Суалал-Жавабал

«2013 соналда дица кредит босун букIана, 2014 соналда гьеб тIубан бецIана, гьелъул квитанцияги дихъ буго. Гьедин бугониги, кредит бецIизе абун, дир пенсиялда тIаса гIарац кколеб буго. Гьелъул хIакъалъулъ судалде гIарза хъван букIана, амма гьел дихъ гIенеккичIо. Дица щиб гьабизе кколеб?»

 

Гьаб суалалъе жаваб кьуна Ма­хIач­хъалаялъул Сбербанкалъул кре­ди­­тазул отделалъул начальник ХIу­сен ХIусеновас:
 
— Кредит тIубанго бецIанин абураб хIужа-квитанция кодоб бугей дур пенсиялда тIаса гIарац кквей рикIкIуна закон хвезабилъу­н. Гье­динлъидал дуе чарагьечIого къва­ригIуна хIалбихьи бугев адвокат. Гьес цIех-рехги гьабун, документалги ракIарун, судалде гIарза хъвазе ккола. Судалъ хIукму къотIула, законги хвезабун, дур пенсиялда тIаса ккураб тIолабго гIарац тIадбуссинабизе банк тIамизе.
 
«Дицаги дун гIадинал цогидазги газеталъул редакциялде ритIула кучIдул. Нижер мурад букIуна гьел газеталъул гьурмазда рахъи ва цIалдолез къимат кьей. РукIунел ратиларо гьел щвалде щваралги, щайгурелъул дунги дунго гIадиналги профессионалиял шагIирзаби гурелъул. ЗагIипал ругинги абун, гьел нахъе рехичIого, бегьуларищ, «нижер хIисабалда гьал загIипал ругин» абун цеберагIиги хъван, газеталда рахъизе. Гьедин гьабулеб бугони, нижерги ракIбалаан газета цIализеги гьелъие подписка гьабизеги. «ХIакъикъат» магIарулазул газета кколин абун тIоцебесеб гьумералъул тIарадаса гIебедеги хъванги бугеб мехалда, бокьилаан, цо-цо ниж гIадинал магIарулазеги ихтияр кьуни газеталдаса цере рахъине. Яги цере рукIаразул ялъуни гьанже халкъияллъун рахъаразул шагIирзабазе  гурони букIунарищ газеталда бакI?»
 
Гьеб суалалъе жаваб кьуна «ХIа­къикъаталъул» бетIерав редактор ГIумахан ГIумахановас:
 
— БитIараб суал борхулеб бу­го цIалдолес.
«ХIакъикъат» ккола магIарул халкъалъул газета, гьединлъидал щивав магIаруласул ихтияр буго гьелъу­л хIалтIулъ жигараб гIахьаллъи гьабизе. Нилъер газета литературияб альманах кколаро ва гьанибе бачIунеб щибаб кечIги тIадегIанаб асар (шедевр) букIунаро. Гьединлъидал хадубккун нижеца тIад кверги бахъун, къачIа-кIатIан цIалдолезул асарал газеталда кьезе руго.
 
«Жинцаго гIарза кьечIого бетIер жагъалав чи психбольницаялда лъезе бегьулищ?»
 
Гьаб суалалъе жаваб кьуна ДРя­лъул мустахIикъав тохтур, психоло­гияб централъул тохтур МустIа­па ГIалиевас: 
 
— Бегьуларо. Законалда рекъон, жинцаго гIарза хъвачIого, бетIер жагъалав чи психбольницаялда лъезе ихтияр букIунаро. БатIияб жо, гIорхъолъа ворчIун, гьес гъалма­гъир яги сверухъ ругезеги жиндирго чорхоеги зарал гьабулеб букIин. Гьединаб ахIвал-хIал бугони, медицинаялъул хехаб кумекалъул машинаялда гьев больницаялде вачуна ва, 48 сагIтил болжалалда документалги хIадурун, судалде кьола. Суда­лъул хIукмуялда яги жинцаго хъвараб гIарзаялда рекъон, унтарав психиатрическияб больницаялда лъола.
 
«ЗахIматалъул ветераназе кьолеб гIарцул къадар бищунго дагь щай Дагъистаналда бугеб? Ставрополь ва Краснодар краязда ветераназе щола 1500 гъурущ. Дагъистаналда ругел гьеб къадар гIарцул кьезе мустахIикъал гьечIищ?»
 
