Суалал-жавабал

«Педагогазе кьола «Лъай кьеялъул отличник» абураб цIар. Амма, цIар бугониги, гьабулеб кумек букIунаро. Лъие хIажат бугеб гьедигIанги къимат гьечIеб цIар?»

Гьаб суалалъе жаваб кьуна ДРялъул педагогазул ва гIелмиял хIалтIухъабазул профсоюзалъу­л рес­ко­малъул юрист Мансур Му­хIа­мадсагIидовас:

— 2009 соналъул микьабилеб октябралда ДРялъул хIукуматалъ къа­бул гьабураб «Педагогиял хIалтIухъаба­зе харжал кьеялъул хIакъалъулъ» абураб №345 хIукмуялда рекъон, «РФялъул мустахIикъав учитель» ва «ДРялъул мустахIикъав учитель» абурал цIаразухъ учителасул окладалде тIаде жубала микьго процент ва «РФялъул гIаммаб лъай кьея­лъул хIурматияв хIалтIухъан» абураб цIаралъухъ – анцIго процент.
«Лъай кьеялъул отличник» абураб цIаралъухъ кьезе я гIарац, яги кинабгIаги бигьалъи гьеб хIукмуялда бихьизабун гьечIо. Гьебго заманалда, рес бугони, школалъул директорасул ихтияр букIуна гьеб цIаралъухъ учителасе гъирабазабиялъул баллал кьезе.

«25 соналъ Культураялъул кIалгIаялда, библиотекаялда хIалтIарал гIадамазе «За выслугу лет» абун кьолеб гIарац щолищ ялъуни гьезие бихьизабураб бигьалъиго бугищ? Масала, щай бегьулареб гьезие «ЗахIматалъул ветеран» абураб цIар кьезе?»

Гьаб суалалъе жаваб кьуна ДРялъул Культураялъул министерствоялъул экономикияб отделалъул хIалтIухъан МахIмудова Асиятица ва ДРялъул ЗахIматалъул ва социалияб рахъалъ цIуниялъул министерствоялъул выплатабазул отделалъул хIалтIухъан Жамиля ГIумаровалъ:

— Культураялъул хIалтIухъабазе, «За выслугу лет» абун, хъулухъа­лъул окладалде тIаде (стажалъул хIисаб гьабун) къого проценталде щвезегIан гIарац кьола. Гьединго СССРалъул, РФялъул яги ведомствоялъулаб шапакъат бугони, гьезие «ЗахIматалъул ветеран» абураб цIарги кьола.

«МахIачхъала шагьаралъул лъималазул ахазул педагогиял хIалтIухъабазе лъагIалил ахиралда цохIо нухалда кьола 30 азарго гъурущ. ЛъагIалица хIалтIарав, амма декабралъ хIалтIудаса арав, яги хIалтIудаса нахъе рехарав, яги декреталде арав чиясе щолищ гьеб гIарац?»

Гьаб суалалъе жаваб кьуна ДРя­лъу­л Финансазул министерство­я­­лъул жавабияй хIалтIухъан Заира Му­хIамадовалъ:

— Гьеб ккола ДРялъул хIукума­талъул № 355-Р хIукмуялда рекъон, гъирабазабиялъул абун, республикаялъул бюжеталдаса кьолеб гIарац. Гьеб кьола МахIачхъала шагьара­лъул лъималазул ахазул киналго педагогиял хIалтIухъабазе. Республикаялъул цогидал шагьаразул ва районазул лъималазул ахазда гъирабазабиялъе кьолеб гIарцул къадар батIияб букIине ва киналго педагогиял хIалтIухъабазе гьеб щвечIого букIинеги бегьула. ХIалтIудаса арав яги хIалтIудаса нахъе рехарав, яги декреталде арав чиясе гьеб гIарац щоларо.

«30 соналъ гьоркьоса къотIичIого хIалтIана пачалихъияб хIалтIуда, цо нухалъ гурони унтиялъул тIамачги босичIо, гьебги цо анкьица. Цониги нухалъ гурони «без содержания» абураб отпускги босичIо. Гьединал чагIазе хIукуматалъул кинабгIаги бигьалъи букIунищ?»

