Рес гьечIел хъизамазе – кумек

 

     РФялъул ЗахIматалъул ва социалияб цIуниялъул министерствоялъул баяназда рекъон, 1 июлалдаса нахъе хисизе руго цо-цо социалиял выплатаби кьеялъул къагIидаби. Исана апрелалда РФялъул президент В. Путиница федералияб собраниялде гьабураб хитIабалда 8-16 сон барал ресукъалгун ялгъузал эбел-инсул лъималазе ва лъимаде ругел руччабазе пособиял кьезе ругин лъазабун букIана. Гьел щвезе документал тIоцебесеб июлалдаса нахъе къабул гьаризе ругин хъвалеб буго ЗахIматалъул ва социалияб цIуниялъул министерствоялъул сайталда. Гьел лъие ва кида щолелали цIехон, кIалъан рачIуна «ХIакъикъаталъул» редакциялдеги.

     ТIоцебесеб июлалдаса нахъе поликлиникаялда хIисабалда лъурал лъимаде ругел, ресукъал улбузе лъимер гьабизегIан (яги биххизегIан) пособие кьезе буго. Пособиялъул къадарги регионалда гIумру гьабиялъе бихьизабураб къадаралъул бащалъи ккола. ТIоцебесеб июлалде щвезегIан цебеккун поликлини- каялда хIисабалда лъурал лъимаде ругел руччабазеги щоларин гьеб пособиеян баян гьабулеб буго рехсараб министерствоялъ. Лъимаде лъугьун 12 анкь балелде хIисабалда лъурал улбузе кьолеб буго гьеб. БатIалъи гьечIо, чIужугIадан хIалтIулей йигониги гьечIониги.

 

    Регионалда щивав чиясе гIумру гьабиялъе гIураб къадаралдаса цIикIкIун жидер рокъобе хайир бачIунарел улбузе кумеклъун кколеб буго гьеб пособие. Поликлиникаялда хIисабалда лъуралдаса нахъе 30 къоялда жаниб кьезе бегьула Пенсиялъул фондалде гIарзаги.

    Ялгъузай эбелалъ яги инсуца хьихьарал 8-16 сонил ригьалъул лъималазе щибаб моцIие, гьоркьохъеб хIисабалда, 5650 гъурущ бихьизабун буго. Гьеб ккола регионалда цо лъимадуе гIумру гьабиялъе хIажалъулеб гIарцул бащдаб бутIа. Киналго ялгъузал хъизамазеги щоларо гьеб пособие. Пособие щвеялъул шартIлъун ккола гьеб хъизам ресукъаб букIин.

    ДРялъул ЗахIматалъул ва социалияб хъулухъалъул министерствоялъул сайталдаги рехсон буго тIоцебесеб июлалдаса нахъе гIемерал лъимал ругел хъизамазе пачалихъалъ гьабулеб кумекалъул хIакъалъулъ.

 

    ХIалтIулеб бакI къаялдалъун хIалтIудаса эркен гьарурал лъимаде ругел яги лъимал гьарурал руччабазе бихьизабун буго 708 гъурущ.

    Лъимер гьабидал цо нухалъ кьола 18 886 гъурущ; тIоцебесеб, кIиабилеб ва хадусел гьарурал лъималазда хадуб хъулухъалъе щибаб моцIрое – 7 082 гъурущ. ТIоцебесеб лъимер гьабуразе яги хьихьизе бачаразе щибаб моцIалъ – 10757 гъурущ.

   Щибаб моцIрое лъимадуе бихьизабураб пособиялъул къадар – 214 гъурущ; чиякъал руччабазул лъималазе – 428 гъурущ; рагъулаб хъулухъалда ругезул лъималазе – 321 гъурущ.; алиментаздаса лъутанхъулел эбел-инсул лъималазе – 321 гъурущ. Рагъулаб хъулухъалда вугесул лъимадуе цо нухалъ кьола 29908 гъурущ.; гьезулго лъималазе щибаб моцIалъ – 12817 гъурущ.

   Вакцина гьабун хадуб захIмалъи ккаразе цо нухалда кьезе бихьизабун буго 10000 гъурущ ва щибаб моцIие – 1427 гъурущ.

    Щуабилеб ва гьездаса хадуб гьабураб щибаб лъимадуе цо нухалда кьола – 10000 гъурущ; анцIабилеб нухалда ва гьездаса хадуб гьабураб щибаб лъимадуе – 300 азарго гъурущ; кIиго лъимер цадахъ гьабураб хъизамалъе – 20000 гъурущ.; лъабго яги цIикIкIун лъимер цадахъ гьабураб хъизамалъе — 100 азарго гъурущ.