Суалал-жавабал

Гъоркьехун рехсолел суалазе жавабал кьуна ДРялъул бетIераб МФЦялъул управлениялъул юрист МухIамадгIарип ГIумаровас:

 

«Росас васасул цIаралда къо­тIи-къай хъван букIана квар­тираялъул цо бутIа гье­сие сайгъат гьабиялъул хIа­къа­лъулъ. Рос гъоркьиса хвана. «Зеленка» жеги хисизабун гьечIо, гьеб хъван букIана ро­сасда тIад. Гьанже бокьун буго васасе сай­гъат гьабураб бутIаялъулги «зеленкаялъулги» хъвай-хъвагIай гьесда тIад гьабизе. Гьеб сайгъат гьабиялъул хIакъа­лъулъ гIадатияб формаялда росас хъван букIараб къотIи, квартирая­лъул хъвай-хъвагIай цIидасан гьабулелъул, хIалтIизабизе бегьулищ? Квартираялъул цо бутIа васасе сайгъат гьабиялъул хIакъалъулъ къотIи хIажалъулеб батани, чара гьечIого гьеб нотариусалъ тасдикъ гьабун букIине кколищ?»

— Инсуца васасе квартираялъул цо бутIа сайгъат гьабиялъул къотIи-къаялъулаб хъвай-хъвагIай, рос хваралдаса анлъго моцIрол болжалалда  нотариусалдеги ун, цIигьабизе ккола. КватIун ккани, гьеб сайгъаталъулаб васиятги квартираялъул «зеленкаги», судалдеги кьун, цIигьабизе ккола.

«Мина босулелъул застройщикас рагIи кьола документал кватIичIого рукIинин, щибго ургъел гьабичIого рукъ босеян. Амма сонал аниги, «зеленка» кодобе щолеб гьечIо. Гьанже гьеб гьабизе ккани, гIемераб гIарац кьезе кколеб буго. Законалда рекъон, документал гьариялъе бугищ бихьизабураб гIарцул къадар?»

— Мина-рукъ босулаго, гьеб бичулесухъа тIоцебесеб иргаялда тIалаб гьаризе ккола гьелъул документал, ай документал кодоре щвечIого мина босизе бегьуларо. Мина босарав чияс, госпошлина хIисабалда, 2000 гъурущ гурони хIукуматалъе щибго кьезе кколаро. ХутIарал киналго харжал гьаризе ккола мина барас, ай гьеб бичулев чияс.

«Дун ккола 58 сон барав чи, хIалтIулев пенсионер. 2018 соналъул августалда, операция гьабун, хисун букIана дир бералъул хрусталик. Операция гьабулаго харж гьабураб налогалъулаб гIарац тIалаб гьабизе дир ихтияр букIунищ?»

— КъотIи-къаялда рекъон операция гIарцухъ гьабунин абураб хъвай-хъвагIайги батани, мун официалияб къагIидаялда хIалтIулевги вугони, медицинаялъулаб хъулухъалъухъ араб гIарцул цо бутIа хIукуматалъ духъе тIадбуссинабула. Документалги росун, гьелъул мухIканлъи лъазабизе мун ине ккола дур хъвай-хъвагIай бугеб бакIалъул налоговияб инспекциялде.

«Дун ккола 71 сон барав пенсионер. Гъоркьиса хIалтIудаса эркен гьавуна штатал къокъ гьарулел ругиланги абун. Амма дун хIалтIулев вукIараб хъулухъ цIунун хутIана ва гьениве хIалтIизе вачана цогидаб отделалдаса чи. Штатал къокъ гьариялъул бицунеб данделъиялде дун ахIичIо ва гьеб данделъиялъул протоколалда дица гъулбасги гьабичIо. Кадрабазул отделалда дида абуна дун хIалтIудаса нахъе ине кколила, щайгурелъул учреждениялда гIолохъанаб коллектив гIуцIиялъе тадбирал гьарулел ругилан. Дун хIалтIудаса нахъе витIи законияб иш бугищ? Гьединго кIиго моцIалъниги хIалтIизе кколев вукIинчIищ дун штатал къокъ гьариялъул хIакъалъулъ данделъиялда хIукму гьабун хадуб? Гьединаб мехалъ кинаб ва кигIан пособие дие кьезе кколеб букIараб?»

— Мун хIалтIудаса нахъе мекъи, ай законги хвезабун рехун вуго. ХIалтIудаса эркен гьавулев чиясда, гьединаб хIукмуялда гъулбас гьабизеги тIамун, кIиго моцIалъ цебе­ккунго лъазабизе ккола штатал къокъ гьарулел рукIин. Штатал къокъ гьариялдалъун хIалтIудаса эркен гьавурав чиясе, выходное пособие хIисабалда, кIиго моцIрол харж кьезе ккола.
ЛъикIаб букIина, документалги росун, гьаб суалалъул мухIканлъи лъазабизе хIалбихьи бугев юристасухъе яги адвокатасухъе ани. Гьесул кумекалдалъун судалъ дур рахъкквей хIакъаб буго.

«Кинаб законалда рекъон «Россеталъ» токалъул налъи гьечIин абураб гIадатияб справка босулаго, тIалаб гьабулеб паспорталъул копияги «зеленкаги», гьебго заманалъ хIинкъизарула прокуратураялда­­­лъунги?!»

— Щиб гьабилеб, буго гьединаб закон. Гьединлъидал «Россеталъул» ихтияр буго токалъул налъи гьечIин абураб справка босулаго, паспорталъул копияги «зеленкаги» тIалаб гьабизе.

«Лъимералъ лъагIелгун бащдаб тIубазегIан гьелда хадуб хъулухъ гьабизе дун йикIана отпускалда ва гьебго заманалъ, лъимералъе щолеб пособиеги цIунун, хIалтIуде яхъана. Гьениб дие чIезабуна хIалтIул эркенаб график.
Гьединаб ахIвал-хIалалда дир ихтияр букIунищ хIалтIулеб бакIалдаса иргадулаб отпуск тIалаб гьабизе? ХIалтIуда дида абулеб буго лъимадуе хъулухъ гьабулеб отпускалде тIадюссине кколин, гьеб лъугIидал хIалтIуде яхъине кколин».

— Цого заманалда кIиго отпуск букIунаро. Дур ихтияр буго гьездасан бокьараб отпуск тIаса бищизе. Закон лъалел чагIаз малъараб гьабун, лъимадуе хъулухъ гьабулеб отпускалде тIадюсса, гьеб лъугIидал хIалтIудеги а.