Пособиязул гIарац рехизе буго карточкаялде

«РекIел ахIи» рубрикаялде цIалдолез ритIун рачIуна эбелалъулаб капиталалъул, больничнияб тIанчил ва батIи-батIиял пособиязул хIакъалъулъ гIемерал суалал. Специалистазухъеги ун, нижеца жигар бахъула гьел суалазе мухIканал жавабал кьезе. 

 

Гьебго мурадалда, социалиял масъалабазда тIасан цIалдолез редакциялде гIемер ритIун рачIунел суалазе жавабал цIехон ва 2020 соналда мискиналгун сакъатал чагIазе рихьизарун ругел бигьалъабазул хIакъалъулъ бицун, нижер мухбир Нури Нуриевас гара-чIвари гьабуна ДРялъул социалияб страхованиялъул регионалияб фондалъул управляющиясул заместитель Шарапудин ДаришмухIамадовасулгун.

— Шарапудин, байбихьуда бо­кьи­лаан нужерго хIалтIул хIа­къа­лъулъ бицани.

— Нижер аслияб хIалтIи буго гIадамазе социалияб рахъалъ кумек гьаби. Гьелда гьоркьобе уна социалияб страхованиялъул бигьалъаби гьари ва пособиял кьей. МухIканго абуни, нижеца гьарула гьадинал хъулухъал: больничнияб тIанчида рекъон щолеб гIарац кьей; бигьалъаби щолел чагIи санаторияздегун курортазде ритIи; унтудаса хадуб сахлъи рукIалиде ккезабиялъе хIажалъулел техникиял алатал ва сакъатал чагIазе протезал чIезари; лъимаде ругезе, гьеб гьабуразе ва лъагIелгун бащдаб тIубазегIан гьелда хадуб хъулухъ гьабиялъул пособиял кьей; эбелалъулаб сертификатазухъ гIарац кьей; хIалтIулел чагIазе тIоцебесеб (байбихьул) медицинаялъулабгун санитарияб кумек гьабиялъухъ тIаде гIарац кьей; хIалтIулел чагIазул диспансеризация тIобитIиялъухъ тIаде гIарац кьей; цебе букIаралдаса тIаде заралиял ва гIумруялъе хIинкъи бугел бакIазда хIалтIулел чагIазул медицинаялъул цIех-рех гьабуралъухъ гIарац кьей.
ПалхIасил, нижеца 2019 соналда къабул гьавуна 25 азарго чи. Кумек гьарун гIарзаби кьурал чагIазул 80 проценталъе кьуна техникиял алатал. ГIага-шагарго 14 азарго чиясе кьуна хIажалъулел техникиял алатал ва протезал (кресло-коляскаби, подгузникал, протезал, ортопедиялъул хьитал ва гь.ц.).

— ЦIалдолезул гIарзал руго хIукуматалъ кьолел пособиял банкалъул «Мир» абулеб карточкаялде рехизе тIамулел ругилан. Чара гьечIеблъун кколищ гьеб тIалаб?

— Пособиялъе бихьизабураб гуребги, хIукуматалъ кьолеб гIарац (масала, ЕДВ) чара гьечIого гьеб карточкаялде рехизе ккола. Масала, жакъа больничниялъухъ абун кьолеб гIарац рехула хIалтIикьолесул счеталде, гьениса гьеб ункъо-щуго моцIидасан гурони унтун вукIарасухъе щоларо. Исана тIоцебесеб июлалдаса нахъе нижеца гьеб гIарац анцIго къоялъул болжалалда рехизе буго гьесул «Мир» карточкаялде ялъуни почалде. Гьебго къагIида букIине буго киналго пособиял ва цогидаб гIарцулаб кумек гьабиялъулги.

— Техникиял алатал ва протезал жидецаго росарал чагIазе хIукуматалъ гIарац бецIулищ?

— 2011 соналъул 31 январалда РФялъул Минздравсоцразвитиялъул № 57н амруялда рекъон, сакъатазе гьеб гIарац тIад буссинабула. ГIарац тIад буссинабеян гIарза хъварав чияс, гьелда цадахъ фондалде кьезе ккола: кассалъулаб чек, алаталъул-протезалъул чек, гьелда тIад букIине ккола номер ва къо-моцI, идараялъул яги вичарухъанасул ИНН, алаталъул тIубараб цIар ва къадар, цоялъул багьа, гIаммаб багьа, вичарухъанасул гъулбас, идараялъул мугьру, сакъа­тав чиясул паспорт, ИПР (ИПРА), СНИЛС, банкалъул реквизитал яги почалъул адрес.
Документазул халги гьабун, 30 къойил болжалалда жаниб нижеца хIукму гьабула ва жеги 30 къойил болжалалда квитанциязда бихьизабураб гIарац рехула сакъатасул счеталде.

— КъотIи-къаялда рекъон хIал­тIулей гIаданалъе, по материнству абун, пособие лъица кьолеб?

— ЗахIматалъулаб къотIи-къаялда рекъон, хIалтIи кьолесухъе эбелалъ хъвараб гIарзаялда рекъон, лъимаде йикIиналъухъ, лъимер гьабиялъухъ ва лъимада хадуб хъулухъ гьабия­лъухъ рихьизарурал пособиял кьола нижер фондалъ.

