КъватIибе гьурщуге рукъалъул унти

Балагьараб мехалда, «РФялда хъизамалдагун рукIа-рахъиналда зулму гьабунгутIиялъе тадбирал гьариялъул хIакъалъулъ» абураб законопроект квешаб  гьечIин ккола.  Амма кIвар кьун балагьараб мехалда бичIчIулеб буго гьеб  закон тасдикъ гьабуни рукIине ругел квал-квалалги санагIат рекъечIел рахъалги.

2016 соналда РФялъул Пачалихъияб Думаялъул данделъиялда тIоцебесеб нухалда цебелъуна рехсараб законопроект. Гьеб нахъчIвана, амма 2019 соналда гьеб цIидасан къватIибе бахъана. Гьелъие гIиллалъун рехсолеб буго, хъизамалда зулму гьабиялда бан, Европая­лъул судалде россиялъулазул хитIабал гIемерлъи. Иргадулаб нухалда гье­лъул халгьабуна исана 25 январалда.
Бицен гьабулеб законопроекта­лъул буго 25 статья. Гьелда рехсолел «такъсиралгун тамихIалги» гьезул халгьабулел ва гIайиб чIезабулел идарабиги цIидасан гIуцIичIого, гьабсагIаталда улкаялда хIалтIулел ругел къануназдаса пайда босиго лъикIаб гьечIищ? Гьединаб пикру данделъиялда загьир гьабуна РФя­лъул Миллияб умумузул комитеталъул председатель Ирина Волынцевалъги. Президентасда цебеги федералиял идарабаздаги хъизама­лъул ихтиярал цIунун цее яхъу­на гьей. Масала, лъимал хьихьулей эбелалъе моцIрол харж чIезабизе кколин абураб пикруги тIоцебе загьир гьабуна гьелъ. (Гьанже Федералияб Собраниялде гьабураб ХитIабалда Владимир Путиница лъазабуна, лъимералъ лъабго сон базегIан эбелалъе харж кьезе бугин абун). Волынцевалъ суал лъуна, хъизамалъулги лъималазулги масъалаби тIураялъул мурадалда хасаб министерство гIуцIизе кколинги. «РФялъул хIукуматалда гьечIо эбелалъулги хъизамалъулги масъалаби тIуразарулеб цогояб идара. Гьел масъалаби рикьун руго батIи-батIиял идарабазда гьоркьор. Гьел идарабаздаги хIалтIулел руго лъималги хъизамги гьечIел хIакимзаби. Дир пикруялда рекъон, лъимал гьечIев чиясда хъизамалъул масъалаби ричIчIизе рес гьечIо!» — ян абуна гьелъ.
ЦIияб законалъул проекталъул хIакъалъулъ пикру цIехон гьей щвана улкаялъул батIи-батIиял регионазде. Дагъистаналъул ЖамгIияб палатаялдаги тIобитIараб ЖамгIияб палатаялъул данделъиялда гьоркьоб лъун букIана гьеб суал. Гьединаб закон хIажат гьечIин абуна 44 чияс. Цо чияс лъазабуна, жинца проект мухIканго цIаличIин ва пикру загьир гьабун бажаруларин абун. Нилъер хасияталъеги халкъалъул тарбиякьеялъеги рекъонкколеб закон гуро гьеб», — ан бицана ДРялъул ЖамгIияб палатаялъул председатель ГIабдулхIалим Мачаевас.
Хъизамалда яги батIияб бакIалда вукIаго инсанасе зулму гьабиялъухъ тамихI гьабула РФялъул Административияб низам хвезабиялъул ва уголовнияб кодексалъул статьябазда рекъон. Рехсарал законаз гьукъула инсан вухизеги, гьесул черхалъегун сахлъиялъе зарал гьабизеги. Гьединлъидал цIияб законопроекталъ низамалде бачине кколеб буго гIицIго моралияб зарал гьабиялъул иш. Мисаллъун рехсезе бегьула эмен лъималазде семи (малъараб гьабунгутIи сабаблъун).
