БахIарзазул цIарал цIунила рекIелъ

АнцIила анкьго сон барав ТIукитIаса Расулов МухIамад жиндиего бокьун ана фронталде. 1943 соналъул июналда, хасаб дело цIезабулаго, гьесул гьариялда рекъон, рагъулав комиссарас гIолиласул гIумруялде цо лъагIел тIаде жубана.
 Рагъде иналде МухIамадица МестIерухъ росдал школалда лъугIизабуна анлъго класс, хIалтIана росдал колхозалда. Хъизамалда цо бугеб лъимер букIаниги, МухIамадихъа бажарана ВатIаналде тIаде къо ккедал рагъде ине жинцаго гьабураб хIукму хиси гьечIеб букIиналда эбел-эмен божизаризе.

Хъулухъ гьабизе ккана цин Ереваналде, артиллериялъул полкалде. Гьесда цадахъ ккана МухIамадил росуцояв АхIмадов ХIажиги. Ереваналда гьез лъугIизаруна рагъухъабазул курсал.
Гьедин ана анлъго моцI. 1943 соналъул ахиралда рагъухъаби Типлисалде, батIи-батIиял подразделениязде ритIана. МухIамад ккана Кутаиси шагьаралде, артиллериялъул полкалде.
— Типлисалда ниж цIидасан рагъулаб техника лъазабизе тIамуна, — ян ракIалде щвезабулаан МухIамадица. — Кутаисиялда бана анкьгIанасеб заман ва тункIил харил махI сунтIичIел гIолилал фронталде — Днестралъул районалде ритIана. Станислав шагьаралдаса гIемер рикIкIад гьечIого, Днестр гIурул рагIалда буго Галич абураб поселок. Гьенив тIоцеве ккана рагъде, бихьана хвел, лъукъарал рагъухъаби. Гьедин байбихьана дир фронталъулаб гIумру…
Расулил МухIамадил полк унаан ТIоцебесеб Белоруссиялъул фронталъул 1-себ армиялде гъорлъе. ГIарадачагIаз балагьана жидеего санагIатаб позиция ва лъелал аскаразе гIор бахине квербакъизе лъугьана. Тушман минометаздасан, гIарадабаздасан ва автоматаздасан кьвагьдолев вукIана гIурул щибаб метралде. Биялъ белъун бихьулаан Днестр. Тушманасул рагъулал точкаби заманаялъе «гIенеккун чIезаризе» бажарана.
МухIамад гIарадаялъул гулби раччулев чи кколаан, амма захIмат букIана 16 кг бакIлъи бугел гьел гъажалдаги лъун раччизе.
— ХIакъикъаталдаги бакIаб хIалтIи буго гулби гIарадаялде аскIоре раччи, — ян ракIалде щвезабулаан рагъухъанас. — Цо-кIиго гулла гуреб тIубараб ящикго цадахъ хадуб цIазе (гьенибин абуни ункъо гулла букIуна) цIакъго бакIлъулаан. Гьеб гьабизе кколаан сундухъго балагьичIого: нижер, ай гIарадачагIазул къо хIехьеялда ва бахIарчилъиялда бараб букIиндалха гIор бахунел лъелал аскаразул ра-гъухъабазул къисмат. Днестралъе гIоло рагъулаб гьужум дие лъабабилеб букIана ва гьеб ахирисеблъунги ккана…
Гьаваялде раккана немцазул лъикIаланго самолетал, ва гьез гIарадачагIазул позициязде, лъелазул лъедолел алатазде бомбаби рехизе, гьезде кьвагьдезе байбихьана. Къо бакъаниде гIагарлъулеб букIана. МухIамад, иргадулаб нухалда, гулбузда хадув векерулаго, гьесдаса чанго метралъ рикIкIад бихъана бомба. Гьелъул саламатаб кесек щвана Расуловасул квегIаб мачIалда. ХьвагIун арав гьев гIодов ккана, лъавудаса ана. Авиабомбаялъ бахъараб гвандинив гIебеде рехун вугев гьесда ракIалда гьечIо кигIан заман гьедин барабали.