Гьаб суалалъе жаваб кьуна ДРя­лъул учительзабазул ва гIелмиял хIал­­тIухъабазул профсоюзалъу­л рескомалъул юрист Мансур МухIа­мад­са­гIидовас:

— БукIунаро. ЧIезабураб графикалда рекъон, черхалъул сахлъи щула гьабиялъул мурадалда, кинавго чи лъагIалида жанив цо нухалъниги отпускалде витIизе ккола.
КIудияб гIилла букIун, хIалтIу­хъанасул тIалабалда рекъон гурони, хIалтIи кьолесул ихтияр букIунаро гьев отпускалдаса махIрум гьавизе.
РФялъул ЗахIматалъул кодекса­лъул № 126 статьяялда рекъон, хIалтIухъанасул квералъ хъвараб гIарзаялда рекъон, щибаб сонилаб мухь кьолеб хIухьбахъи гIарцудалъун хисизеги бегьула. Ам­ма хIалтIикьолесул ихтияр букIуна­ро кIиго соналъ гурони хIалтIухъан отпускалде витIичIого тезе.
Отпуск босичIого гIемерал соназ хIалтIанин абун я хъулухъчагIазе, яги хIалтIухъабазе хIукуматалъ гьа­булеб кинабгIаги бигьалъи бу­кIу­наро.

«Дун ккола «мать-одиночка». Лъимералъ ункъо моцI гурони бан гьечIо. Бокьун буго хIалтIуде яхъине. Дица лъимер дирго эбелалда тIад хъвазе бегьулищ, хъвани, гьелда хадуб хъулухъ гьабуралъухъ гIарац бачIунищ?»

Гьаб суалалъе жаваб кьуна ДРялъул ЗахIматалъул ва социалияб цебетIеялъул министерствоялъул хIалтIухъан Гуля МухIамадовалъ:

— Лъимер кIодоэбелалда тIад хъвазе бегьула ва къайимлъиялъул хъвай-хъвагIай гьабураб къоялдаса нахъе гьелъие лъимадуе хъулухъ гьабия­лъухъ пособие кьола.
Гьанибго абила, бащдаб ставкаялда хIалтIулей эбелалъулги ихтияр буго, харж ва лъимадуе хъулухъ гьабиялъухъ гIарац босизе.
Ресукъал хъизамал разияб хабарлъун рикIкIине ккола 1995 соналъул 19 маялда къабул гьабураб «Гражданазе кьолел пачалихъиял пособиязул хIакъалъулъ» абураб № 81 федералияб законалда хиса-басиял гьари. Гьезда рекъон, 2020 соналъул тIоцебесеб январалдаса нахъе ресукъал хъизамазул лъималазе хъулухъ гьабия­лъухъ щибаб моцIалъ пособие кьолеб къагIида хисизабун буго. Пособие кьезе буго гьабуралдаса нахъе лъимералъ лъабго сон базегIан. Цебеккун пособие кьолаан гьабуралдаса нахъе лъимералъ лъагIелгун бащдаб базегIан, ай кIиго нухалъ цIикIкIана гьеб пособие кьолеб заман.

Хунзахъ районалъул Гьамущи росдал учительзабаз цIехолеб буго: «Нижер школалда аскIоб буго почалъул отделение. Бегьуларищ нижеца, 40 километралъ рикIкIад бугеб Хунзахъ редакциялда гьабичIого, нижерго почалда «ХIакъикъат» ва «Росдал захIматчи» газетазе подписка гьабизе? Гьаниб гьабулеб бугони, газетал хъвалезул къадар гIемерго цIикIкIинаан».

Гьаб суалалъе жаваб кьуна «Россиялъул почтаялъул» Дагъистаналда бугеб отделениялъул хIалтIухъан Муса МухIамадовас:

— Республикаялда тIадбан унеб буго газет-журналал хъваялъул кампания. Щивав чиясул ихтияр букIуна республикаялъул бокьараб почалъул отделениялда подписка гьабизе, гьединго подписка гьабизе бегьула Хунзахъ районалъул Гьамущи росдал почалъул отделениялдаги. ХIасил-калам, Гьамущи росдал почалъул отделениялда подписка гьабиялъе нужее квалквал гьабулеб бугони, ахIе гьал номеразде: 67-36-07, 67-35-97.