Суалал-жавабал

МахIачхъала шагьаралъул Батирайил къва­тIалъул №39/18 адресалда гIумру гьабун вугев С. Шамсудиновас редакциялде битIун бачIараб кагътида хъвалеб буго: «АнцIго сон буго коммуналиял хъулухъазухъ гIарац кьезе дун хьвадулев вугелдаса.

Гьебго къваригIелалъ МФЦялде рачIуна 70-90 сон барал харабиги. Киназулго буго цо суал: «Газалъул ва токалъул счетчиказул бихьизабиязда рекъон щибаб моцIалъ нижеца гIарац кьола. Киса росунха токалъул ва газалъул идарабаз нижеда тIад налъаби хъвалел?» — абураб. «Гьелъул хIакъалъулъ цIехезе токалъул ва газалъул бетIерал управлениязде а», — янги абун, гIарац босулел ясаз ниж тIаса рихьизарула. Мисалалъе, дихъ букIуна щу-щу квитанция, гьел ккола счетчиказул бихьизабиязда рекъон, коммуналиял хъулухъазухъ дица гIарац кьун букIиналъул хIужаби. Амма кассиралъ дихъа тIалаб гьабула пуланаб къадаралда «налъи» бецIи. Киб гьеб букIарабилан цIехедал, абула жидер компьютералъ гьедин бихьизабулеб бугилан. ЛъикI буго, босе 350-400 гъурущ ва квитанциялда тIад хъвай налъи бецIанилан. Хъваларо, лъабабилеб моцIалъги бачIуна гьедигIанасебго налъи бугилан. Бокьилаан гьелъул мухIканлъи лъазе?» — ян.

Гьаб суалалъе гьадинаб жаваб кьуна «Газпром межрегионгаз Махачкала» ОООялъул хIалтIухъаналъ (гьелъ гьарана, цIар хъвагеян):

— 2008 соналъул 21 июлалда къабул гьабураб «Правила поставки газа» абураб №549 документалъул 21-абилеб пункталда рекъон, газалдаса пайда босулев абонентасда тIадаб буго щибаб моцIрол 25-абилеб къоялде, счетчикалъул бихьизабиялда рекъон, гIарац кьезе. Гьеб кьунилан абун, квитанциялдалъун яги цоги къагIидаялда поставщикасда, ай нижеда лъазабизеги. Бихьизабураб заманалда абонентас поставщикасда счетчикалъул бихьизаби лъазабичIони, гьебги лъабго моцIидасан цIикIкIине бегьуларо, бухIараб газалъухъ гIарац, гьоркьохъеб хIисаб гьабун, моцIалъ хIалтIизабулеб газалъул объемалъул хIисабалда рикIкIуна. Гьелдаса нахъе абонентас счетчикалъул бихьизабиялда рекъон гIарац кьезе байбихьани, рехсараб №549 документалъул 31 пункталда рекъон, гьес, счетчика­лъул халгьабизе ва гьелъул бихьизаби бахъизе «Газпром межрегионгаз Махачкала» ОООялде жидерго вакил витIеян хитIаб гьабизе ккола.
РФялъул Жилищнияб кодекса­лъул № 155 статьяялъул 14-абилеб пункталда рекъон, бухIараб газалъухъ унеб гIарцул къадар тIаде къотIулеб гIакIа-пениялъул роценалда цIи­кIкIу­на. Гьеле гьеб ккола газалъул идарабаз тIад «налъаби» (начисление) лъеялъе бугеб аслияб гIилла. Гьеб киналъулго хIисаб-суалги начислениеги тIубазабула компьютералъ.
БухIараб газалъухъ счетчикалда бихьизабуралдаса цIикIкIараб къадаралда гIарац тIад хъван батани, абонентас щибха гьабизе кколеб? Гьес гIарза хъвазе ккола «Газпром межрегионгаз Махачкала» ОООялъул газалдалъун хьезариялъул отделалъул начальникасухъе, гьелда цадахъ къваригIуна счетчикалъул экраналъул суратги, ахирисеб нухалда бухIараб газалъухъ гIарац кьеялъул квитанцияги. Гьелда рекъон, контролерас хъвала счетчикалъул хал гьабиялъул хIакъалъулъ акт ва кколелдаса цIикIкIараб къадаралда газалъухъ гIарац босун батани, нижеца цIидасан гьелъул хIисаб (перерасчет) гьабула.
Счетчикалъул бихьизаби нахъе бачин рикIкIуна газ бикъилъун, нижер контролеразухъ бугеб приборалъ гьеб такъсир бигьаго тIатинабула ва къотIула счетчикалъул хважаинасде гIакIаги.
Шамсудиновасул гIарзаялда бицунеб бугеб токалъул налъабазул хIакъалъулъ гьадин бичIчIизабуна «Дагъэнергосбыт» ОООялъул хIал­тIу­хъан Тимур МухIамаевас.
— Токалъухъ босулеб гIарцул къадаралъул рахъалъ щаклъи батани, абонентас гIарза хъвазе ккола «Дагъэнергосбыталъул» энергоснабжениялъул отделалъул начальникасухъе, гьелда цадахъ къваригIуна счетчикалъул экраналъул суратги, ахирисеб нухалда бухIараб токалъухъ гIарац кьеялъул квитанцияги. Гьел документазда рекъон, контролерас хал гьабула счетчикалъухъ ва, гье­лъул бихьизабиялда рекъон, хъвала акт. Мекъи босараб гIарац тIад буссинабула яги хадусеб моцIалда бухIараб токалъухъ рикIкIине тола.
БухIараб газалъухъги токалъухъги жиндир заманалда гIарац кьечIолъиялдалъун абономентасде тIаде гIарац бачIин ккола федералиял компанияз ургъараб жо, Дагъистаналъул компаниязул гьеб хисизабизе ихтияр гьечIо.

