Пенсионеразухъе рачIунел «талихIалъул кагътал»

Гьал къоязда редакциялде бачIараб Казбек районалъул Калининаул росулъа захIматалъул ветеран Хайрудин Висаитовас бачIараб кагътида хъвалеб буго:

«Дун хIалтIулеб заманалда дир захIматалъул книжкаялда гьабун буго СССРалъул Министрзабазул советалъул рахъалдаса баркала кьеялъул хIакъалъулъ хъвай-хъвагIай, гъулбас гьабун буго Михаил Сусловас. Дир хIалтIул стажги бахуна 45 соналде. Дун вуго 85 сонил ригьалде вахарав чи.
Ветеранасе щибаб моцIалда пенсиялде тIаде кьола 504 гъурущ. Гьеб тIаса къунцIиялъе ургъулел «сабабалго» камуларо нижер районалда. Масала, Калининаулалда рищни баччаралъухъин абун, ЖКХялде кьезе кколеб буго щибаб моцIалъ 20 гъурущ. Гьеб кьечIого хутIани, ветеранасе кколел бигьалъаби тIаса рахъула.
Щибаб моцIалда дица кьола газалъухъги токалъухъги гIарац – счетчикалъул баяназда рекъон. ЦIунун руго гьеб кьеялъе нугIлъи гьабулел квитанциялги. Ветеранасе кколел бигьалъаби кьезе абун босулеб справкаги кьоларо, гьел квитанциязухъ халгьабичIого. Руго тока­лъулгун газалъул счетчиказулги гьезухъ гIарац кьеялъулги халгьабулел харжги кьун тарал контролералги. Гьезухъ ругел баяназдасаги бихьула, ветераназда хадуб налъи бугищали. Амма гьедин гьабуларо – хвезе заман щварал ниж, гIунсбиги рехъерхъун, хьвадизе тIамула собесалдеги цогидал бакIаздеги.
Гьелде тIадеги, зама-заманалдасан росдал щибаб цIаракиялъухъе рачIуна, лъилниги гъулбасги гъоркь гьечIел, чIахIиял кагътал. Дихъе бачIараб гьединаб кагътида хъван бугоан, «дуда хадуб газалъухъ кьезе кколеб гIарцул 87 азарго гъурщил налъи бугин» абун. Киса гьеб налъи бижараб, щибаб моцIалъ гIарац кьолеб бугониги? Кьелищха дица гьеб? Валлагьги кьеларо, кьезе ресги букIунаро дир. Хадубго бачIараб гьеб «талихIалъул кагътида» абулеб бугоан дица 57 гъурущ кьезе кколин абун. Нахъеги бицана, 8000 гъурщил налъи бугилан. ВахI, бецаб капекцин дица кьечIониги, доб тIоцебесеб кагътида рехсараб налъи кибеха тIагIараб?!
Ноябралъул ахиралда дихъе ячIана цо гIадан. Гьелъ бачIана, дица 1500 гъурущ кьезе кколин токалъу­хъин хъвараб добго «талихIалъул кагъатги». Дица гьелда гьикъана, лъица духъе гьеб кагъат кьурабан абун. Гьелъги жаваб гьабуна, добаса бачIанилан абун. «Екере, доеги ун, досухъего кье дуца гьеб кагъат!» — ан абуна дица гьелда.
Цогидал гIадамазул жаваб кьеларо дица, амма нижеда, ветераназда, ракIалде кколеб буго, щибаб моцIалда токалъухъин, газалъухъин абун, нижеца кьолеб гIарцуца батIияб нухги босун, халкъ налъуда бугин абизе жал гьарулел ратилин абун. Гьединал «концертал» чIалгIарал нижеца хIукму гьабуна ЦIияб соналъул авалалда МахIачхъалаялде сапаралъ рахъине: ДРялъул бетIер Владимир Васильевасухъе ине.
ГIажаибаб жо буго – гьел «талихIалъул кагътал» рачIуна гIицIго пенсионеразухъе! Гитлерил фашизмалдаса бергьенлъиги босарал, рагъул кьогIлъигун согIлъиги хIехьарал, кьалул авлахъалда ругезе тылалдаса кумекалъе нахъе къачIел къвакIарал гIадамаз бокьараб жо хIехьолин абураб пикруцин гуродай районалъул цо-цо хIакимзабазул ботIролъ щулаго кIусун бугеб?!»

Редакциялъул рахъалдаса: Хайрудин Висаитовасул кагъат нижеца битIун буго Казбек района­лъул жавабияв хIалтIухъанасухъе. Хьул буго, кагътие жаваб кватIи­за­бун­гу­тIиялде.