Диплом гьечIев гIалимчи

АхIмад ХIамзатовасул гIумруялъул хIакъалъулъ дие гIемераб жо бицана кIудияв инсуца. Гьел рукIун руго лъикIал гьудулзаби. Инсул лъимерлъиялъул ва гIумруялъул хIакъалъулъ бицана школалъул завуч- гIуцIарухъан Жамиля ХIамзатовалъги.

 

АхIмад гьавуна 1931 соналда, Хунзахъ районалъул Асакъоро абураб колода.

1943 соналда росулъ тIибитIун буго колхозалдаса цо-цо чагIи ччугIа кквезе Батагъалде ритIулел ругин абураб хабар. Гьение йитIун йиго АхIмадил эбелги. Гьелъие кумекалъе инсуца витIун вуго АхIмадги.

 

«Батагъалъул василан» цIарги лъун, бищун гьитIинав АхIмад, лъил кинаб хъулухъ кканиги, гьениве вортизавулев вукIун вуго. Хадув гьев ругьун гьавун вуго «барабан» абулеб жо хIалтIизабизе. Токалъ хIалтIизабулеб гьеб «барабаналъ» ралъдалъа къватIибе цIан бачIунеб букIун буго ччугIил цIураб гьин. Батагъалда хIалтIулезе рагьараб тукада вичарухъанлъун вукIун вуго рагъдаса лъукъун вуссарав, жеги тIуванго сахлъичIев гIолохъанчи. АхIмад витIулев вукIун вуго гьесда цадахъ тукаде къайи босизеги. Гьезие кьун букIун буго къайи лъезе маххул нухдасан бачунеб, тIасаги рагьараб, раса гIадинаб маххул гьо- ко. Гьури бугеб къоялъ, гьелъул рагIалда дугъ бухьунеб букIун буго. Гьороца гьеб хъамун бачунеб букIун буго битIахъе складалъул кIалтIе щвезегIан. Гьури гьечIеб къоялъ гьеб квераз тункун бачине кколаан. Бищун захIмалъулеб жо букIун буго, гьелдаса кIудияб маххул гьоко данде ккани. Гьеб мехалъ гьокоялда бугеб къайиги гъоркье бахъун, гьоко нухдаса нахъе босизе кколеб букIун буго. КIудияб гьоко нахъе арабго, лъезе кколеб букIун буго жидерго гьоко маххул нухда, тIад сокIкIизе кколеб букIун буго босараб къайи.

Рокъоре рачIунаго лъан буго инсуе къадар щвараблъиги.

 

1943-1946 соназда АхIмад хIалтIун вуго Гъоркьколо росдал Стахановасул цIаралда бугеб фермаялда гIачивехьлъун. Вехьасе моцIрое бихьизабун букIун буго 28 кило гIатIал ва микьго кило гьанал. «Ракъуца хвеялдаса дунги, эбелги, вацги, яцги сабаблъун ккана гьеб», — ан бицунеб букIун буго АхIмадица.

Рагъул кьогIлъиги ракъи-къечги кIочон буго АхIмадида эбел туснахъ гьайидал. Гьей пулан туснахъалде ккана жидерго колодаса харил магь рокъобе босунилан. АхIмад къватIиве вахъун вуго, эбелалъе кумек гьабизелъун. ЦIадаса ХIамзатил кIалтIе щвезавун вуго нухлулаз гьитIинав вас.

 

Хъандулалъги ХIамзатицаги берцинго къабул гьавун вуго гьитIинав гьобол. КIвараб кумек гьабилин рагIиги кьун буго. Росулъе щведал, лъан буго эбел къватIие йиччараблъи.

Амма хъалаялда бараб заманалъ эбелалъул сахлъиялъе гьабуна кIудияб зарал. Гьей унтун йигеблъи лъайдал, АхIмадил яц Загьидат, гIолохъанчIужу, щибаб къоялъ уней йикIун йиго Хъаладухъе. Туснахъ гьарурал рачунел рукIун руго цIигьулдерил мегIералда нахъа букIараб рохьоре цIул къотIизе. ЦIада росу рагIалда бугеб нухдеги лъугьун, туснахъ гьарурал рачун унезда Загьидатица гьарулеб букIун буго жий эбелалъул бакIалда йиччаян. Гьезул эбел ГIунайзат чIолей йикIун йиго ЦIада, Марзигат абулей яцгIалалъухъ. Марзигатица унтарай гIаданалъе хIадурун батулеб букIун буго дарудал хурдул, гьезул лъим, гьалараб рахь. Бакъанида, туснахъчагIи Хъаладухъе рачун унелъул, эбелги ясги хисулел рукIун руго.

 

Рагъ лъугIараб мехалда АхIмад тIадчIана цIалиялда. Гьелъие гIиллалъун ккана гьадинал лъугьабахъинал. Цин рокъоса колхозалъе бахъун ана, квешаб хер кванан хвараб басиялъул бакIалда, цого-цо букIараб гIака. Хадуб, рии бакьулъ, бухIараб бакъул къоялъ, гIорцIун гIодоб чIараб боцIи батунилан, берцинго тIалаб гьабулеб гьечIиланги абун, председателас цIалаца вухун вуго гьитIинав вехь. Данде кIалъанин абун, бокьовги тIамун вуго. Къаси сардилъ, яцалъул кумекалдалъун, къватIиве ворчIарав вас, кIудияв вацасухъе Лъанлъариве ун вуго. Гьениса йикIун йиго инсул тIоцеесей чIужу ТIагьират.

АхIмад цIалун вуго цин ГIобода росдал анкьгосонилаб школалда, хадув хьвадун вуго ГIаранихъалаялда букIараб гьоркьохъеб школалде. 1956 соналда ворчIун вуго С. Стальскиясул цIаралда бугеб Дагъистаналъул учительзабазул институталде (1957 соналдаса нахъе – ДГУ).

 

Университетги лъугIизабун, АхIмад ХIамзатов хIалтIана лъай кьеялъул батIи-батIиял идарабазда. 1965-1972 соназда гьев вукIана нижер школалъул директорлъун. «Бищун лъикIав директорилан» абула гьесда жакъаги МигIарсо росдал жамагIаталъ. 1979 соналдаса нахъе гIумрудул ахирисел къоязде щвезегIан хIалтIана ГIалибег ТахоГодил цIаралда бугеб Дагъистаналъул педагогикаялъул гIелмиял цIехрехазул институталда.