Къокъго абуни, цIияб зако­налъ з­у­лмулъун рикIкIине буго хъизамалда билълъанхъараб гIадлу чIезабиялъул мурадалда гIуцIулел тадбирал. Масала, сардилъ къватIахъ вукIунгеян абун, инсуца васасе гIадлу гьабуни, васасул ихтияр буго, «жиндие зулму гьабулеб бугин» абун хитIаб гьабизе. Гьебмехалда инсуе гьукъизе буго хъизамалда гьоркьов вукIине. Гьезда аскIове къагеян лъазабун хадуб эмен рокъове вачIани, гьев туснахъалде тIамизецин рес буго.
Экспертазул пикруялда ре­къон, «Хъизамалда зулму гьабиялъул хIакъалъулъ» абураб закон къабул гьабуни, щибго гIилла гьечIев чи махIрумлъула лъималазе тарбия кьеялдасаги жиндирго мулкалдаса пайда босиялдасаги. Гьелде тIадеги, гьеб законалъ рагьулеб буго ришватчилъиялъе нухги. ХIакъикъаталдаги зулму гьабулев чиясе рес буго, ришватги кьун, жиндир хIакъалъулъ баянал рахчиялъеги. Гьединабго рес щвезе буго гIарац хириял гIадамазеги. Масала, «бечелъизе руго» зулмуялъукье ккарал гIадамазул жагъаллъараб сахлъи цIуниялъул мурадалда рагьизе ругел идарабазул хIалтIухъабиги гьединал идарабазда хIалтIизаризе абун батIи-батIиял программаби хIадурулел психологалгун эксперталги.
Дагъистаналъул халкъазул руго жидерго хасал гIадатал, рукIа-ра­хъиналдагун хъизамалда рилълъанхъарал низамал. Масала, нилъеда мекъаблъун бихьула чIахIиязул адаб рехунтей, гIисиназул тIалаб гьабунгутIи, чIужугIадан бихьинчиясде гьаракь борхун кIалъай ва гь.ц. Нилъеца лъимал ритIула гIи-боцIул тIалаб гьабизеги, иццухъа лъел гIеретI цIезеги, мадугьаласе кумекалъеги. Гьеб рикIкIунаан гIолеб гIелалъе тарбия кьеялъул аслулъунги хъизам-жамгIияталъул цолъи-гъункиялъул кьучIлъунги. Рехсараб законалъул проект къабул гьабун хадуб, гьединаб тарбиякьеялда абизехъин буго «хъизамалда зулму гьабилъун».
Хъизамалда зулму гьабилъун щиб рикIкIине кколеб, законопроекталда рекъон? Документалда абулеб буго: «хъизамалъулаб рукIа-рахъиналъул зулму ккола цебеккунго ургъун, чIванкъотIарав чиясул черхалъе яги гьесул психикаялъе, яги гьесул мулкалъе зарал гьаби; гьеб заралъул букIунаро административияб правоялда яги уголовнияб такъсиралда релълъараб хасият» абун. БичIчIулеб мацIалде буссинаби, зулму гьаби­лъун рикIкIине бегьула цIарагI чурулаго, гъадаро бекиги (экономикияб зулму гьаби!), йо, эбелхвад, хехго квен цебе лъеян росас лъадуде ахIиги (психикияб зулму!), цо дие мун бокьулеб куцанги абун, лъимер беэдулаго, гьесда квер кIутIиги (физическияб зулму!).
Кинха чIезабулеб пуланаб хъизамалда цояс цогидасе зулму гьабиялъул хIужа? Гьединаб баянгун низам цIунулезул идараялде телефоналдаса кIалъазе бегьула гьебго хъизамалъул чиги, мадугьалги, къотIносан унаго, пуланаб рокъоса ахIи-хIур гIинда чIварав нухлулавги. Рехсараб законопроекталъул щуабилеб статьяялда рекъон, гьединаб баяналъул цIех-рех гьабизе тIадаб буго полициялъулги, федералияб ва регионалиябгун бакIалъулаб нухмалъиялъулги, прокуратураялъулгун социалиял хъулухъазулги идарабазда. Нилъер аби буго, рукъалъул хабар къватIибе гьурщугеян абун. Нухлуласда зулму кьейлъун пуланаб хIужаги бихьун, гьес рехсарал идарабазул цоялде хитIаб гьабия­лъул хIасилалда нилъер хъизамал ккезехъин ругеб бакIалъул хIисаб гьабеха.