Гьаб суалалъе жаваб кьуна ДРя­лъул финансазул министерствоя­лъул ветераназул ишазул отделалъул хIалтIухъан ГIалиева Мадинаца:
 
— Россиялъул киналго регионазул ветераназе федералияб хIукуматалъ чIезабун буго 526 гъурущ пособиялъул. Бюджеталъул ресалда рекъон, щибаб регионалъул ихтияр буго гьелде тIаде гIарцул бокьараб къадар жубазе. Ставрополь ва Краснодар краял ккола бечедал регионал, гьединлъидал гьез ветераназе кьола 1500 гъурущ. 
Абулеб буго исана тIоцебесеб февралалдаса нахъе ветераназе кьолеб гIарцул къадар цIикIкIине бугин. Амма жеги гьелъул хIакъалъулъ нижехъе щвараб хIукму гьечIо.
 
МахIачхъала шагьаралдаса ХIажимурадица цIе­холеб буго: «Дун лъадигун ватIалъана, хIалтIулевги гьечIо. Дицаго хьихьулеб буго анлъго ва анкьго сон бараб кIиго лъимер. Пачалихъалъул рахъалдаса дир лъималазе кинаб кумек-бигьалъи букIунеб? МоцIрое щвезе кколеб лъималазул пособие, ай 150 гъурущги, гьезие бачIунаро. Пособие щвезе ккани, кинал документал дица хIадуризе кколел ва, гьелги росун, дун киве ине кколев?»
 
 

Гьаб суалалъе жаваб кьуна ДРялъул ЗахIматалъул ва социалияб рахъалъ цIуниялъул министерствоялъул хъизамалъул пособиязул отделалъул хIалтIухъан ХIажимухIамадова ПатIиматица:
 
— Ихтияразулалгун нормативиял актазда гьечIо жинцаго лъимал хьихьулев эмен (одинокий папа) абулеб бичIчIи. Амма, законалда рекъон, гьесул ихтияразулаб статус баща­лъула жинцаго лъимер хьихьулей эбелалда.
Гьединаб статус щвеялъе чара гьечIеблъун ккола:
1. ЧIужугIадан эбелалъул ихтияраздаса махIрун гьаюн йикIин.
2. Эбел хвей.
3. Эбелалъул гIакълу-пикру жа­гъаллъи.
4. Лъимер инсул къайимлъиялда букIиналъул официалияб хIужа. 
РатIалъиялъул хIужа ва гIемераб заманалъ эбел лъимада аскIой гьечIин абулеб баян эмен жинцаго лъимал хьихьулевлъун рикIкIиналъе гIоларо.
Анлъго ва анкьго сон бараб щибаб лъимералъе хIукуматалъ щибаб моцIалъ кьолеб 206 гъурущ гуреб, цоги батIияб кумек букIунаро. Гьеб пособие щвеялъе хIажалъула хадусел документал: инсул паспорт, захIматалъулаб книжка ва СНИЛС, хъизаналъулъ чагIазул хIакъалъулъ справка, лъимал гьариялъул хIа­къалъулъ, свидетельстваби ва ригьин биххиялъул хIакъалъулъ свидетельство. Гьел документалги росун мун ине ккола дур хъвай-хъвагIай бугеб бакIалъул социалияб рахъалъ цIуниялъул управлениялъул хъизамалъул пособиязул отделалде. 
 
«Москваялъ цере лъолел руго киназего гIаммал стандартал. Масала, ясли-ахал рихьичIел, гьеб щибалицин лъаларел мугIрузул росабалъ гIумру гьабун ругел лъималги, шагьаразда ясли-ахазде хьвадулелги ращад гьари битIун бугищ?»
 
Гьаб суалалъе жаваб кьуна ДРя­лъул педагогазул ва гIелмиял хIал­­тIухъабазул профсоюзалъу­л рес­­­комалъул юрист Мансур Му­хIа­мад­­сагIидовас:
 
— 2012 соналъул 29 декабралда къабул гьабураб №273-ФЗ «Об образовании в РФ» абураб федералияб законалда рекъон, Москваялъ цере лъолел ругел стандартал ккола Россиялъул киналго регионазе гIаммал, ай кьуричIого тIуразаризе кколел. 
Гьединлъидал ДРялъул хIукуматалъул ихтияр букIунаро гьел хисизаризе.