ЦIияб цолъи гIуцIана

МахIачхъалаялда тIобитIараб ополченцазул данделъи т1обитIиялъе аслияб г1илла букIана «1999 соналъул ополченцазул ветераназул союз» абураб Дагъистаналъул регионалияб жамгIияб цолъи гIуцIи ва гьелъул нухмалъулел идараби тIасарищи. ЦIияб цолъиялъул учредителаллъун ккола ГIумахан ГIумахановги, ГIарапат Къурбановаги, МухIамадхIажи ГъалбацIдибировги.

 

 

Отставкаялда вугев полициялъул полковник, «Бихьинчилъиялъул орденалъе» кIицIул мустахIикълъарав ГIумахан ГIумахановас гьадин бицана цIияб цолъи гIуцIиялъе ккарал гIиллабазул хIакъалъулъ:

 

 

РФялъул президентасул «Ополчениялъул ветеранасул хIакъалъулъ» абураб указ къватIибе бачIинелдего, цо-цоязухъа бажарана жалги ополченцал ругин абураб гьересияб удостоверение босун. Нилъеда киназдаго, ай хIакъикъиял лъугьа-бахъиназул гIахьалчагIазда, цIакъ лъикI лъала, кинаб багьа кьезе ккарабали. ГIандадерил габурлъиялдаса ине къасд гьабурал хъачагъазул къокъабазе нух къалеб мехалда. ВатIаналъул гIорхъи цIунулаго, гьенив къурбанлъана анкьго дагъистанияв.

 

 

Мех-мехалда рицунел рагIула чачан халкъалъул рахъалъ рекъеч1ел харбал. Дица ракIчIун лъазабулеб буго: чачан халкъалъ гуро рижизарурал Басаевалгун Масхадовалги, Удуговалгун Дудаевалги ва Хаттабалги. Гьел куцана дора, нилъер улкаялъул гIорхъи тун къватIир. Нижеда доб заманалда мухIканго лъалаан, Ведено районалъул Даргъосан гIандадерил ракьалдехун хъачагъазул къокъа бачIине бугеблъи. Гьел баянал нижехъе щвезаруна чачаназ. Нижеда лъала, хъачагъазе нух къаялъул мурадалда, ХарачIоялдаса руччабиги лъималги нухда регун чIараблъиги. Нилъеца гьелъухъ баркала кьезе ккола гьезие. Гьелде тIадеги, дол соназда Чачаналъул муфтиясул хъулухъалда вукIарав АхIмад-хIажи Къадировасги Дагъистаналъул халкъазда гьарана тIасалъугьаян абун. Халкъазул вацлъи цIуниялъе гIоло гIумруги кьуна гьес, — ян.

 

 

Хасавюрт районалъул Аксаялдаса Гъасулбег МухIамадовасул пикруялда рекъон, цIияб жамгIияб цолъи лъугьине ккола халкъал гъункизарулеб идаралъун.

 

 

Нилъер хIаракаталъул аслулъун лъугьине ккола гIолеб гIелалъе тарбия кьей, гьелъулъ ватIаналде рокьи куцай. Гьединаб ишалъе мисаллъун рукIине ккола ополченцал, — ан абураб гьесул пикруялда тIадрекъана Гъизляралдаса АхIмадпаша Амирилаевги.

 

 

«1999 соналда Болъихъе вачIун вукIана министр Сергей Степашин. Гьес улкаялъул нухмалъулесда лъазабуна, Дагъистан нилъер кодоса анин абун. Степашиние гIадин, хехго кверал эхеде рорхизе ва бокьараб ккагиян абун чIезе ихтияр букIинчIо нижер. ГIагараб магIарухълъиялде тIаде щун букIана захIматаб къо. Гьебмехалда тIолабго халкъ бахъана ватIан цIунизе», — янги бицун, дол соназул лъугьа-бахъинал ракIалдещвезаруна гIалим ГIумар Абулайсовас.

 

 

Гумбет районалъул ракьалде хъачагъал лъугьинчIо. Нижин абуни, 150 чи гъорлъ вугеб къокъаги гIуцIун, гIандадерида хьолбохъ эхетана. Гьеб букIана магIарул росабалъа гIадамал чед-хинкIалда хадуб росу тун рахъараб заман. ВатIаналде щвараб балагьалъул хIакъалъулъ хабар рагIарабго, киналго тIадруссана Дагъистаналде ва ватIан цIунизе рахъана, — ян бицана Гумбет районалъул ЦIиликь росулъа МухIамад ГIабдулмуслимовас.

 

 

Данделъиялъул ахиралда рищана цолъиялъул нухмалъулел. «1999 соналъул ополченцазул ветеранал» абураб ДРООялъул президентлъун вищана ГIумахан ГIумаханов, вице-президенталлъун – ГIарапат Къурбановаги АхIмадпаша Амирилаевги, Попечителазул советалъул председательлъун – Гъасулбег МухIамадов.