ЦIияб соналде цIияб галигун

Гьале нахъа тана гIумрудул цоги сон. Гьебин абуни гIадатияб халкъалда ракIалда чIела пенсиялъул ригь цIикIкIинабиялдалъун, «рищнидул реформаялдалъун», цогидазда бачIеб Рунеталъул хIакъалъулъ гIуцIараб законалдалъун.
Щибха букIине бугеб 2020 соналда?

Пенсия

РФялъул ЗахIматалъул ва социалияб рахъалъ цIуниялъул министерствоялъул баяназда рекъон, 2020 соналъул тIоцебесеб январалдаса нахъе страховиял пенсиязул индексация гьабизе буго 6,6 проценталъ. Пенсиялде ине руго 56,5 сон барал руччаби ва 61,5 сон барал бихьинал.
2020 соналъул байбихьуда пенсиялде ине руго 1964 соналда гьарурал руччаби.
ЗахIматалъул пенсия тIоцебесеб январалдаса нахъе гIага-шагарго 1000 гъурущалъ цIикIкIине буго, социалияб пенсияйин абуни, апрелалдаса нахъе цIикIкIине буго 7 проценталъ, гьебги ккола гьоркьохъеб хIисабалда 700 гъурущ.
2020 соналда МРОТалъул (бищунго гIодобегIанаб мухь) къадар 850 гъурущалъ цIикIкIине буго (2019 соналда гьеб 11280 гъурщида бащад букIун батани, цIияб соналдаса нахъе букIине буго 12130 гъурущ).
МРОТалда бараблъун ккола жеги лъабго пособиеги: заманаялъ хIалтIи гьечIого хутIиялъул, лъимаде йикIаго ва лъимер гьабун хадусел моцIазда щолеб ва лъимадуе лъагIелгун бащдаб базегIан хъулухъ гьабуралъухъ кьолеб.
Лъимаде йикIаго ва гьабун хадуб кьолеб пособиеги цIикIкIине буго. Январалдаса байбихьун (140 къоялъул хIисабги гьабун) бищунго дагьаб къадар бук1ина 55830 гъурущ ва бищунго цIикIкIун — 322191 гъурущ. Гьеб бараб буго харжалъул къадаралда. Гьоркьохъеб хIисабалда, къоялъе щолеб бищунго дагьаб 398 гъурущ босани, 2020 соналда лъимаде йигей гIаданалъе кьолеб 140 къоялъул больничниялъухъ кьола (398*140) = 55830 гъурущ, 156 къоялъул больничниялъухъ (захIматго лъимер гьабуразе) — 62211 гъурущ, 194 къоялъул (кIиго-лъабго лъимер цадахъ гьабуни) – 77650 гъурущ.
Эбелалъулаб капиталалъулги индексация гьабизе буго 2020 соналда. Масала, гьелъул къадар цIикIкIине буго 3,8 проценталъ ва гьеб бахине буго 466617 гъурщиде. Жеги хIалтIизабичIеб яги тIаса цо бутIа хIалтIизабураб эбелалъулаб капиталалъулги гьабизе буго гьединабго индексация. Чанго соналъ цебе щвараб эбелалъулаб капиталалъул сертификаталда бихьизабураб гIарцул къадаралдеги, 2020 соналда бихьизабураб къадаралда рекъон, тIадеги гIарац кьолеб буго.
ЦIияб соналдаса байбихьун захIматалъулал книжкабиги электрониязде руссинаризе руго. 2021 соналдаса нахъе хIалтIуде лъугьунезе гIицIго электрониял книжкаби гурони рагьизеги гьечIо.

