tg  rss

Шарапудинил хIаракатги министерствоялъул жавабги

   2019 соналъ бухIана БежтIа участокалъул социалияб рахъалъ гIадамазе хъулухъ гьабулеб централъул мина. ГьабсагIат гьелъул хIалтIухъаби хIебтIун руго ижараялъе ккураб минаялъур. Гьелъул нухмалъулев Шарапудин Шейховасулгун лъай-хъвай ккана БежтIе щвараб мехалда. Гьадин бицана гьес жидерго хIалтIулги, дандчIвалел масъалабазулги ва ругел гIузрабазулги хIакъалъулъ:

  - Нижер контораялда цIа ккана 2019 соналъул 4 маялъул сардилъ. ЦIулаца бараб мина букIиналъ рас течIого бухIана гьеб, гьелда аскIоре къазе кIолеб хIалцин букIинчIо, щибниги жо нахъе босизеги щвечIо. Кинабго документация жаниб бугеб сейфниги хвасар гьабеян гьарулеб букIана дица ахIуд рахъун кумекалъе щварал чагIаздаги цIа свинабулеб хъулухъалъул хIалтIухъабаздаги. КIвечIо гьебги нахъе босизе.

- ЦIа ккеялъе гIилла щиб бугилан абураб?

    - Ургъунго гъураб цIа бугилан чIезабуна цIех-рехалъ. Нахъисеб къоялъго БежтIе щвана республикаялъул ЗахIматалъул ва социалияб цебетIеялъул министерствоялъул вакилзаби. Амма гьаб кIиябго соналда жаниб я полициялъ, я цогидал идарабаз щибниги хIалтIи гьабичIо гIайибиял тIатинариялда хурхун. Гьединлъидал лъиениги тамихIги гьабун гьечIо. Министерствоялъ дида гьикъана жидеца дуе гьабизе кумек бугищилан. Амма дица гьелдаса инкар гьабуна.

- Щай?

   - Щайгурелъул, дирго лъаялдаги бажариялдаги ракIчIун вукIана дун. Министерствоялъул нухмалъулезда дица абуна дидаго кIолин кинабго рагIалде бахъинабизе. КIвезеги кIвана. Лъабго моцIида жаниб ралагьана компьютералги, цIигьабуна кинабго документацияги - нижер централъ хъулухъ гьабулев вукIарав 600 чиясул кагътал, нижерго хIалтIухъабазул документал. ХIатта, цебе букIаралдасаги лъикIго хIалтIизе рес кканиланцин абизе бегьула гьеб кинабго цIигьабун хадуб. Дун гьаб хIалтIуда гъорлъ вугелдасаги 21 сон тIубала исана. Анлъго министр хисана гьеб заманалда жанив.

  ГьабсагIаталда, 15 азарго гъурущги моцIалъе кьун, ккураб минаялъур хIебтIун руго ниж. Гьеб рахъалъ дие кумек щвана министерствоялдасан. Гьеб гуребги, хIалтIухъабазе къайи-цIаялъе харж гьабизелъун 380 000 гъурущги щвана дие гьезухъа. Гьеб гIарцуде дица росана цIиял столалгун бакIал, анлъго компьютер (цебе лъабго гурони букIинчIо). Дица абила, нижер БежтIа бугеб СЦОНалъул материалиябгун техникияб база мугIрузул районазда гьоркьоб бищун лъикIаб бугилан.

- Чан хIалтIухъан вугев централда?

   - 66 чи. Нижеца хъулухъ гьабулел гIадамазда гъорлъ вуго сахлъиялъул рахъалъ нахъе ккарав, гIажизав 400 херав чи, гьединго кумек хIажатал 225 чIужугIадангун лъимер. ГIаммаб куцалда босани, 625 чи.

    Нижер централда буго рокъоса къватIире рахъине кIоларел ва рикIкIадал росабалъ ругел гIадамазе рокъо-рокъоре ун хъулухъ гьабулеб къагIидаги.

    Централъул мина цIи гьабизе кумек гьарун гIемерал бакIазде, идарабазде хъвадарун вуго Шарапудин Шейхов.

    Республикаялъул захIматалъул ва социалияб цебетIеялъул рахъалъ министр Изумруд МухIудиновалъухъеги чанцIулго ритIун руго гьес кагътал. Гьелъул халатаб жавабалдаса бичIчIараб жо ккана бухIараб бежтIадерил центр цIи гьабизе гьабсагIат гьезул гIарац гьечIолъи. Гьениб хъвалеб буго жидеца гьарилила нужер центр республикаялъул инвестициялъулаб программаялде гъорлъе бачейин абун. Къокъго абуни, берцинго тIаса рихьизарун руго.

   Гьанже Шарапудиница, киналго хIалтIухъабазул цIаралдасан, гьединабго магIнаялъул кагъат хъван буго республикаялъул нухмалъулесул ишал тIуралев Сергей Меликовасухъеги. Хьул буго гьесгIаги кумек гьабизе батилин абураб.

Сураталда: Шарапудин Шейхов - централъул мина бухIараб бакIалда хутIарал чIвадназухъ.

 А. ЮСУПОВ

Шарапудинил хIаракатги министерствоялъул жавабги
Прочитано 216 раз

Оставить комментарий

Убедитесь, что Вы ввели всю требуемую информацию, в поля, помеченные звёздочкой (*). HTML код не допустим.

 

ХIакъикъаТ 

Республиканская общественно-политическая газета на аварском языке.

 

Исполняющий обязанности главного редактора:

Зульфия Багатаровна Гаджиева

_____________________________

 

in1  rss1

_____________________________

 

Рейтинг@Mail.ru

Яндекс.Метрика

 

СМИ

Учредитель сетевого издания ГБУ РД "Редакция республиканской газеты "Истина".
Зарегистрирован Федеральной службой по надзору в сфере связи , информационных технологий и массовых коммуникаций .
vozrastРегистрационный номер: Эл № ФС77-73996 от 19 октября 2018 года.

 

 

Фото

Настройка сайта

Цвет темы

Cyan Red Green Oranges Teal

Макет

Шир. Рам. Обрамл. Округл.
Изменение фонового рисунка
Вверх