Расчетазул командирзаби рагъул хIасилал гьаризе, личный составалъул камиязул хIакъалъулъ баянал штабалде ритIизе лъугьана. Гьезда гьоркьоб букIана гIахьваласул фамилияги. Командирас лъазаби битIана гьесул гIагаразухъеги. Гьелда хъван букIана: «Расулов МухIамад, 1925 соналъ ГIахьвахъ районалъул ТIукитIа росулъ гьавурав. Рагъде ахIана Болъихъ РВКялъ. Мухъилав, араб бакI лъачIого тIагIана…». Гьел баянал руго «РакIалде щвеялъул тIехьалдаги» (2-абилеб том, 174-абилеб гьумер).
Араб бакI лъачIого тIагIинчIо рагъухъан. Днестр гIор бахун хадусеб къоялъ санитараз лъукъарал рагъухъаби тылалде ритIулел рукIана. Гьел тIаде ккана гIумруялъул гIаламаталгун вугев МухIамадида. Авлахъалъулаб госпиталалда (гьениве щвезавуна гьев санитараз) гьесие бажарараб кумек гьабуна, гьениса Кутаисиялде, рагъулаб госпиталалде витIана. Анлъго моцI бана гьес гьениб, амма ругъун сахлъун гьечIолъиялъухъ балагьичIого, хадубккун рагъулаб хъулухъалъе ярагьунаревлъунги рикIкIун, 1944 соналъул ахиралда рокъове витIана. ГIарадаялъул расчеталъул рахъалъ гьалмагъзабазда лъачIо гьесие ккараб жо.
МухIамадил росуцоялгун цадахъ гьесул эбел-эменги гьеб заманалда Чачаналъе, Ведено районалъул Даргъоре гочинарун рукIана. Сонисев рагъухъанасда гьеб лъалароан. Гьесие гьеб загьирлъана Буйнакскиялде щведал. Гьедин ккана гьев Шалиялде. Гьенибин абуни ругъуналъ рахIат хвезабизе лъугьана. Вегизе ккана больницаялда. Гьенив, ракIалдаго гьечIого, дандчIвана эбелалъул вацгIал ГIалихIажиявгун. Гьес МухIамадил хIакъалъулъ Даргъобе, эбел-инсухъе ругьел битIана. Лъабабилеб къоялъ рачIана эбел-эмен МухIамадихъе, Шалиялъул больницаялде.
АнцIго къоялъ даруги гьабун, гьев больницаялдаса виччана, амма ругъун тIубанго сахлъизегIан росулъе ине тохтурзабаз изну кьечIо — моцIалъ чIезе ккана ГIалихIажиясул бакIалда.
Ругъун сахлъидал, МухIамад колхозалда хIалтIизе лъугьана, гьениса витIана Гъарасуялде — вукIана хъутаналда складалъул заведующийлъун, гьениб бана анлъгогIанасеб лъагIел. Хадув хIалтIана избачалдаги.
1957 соналда чачаназе ватIаналде тIадруссине ихтияр щведал, тIукадерил цо бутIа магIарухъе, цогидал Хасавюрт районалъул ракьалде гочана. МухIамадги, эменгун цадахъ, магIарухъе гочана (эбел Даргъойго хун йикIана гьесул). 1958 соналда, эмен къадаралде щун хадуб, гIумру гьабизе тIаса бищана гIатIиракь — 31 соналъ хIалтIана тIукадерил цIияб росдал С. Кировасул цIаралда бугеб колхозалда складалъул заведующийлъун. Гьениса ана мустахIикъаб хIалхьиялдеги.
Зама-заманалда фронтовикасул рахIат хвезабулаан ругъназ. ГIемер вегана гьев Грозныялъул госпиталалда, МахIачхъалаялъул больницабазда, амма унти къотIулеб букIинчIо. Къогоялдаса цIикIкIун сон бана гьес тохтурзабазул хIукмуялда рекъон квегIаб бохалдаса ватIалъунги.
Расулил МухIамад кIодо гьавун вукIана КIудияб ВатIанияб рагъул тIоцебесеб даражаялъул орденалдалъун, гIемерал медалаздалъун ва баркалабаздалъун. Лъади СагIидатгун цадахъ гIезаруна ва гIумруялъул нухда лъуна ункъо васги кIиго ясги: руго гьезул лъималги лъималазул лъималги.
Гьединав вукIана дол цIадулал къояз эбелаб ВатIаналъул ахIиялда рекъон черхалда ярагъ борчарав 1194 гIахьваласул цояв — ТIукитIаса Расулил МухIамад.