвазе бегьулев депутатгун?»

— Депутатал рукIуна батIи-батIияб даражаялъул: Пачалихъияб Думаялъул, Халкъияб Собраниялъул, шагьаралъул, районалъул ва росдал собраниязул. Дур къваригIелалъул кIваралъухъ балагьун, тIаса вищизе ккола дандчIвазе бокьарав депутат. Масала, Пачалихъияб Думаялъу­л депутатгун дандчIвазе бегьула МахIачхъалаялъул аслияб майданалъул хьибилалда бугеб ДРялъул профсоюзазул минаялъул тIоцебесеб тIалаялда бугеб кабинеталда. Гьениб жанахIалъул къеда чIван буго гIадамал тIаде къабул гьариялъул график, гьелда бихьизабун буго дандчIвалеб заманги.

«Сакъатлъи чIезабулелъул ришватал росуниланги абун, цо-цоял жанир лъун рукIана. Лъазе бокьилаан гьезул къисмат».

Дагъистаналда тIатинавуна гьересиял справкабазда рекъон сакъатлъи чIезабурав анлъазарго чи. Гьеб такъсир тIатинабуна медициная­лъулгун социалияб экспертизаялъул хIасилалда. Гьелдалъун республикаялъул боджеталъеги тIокIлъана 1,7 млрд гъурущ.
Гьеб ахIи-хIуралдалъун Дагъи­станалда къана МСЭБялъул лъаб­­го филиал. Гьез чIезарурал «инва­­лидазул» делабазул хIисаб-суа­лалъул хIасилалда МСЭБялъул 27 хIалтIухъан хIалтIудаса рехана, анлъгояв пенсиялде витIана. Закон цIунулезул тIалабалда рекъон, судалъ чIезабуна МСЭБялъ 270 чиясе гьересияб документ кьун букIин. Дагъистаналъул МСЭБялда сверухъ букIараб ахIи-хIур, тIоцебесеб иргаялда, хурхараб букIана гьелъул нухмалъулев МухIамад МахIачев тамихIалде цIаялда. Жакъа гьев туснахъалда вуго. ЦIех-рехаз чIе­забуна, гьересиял документазда ре­къон, гьереси-инвалидлъи гьабуразе республикаялъул пенсиялъул фондалдаса 27 млн гъурущ кьун букIин.

«ЦIияб законалда рекъон, квитанциял цIунун ругони, 2020 соналдаса байбихьун, аптекабаздаса росарал дарабазухъ кьураб гIарац хIукуматалъ тIад­буссинабулин абулеб буго. Дараби бокьараб апте­каялдаса росизе бегьулищ, гIарац кин ва лъица тIад­буссинабулеб?»

— Гьеб программаялда гьоркьоре уна официалияб къагIидаялда хIалтIулел ва налогал кьолел, ай щибаб моцIалъ пачалихъалъул бюджеталде НДФЛ рехулел чагIи. Жидерго гуребги, гьез тIадбуссинабизе бегьула гьезул бищунго гIагарал чагIаз (росас, лъадуца, улбуз ва балугълъиялде рахинчIел лъималаз) хIукуматалъул аптекаялдаса дараби росун хвезабураб гIарацги. Гьеб бигьалъиялъул аслияб тIалаб ккола официалияб къагIидаялда хIалтIулел рукIин ва жиндир заманалда налогал кьей.
ТIадбуссинабулеб гIарцул къадар бараб букIуна дараби росулаго кьураб гIарцуда. Масала, щибаб моцIалъ дуца налогалъе кьуна 40 азарго гъурущ, лъагIалие дараби росун ана 39 азарго гъурущ, компенсация хIисабалда тIадбуссинабула 5,07 азарго гъурущ, ай дарабазухъ хвезабураб гIарцул 13 процент.
Гьеб компенсация щвеялъе налогазул инспекциялде кьезе ккола, «Для налоговой, ИНН» абун тIад бихьизаби бугеб, тохтурас хъвараб рецепт, гьелда цадахъ букIине ккола дарабазухъ кьураб гIарцул къадар бихьизабураб чек. Жеги къваригIуна налог кьеялъе нугIлъи гьабулеб декларация, хIалтIулеб бакIалдаса харжалъул къадаралъул ва налогазул хIакъалъулъ справкаби. Аслияб жо, микроскопалда гъоркь лъуниги, бихьулеб хIалалъ компенсация тIалаб гьабиялъе документал ракIариялъе къваригIуна маххул нерваби.
2020 соналъул тIоцебесеб июлалдаса нахъе компенсациялъул гIарац карточкаялде рехула.

«Хъутаналда гIумру гьабун вугев чиясул ихтияр бугищ 15-20 соналъ жаниб гIумру гьабун вугеб минаялъул хважаинлъун вахъине, ай рукъалъул «зе­ленка» гьабизе?»

— РФялъул Жилищнияб кодексалъу­л тIалабалда рекъон, рукъалъул цоги хважаин гьечIони, законалъ изну кьола гьеб минаялда жаниб гIумру гьабун вугев чи гьелъул хважаинлъун вахъине. БатIияб суал ккола, хъутаналда хIалтIулевинги абун, заманалда жанив чIезе кьураб рукъ бугони, ай ведомствоялъулаб абулеб рукъалъул «зеленка» гьабизе гьесул ихтияр букIунаро.
Гьадинаб суалалъе чIванкъотIараб жаваб кьун бажаруларо, щайгуре­лъул мухIканаб цIех-рех гьабун гурони, гьелъие хIукму къотIизе бегьуларо.

«Дун хIалтIулев вуго чамалиго идараялда. Цо идараялда хIалтIулев вуго захIматалъулаб къотIи-къаялда рекъон. ЦIияб законалда рекъон, пенсиялде унаго, дун хIалтIулел киналго идарабаздаса щолел харжазул хIисаб гьабулищ?»

— Официалияб къагIидаялда киналго идарабазда хIалтIулев ватани ва хIалтIикьолез дур цIаралда пенсиялъул фондалде страховиял взносалги ритIулел ратани, пенсия чIезабулаго хIисабалде росула мун хIалтIулел киналго идарабаздаса що­лел харжал. Амма лъазе ккола, пен­сиялъул фондалде ритIарал взноса­зул хIисаб гьабулаго, лъагIалие що­леб харжалъул роценалъул гIор­хъичIвай букIунеблъи. Гьелъул роцен щибаб соналъ хисула, масала, бищун цIикIкIараб ккола 815000 гъурущ, ай моцIрое щолеб гIаммаб харж 67000 гъурущ. Гьелъул магIна ккола официалияб къагIидаялда дуе гьелдаса цIикIкIун харж щолеб батани, 815000 гъурущалдаса кьурал взносазул гурони, хIисаб гьабуларо пенсия чIезабулаго.