«Рощнол реформа»

2019 соналда экологияб рахъ лъикIлъизабиялъул мурадалда, сверухълъи рищни-къулалдаса бацIцIад гьабулел цIиял къагIидаби хIалтIизаризе байбихьана. Россиялъул киналго субъектал хIадур рукIинчIо гьеб реформаялде. ЛъагIалил ахиралдехун рищни батIи-батIиял къалазухъе баялъул къагIидаялде ругьунлъизаризе ругин гIадамалин бицунеб букIана реформа гьабизе байбихьаралдаса нахъе.
ДРялъул ТIабигIиял сурсатазул ва экологиялъул министерствоялъ жигар бахъана шагьараздагун районазда рищни-къул балел бакIазда гIадлу-низам гIуцIизе, гьенир цIиял къалал лъезе ва гьезда сверухъ бакIазда рацIцIалъи цIунизе. МахIачхъалаялда ва Каспийскиялда рагьана рищни-къул батIа гьабун, кагъат, цIер ва пластик бичун босулел «Экопунктал».
Республикаялда 10 соналъулаб къотIи-къайги гьабун, рищни-къул бакIаризе тIаса рищун руго регионалиял операторалги. Дагъистаналъул Огни шагьаралда бугеб цIорол кIкIор гьабулеб заводалдеги къабул гьабула бекараб цIер. Руго пластика къабул гьабулел гIисинал цехалги.
Чанго сон буго Дагъистаналда рищни-къул батIа гьабун, гьелдаса цогидаб къайи гьабулел заводал разе ругин бицунелдасаги. Дагьаб цебегIан Гъизляр районалда тIобитIараб данделъиялда ДРялъул тIабигIиял сурсатазул ва экологиялъул министр Набиюла Гъарачаевас лъазабуна «Экология» федералияб программаялда рекъон, республикаялъе миллиард гъурущ биччалеб ва гьеб гIарцухъ рищни-къул батIа гьабун къачIаялъул 11 завод базе бугин. Гьел рехсарал заводал гьанжелъизегIан «ралел» рукIана инвесторазул кумекалдалъун, амма гьелъул щибго жо ккечIо ва бихьизабизегIанасеб заводги республикаялда бачIо.
«Рощнол реформаялде» гIадамал хIадур гьечIеблъи бихьулеб буго рощнол къалазда тIад чIварал игIланазул кIварги гьабичIого, ругьунабго къагIидаялъ гьел цIезарулел рукIиналъги.
2019 соналдаса нахъе рухIчIа-голъабазе гIакъуба кьуразе бихьизабураб тамихI буго лъабгоялдаса щуго соналде щвезегIан эркенлъиялдаса махIрум гьари. 2020 соналдаса нахъе рокъор хьихьизе бегьуларо аздагьо, дачаялда ци, хIинкъи бугеллъун рикIкIунел гьабиги, хвенхида ххолеб жо гьечIого, къватIире рачине бегьуларо.

Мал-мулк

Россиялъул Ралел бакIазул министерствоялъул баяналда рекъон, 2020 соналда Дагъистаналда мал-мулкалъул багьа букIине буго цо квадратияб метралъухъ, гьоркьохъеб хIисабалда, 30522 гъурущ. Улкаялдаго мал-мулкалъухъ бищунго гIодобегIанаб багьа бугел регионазда гьоркьоб буго Дагъистанги.
ДРялъул хIукуматалъул баяназда рекъон, 2020 соналда республикаялда базе буго 39 лъималазул ах, 27 школа, сахлъи цIуниялъул ункъо идара, лъим бачIунеб ва гьеб бацIцIад гьабулеб 27 бакI, 106 километралъул манзилалъ шагьараздегун районазде бачине буго газ.

Школа

2020 соналда гIаммаб лъай кьеялъул идарабазде тIоцебесеб классалде цIализе къабул гьарулел лъималазул сияхI гьабизе байбихьула февраль моцIалдаса нахъе. ТIоцебесеб классалде лъимер битIулел эбел-инсуца гIарза хъвазе бегьула электронияб къагIидаялъ ва, школалда бакI батани, лъимадул документал къабул гьарурал къоялдаса анкьида жаниб сияхIалде росизе ккола школалъул администрациялъги. Хъвай-хъваг1ай гьабун бугеб бакIалъухъ балагьичIого, лъимал бокьараб школалде ритIизе ресги буго.
2020 соналдаса байбихьун ихтияр буго щуго тIалаялъул школал разеги, ункъабилеб ва щуабилеб тIалабазда цIализе бегьула гIицIго 8-11 классалъул цIалдохъаби.