Гьабго суалалъе гьадинаб жаваб кьуна адвокат ШехмухIамад ГъазимухIмадовас:

— «Коммуналиял хъулухъалда­са пайда босиялъул низамазул» 59-абилеб пункталда рекъон, бу­хIараб газалъухъ ва токалъухъ гIа­рац рикIкIуна кIиго батIияб къагIидаялда: счетчикалъул бихьизабиялда рекъонги гьадинго хIисаб гьабунги. КIиабилеб къагIида къа­нагIат хIалтIизабула: счетчик хун бугони, хIисабалъулаб болжа­лалда абонентас счетчикалъул бихьизаби кьун гьечIони ва счетчикалъу­л бихьизаби бахъизе контролер ви­ччачIони.
Счетчикалъул бихьизабиялдаса цIикIкIун гIарац босун батани, дуца гьабизе ккола:
1. Хал гьабе, счетчик хIалтIиялъе бихьизабураб заман ун бугищали ва гьелда пломба бугищали.
2. Кагътидаги хъван, счетчика­лъул бихьизаби кье коммуналиял хъу­лу­хъазухъ гIарац бакIарулеб идараялде.
3. Кагътидаги хъван, гьеб идараялъухъа тIалаб гьабе счетчикалъул халгьаби. Халгьабун хадуб, тIалаб гьабе дуда тIад хъвараб гIарцул (начисление) мухIканаб хIисаб (гьебги кагътида).
Счетчикалъул бихьизабиялда ре­къон, жиндир заманалда дуца гIарацги кьун батани, тIалабазда рекъон счетчикги хIалтIулеб бугони, коммуналиял хъулухъазухъ духъа цIикIкIун босараб гIарцул хIисаб (перерасчет) цIидасан гьабула, гьелъие инкар гьабуни, судалъул хIукмуялдалъун гьабизе тIамула.

 

«ГIураб стаж гьечIони, чан сон бараб мехалда бихьинчи пенсиялде ине бегьулев?»

Гьаб суалалъе жаваб кьуна ДРя­лъул пенсиялъул фондалъул хIал­тIу­хъан ГIалиева Хамисица:

— «О государственном пенсионном обеспечении» абулеб федералияб законалъул 11-абилеб статьяялда рекъон, бихьинчиясул стаж гьечIони яги гьеб гIураб батичIони, херлъиялда бан, гьесие чIезабизе бегьула социалияб пенсия. Гьединаб ахIвал-хIалалда бихьинчи пенсиялде уна 65 сон, чIужугIадан – 60 сон байдал. Гьединаб пенсия чIезабиялъе хIажалъула Россиялъул ракьалда 15 соналъ гьез гIумру гьаби. ХIалтIуларезе гурони, хIалтIулел пенсионеразе социалияб пенсияги кьоларо.

«Ахирал соназда гIемерлъун руго токалдалъун цIа ккеялъул хIужаби. Гьелъие гIилла рехсолаго, токалъул хIалтIухъабаз щиб абулеб бугеб?»

Гьаб суалалъе жаваб кьуна Ма­хIачхъалаялъул токалъул подстан­циялъул инженер МухIамад Му­хIа­мадовас:

— 1963 соналда бачана магIарухъе ток. Доб заманалда къанагIатав чиясул гурони рукIинчIо токалъ хIалтIизарулел алаталги. Гьединлъидал рокъобе ток бачиналъе пайда босулаан тутиядул тIеренабго кваралдаса. Жакъа росулъ гIумру гьа­бун вугес пайда босула тока­лъул гIемерал алатаздаса. Амма гIе­ме­рисезул рукъзабахъе бачараб квар доб­г­о хутIун буго. Гьединлъидал гьез­де хIалги ккола, ва цIа ккеялъул хIу­жабиги гIемерлъула.
Гьедин ккечIого букIине, гIемераб гIарац унеб бугониги, гьел кварал хисизе ккола. КIварабгIан хIаракат бахъила пахьул кварал рачине. Чирахъазде унеб пахьул кварил биццалъи букIине ккола 1,5 мм². Розеткаялде унеб кварил — 2,5 мм². Минаялде ток бачунеб кварил — 4-6 мм².
Рокъоб къуватал токалъул алатал (сварка, чарх, станок, хъухъадиро ва гь.ц.) хIалтIулеб мастерская бугони, къватIиса бачунеб кварил биццалъи 4-6 мм² гIоларо, къваригIуна жеги риццатал кварал.
Тутиядул кварал цIалел ругони, гьезул биццалъи жеги цIикIкIараб букIине ккола. Масала, розеткаялде бачIунеб кварил 4 мм². дагьаб гьечIеб къваригIуна.