— ХIалтIулаго чорхое ккараб жагъаллъиялъухъ пособие кин кьолеб?

— Халкъияб магIишаталъул отраслялъул хIисаб гьабун, страховияб взносалъул тарифалъул роцен бараб букIуна сахлъиялъе гьабураб заралалда ва гIумруялъе гьелъул бугеб хIинкъиялда, ай пособие кьола харжалъул 0,2-ялдаса 8,5 проценталде щвезегIан.

— Социалиял пособиязул къадар кигIан букIунеб?

— 2020 соналда тIоцебесеб лъимер гьабидал, эбелалъулаб капитал хIисабалда кьола 466617 гъурущ. КIиабилеб лъимер гьабидал – 150 азарго гъурущ. КIиябго данде­къан, гьеб бахуна 616617 гъурщиде. ЛъагIелгун бащдаб тIубазегIан тIоцебесеб лъимада хадуб хъулухъ гьабиялъухъ пособие кьола цо роценалда, кIиабилеб лъимада хадуб хъулухъ гьабиялъухъ – цоги роценалда. Жакъа гьеб ккола хIалтIи кьолесул кассаялдаса щолеб харжалъул 40 процент.
Социалиял пособиял кьеялъул кинабгIаги квалкал гьечIо. Фондалда чIезабун буго гьелъие гIураб къадаралда гIарац. Жакъа социалиял пособиязул гIарац кватIизабиялъул гIайибияв ккола хIалтIи кьолев.

— ХIажат бугев щивав чиясе кресло-коляска кьезе рес бугищ?

— 2019 соналъул ахиралда кресло-коляска кьеян гьарун, нижехъе гIарза кьуна 300-350 чияс. ГIемерисезе гьел щвана. Аслияб квалквал ккола лъагIалил ахиралда (ноябрь ва декабрь моцIазда) кресло-коляскаби ричун росиялъул тендерги, контракталда рекъон гьел чIезариги хадуб гъоларого букIин.

— Фондалъул сайталда лъун ругел номеразде чанцIул ахIаниги, телефон борхуларо…

— Гьелъие гIилла ккола фондалъул гIемерканалазулаб телефоналде цого заманалда гIемерав чияс ахIи. Гьелдалъун цо-цоязде ирга щоларого букIуна. Сабруялда ахIани, нижер оператораз телефон борхула ва бокьараб суалалъе жаваб кьола. КватIичIого фондалъул букIине буго гIемерал чагIазул суалазе цадахъго жаваб кьезе рес бугеб телефоналъулаб бухьен.

— Масала, кресло-коляска цIи­да­сан кигIан заманалдасан кьолеб?

— Рокъоб хIалтIизабулеб кресло-коляска кьола анкьго соналдасан, къватIиб пайда босулеб – ункъо соналдасан. Гьеб бекани яги хвани, нижеца гIуцIула медицинаялъулабгун техникияб экспертиза ва, хвара­лъухъ хисун, цIияб кьола.

— Специалистазухъе ине иргаги щоларого, киназего гIодор чIезе бакIалги гьечIого, гIемерал сакъа­талги хералги ракIарун рукIуна ну­жер жанахIалда. Электронни­яб ирга гIуцIунги, цебеккунго иргая­лъул номерал кьунги, бегьуларищ ирга къокълъизабизе?

— Исана нижехъа бажарана гьеб рахъалъ букIараб гIадамазул гIарз лъугIизабизе. Кинниги, цадахъго гIемер чи вачIиндал, ичIго-анцIго чи вугеб ирга камуларо ва гьебги лъугIула сагIаталда жаниб.

— Рокъоса вахъине кIоларев сакъатав чиясе тIагIелал-алатал росизе вачIунев чиясухъ кинал документал рукIине кколел?

— Сакъатасул божилъиялъулаб кагъатгун (доверенность) вачIунесул паспортги бугони гIола.

— Кинал хиса-басиял гьаризе ругел 2020 соналда фондалъул хIалтIулъ?

— Исана байбихьизе буго роддомазе ва руччабазул консультациязе гIарац кьолел электронниял сертификатал (родовые) хIалтIизаризе. Гьединго гIатIидго хIалтIизаризе руго электронниял больничниял тIанчал. Гьелдалъун бигьалъизе буго больницабазул ва поликлиникабазул хIалтIи.

— Фондалъул хIалтIуе сунца квалквал гьабулеб бугеб?

— ЦIикIкIун заман унеб буго сакъатазе хIажалъулел алатал росиялъул рахъалъ аукцион лъазабиялъе, хадуб гьел росиялда тIадги. Гьединлъидал цо-цо мехалда нижер рес букIунаро жиндие жакъа кресло-коляска кьейи­лан гIарза хъван вачIарав чиясул мурад гьебго къоялъ тIубазе.

— Санаториялдегун курорталде ине путевкаби цIакъ захIматго гурони щоларо…

— Гьеб ккола республикаялъул бюджет мискинаб букIиналъул хIасил. Гьедин бугониги, нижехъа бажарана 2019 соналда гIарза кьурав 4000 чиясда гьоркьоса 2500 чиясе санаториялде путевка кьун.

— ХIажатал алатал ва пособиял кьейилан гьарун, фондалде кин хитIаб гьабизе бегьулеб?

— «Госуслуги» сайталдасан, МФЦял­дасан яги фондалде рачIун.