Дол рукIана бахIарзал

Игьел — КIудияб ВатIанияб рагъда

 

Игьали росулъа 135 чияс гIахьаллъи гьабуна КIудияб ВатIанияб рагъда. Гьезул бищун гьитIинасул букIана 16 сон ва бищун кIудиясул — 47 сон. Рагъ байбихьилалде армиялда вукIана (1939-1940 сонал) 23 чи. ГIемериселги рукIана жеги хъизан гьабичIел чагIи. ГIемерисел хъизамаздаса рагъде ана кIи-кIи чи. ДарбищмухIамадил хъизамалдаса рагъда гIахьаллъи гьабуна лъабго чияс, гьезул бищун гьитIинав — Камил араб бакI лъачIого тIагIана. Зияратовазул хъизамалдасаги рагъде ана лъабгояв. Бищун кIудияв РахIматулаги, бищун гьитIинав ШагIбанги араб бакI лъачIого тIагIана, гьоркьохъев — МухIамад тIадвуссун вачIана. Эхоевазул хъизамалдасаги рагъда гIахьаллъи гьабуна лъабго чияс. Гьезулги гьоркьохъев вас МухIамад тIадвуссинчIо. 11 хъизамалъе камуна кIи-кIи вас, кIиго хъизамалъе –эменги васги.

КIудияв вац ГIабдурахIим чIва­нин кагъат бачIиндал, жиндиего бокьун фронталде ана гьитIинав вац, 22 сон барав Ниязбег. Амма араб бакI лъачIого тIагIарав гьев вачIине, вихьизе, гьесул хIакъалъулъ щиб бугониги рагIизе, лъазе букIараб анищ-хьулгун ана ахираталъул рокъоре, жидер тIокIал лъимал рукIинчIел ГIисахIажиявги ПатIинаги. Росуцояз бицуна жалго хвезегIанги гьел мунагьал чурадаз сардилъ вас вачIине бегьулинги абун рахачIого толаанила каву ва свинабулароанила нартил чирахъ.
62 игьалисев араб бакI лъачIого тIагIана рагъда. 32-ясул бачIана рагъдаса «чIегIераб кагъат». 1941 соналда ана рагъде АхIмад Жамалудинов. КватIичIого рокъобе бачIараб кагъат бихьидал, гьеб параялъго магIирукъ лъун буго гьезул азбар-къоноялда. Гьеб букIун буго сала-калам хъвараб кагъаталда цадахъ лъураб, чIегIераб горги, горалда бакьулъ 2-3 гьитIинаб каратIги бугеб кагъат. Гьеб мехалда щибго бичIчIичIел рокъосезе школалда мугIалимлъун хIалтIулев вукIарав ЛъагIилухъа Муса абулев чияс баян гьабун буго гьеб бугин кьвагьдохъабаз гIужда речIчIизе хIалтIизабулеб букIараб кагъат (мишень), гулла гIужда речIчIизе бугеб жиндирго махщел нужедаги бихьизе цадахъ лъун бачIарабилан. Гьебги букIун буго гьесул Гори шагьаралда кьвагьдезе ругьун гьавулеб заман.
Рагъда кIиявго вас (ГIабдулагьги МухIамадги) тIагIарай гьезул эбел Багистан жийго хвезегIанги йикIунаан, рагъидаса бихьулеб нухлул сверелалдеги балагьун, нагагь гьениса вачIунев чиясул сипат бихьани, гьев ватизе кколин жиндир цоявниги василан гаргадулей. Халатаб жо бугелъулха инсанасул хьул.
1942 соналда, кIиго сон барай ясги рокъой тун, ана рагъде МухIамадов ГIабдурахIман. Амма кигIанго урхъа­раб анищ букIаниги, гьесда рагIичIо, лъачIо хадуб чанго моцIидасан вас гьавиялъул рохалилаб хабар. Гьебго соналъ рагъде арав Магьдиев Ибрагьим чIванилан хабарги бачIун, чIегIербан йикIарай лъади Ибрагьимова ПатIиматида кватIичIого тIа­де бегана цоги къварилъи: вац — ГIар­тIиев ГIаращ рагъда тIагIанилан цо­ги кьогIаб хабар ва хадубккунисеб гIумруялъ гьей, мунагьал чурад, ху­тIана цохIо вугев гIажизав васгун.
41 чи вуссана рагъдаса росулъе. Рогьалилъ цо-цо, кIи-кIиккун зодоса тIагIун, ссун унел цIваби кинниги, лъугIун ана вахIшияб рагъул кьогIлъи бихьарал рагъухъаби. Абулмуслимов ГIабдулагь гIахьаллъана тушманасдаса Ростов шагьар эркен гьабиялъулъ, Харьковалъул мухъалдехун рукIарал рагъазулъ. Гьениб цо росу эркен гьабулаго захIматго лъукъарав ГIабдулагь, сордо-къоялъ 42 градус квач бугеб бакIалда хутIула. Саратовалъул госпиталалде щвезеги бала 2 сордо-къо. 6 моцIалъ гьенивги вегун, кваранаб хIатIил тIогьиса килщалги къотIун, къвалакь гIунсбигун тIадвуссуна росулъе. Амма хIалхьиялда чIезе рес букIинчIо, хьвадизе кIваралдаса хIалтIана росдал советалъул, колхозалъул председательлъун ва цогидалги хIалтIабазда.
Ибрагьимов ГIиса рагъда вукIана минометчиклъун. 1944 соналъул январалда лъукъарав гьев, рагъуе ярагьунаревлъунги рикIкIун, рокъове витIун вачIана. 13 соналъ ГIисал чорхолъ бакI ккун букIана тушманасул гулла ва 1957 соналда бахъана гьеб къватIибе. ГIисаги хIалтIана колхозалъул бригадирлъунги, фермаялъул заведующийлъунги, гIемерал соназ Кьохъ заводалдаги, школалъул зав­хозлъунги.
ХIажимурадов Ражбадиница бицунаан цадахъ рукIарал росуцоял Чупалаев МухIамадилги ГIисахIажиев Ниязбегилги. КIигониги нухалъ лъукъарав гьев рокъове витIун вачIана ва хIалтIана колхозалъул председателасул заместительлъунги, учетчиклъунги, агрономлъунги, зав­складлъунги.
ГIалимчилаев МухIамад, цин Грузиялда, хадув Ереваналда рагъуе ругьунги гьавун, витIана фронталде. «ГьитIинаб ракь» эркен гьабулаго, тушманас щулаго ккун букIана цо гохI. Чанго нухалъ гьарурал гьужумаз хIасил кьечIо, нилъеразеги чIахIиял камиял кколел рукIана. Къасиялдехун нижехъе вачIана генерал, ва гьес суал лъуна щиб гьабунги щулалъи бахъизе кколин абураб. ТIарадаса ахаде щвезегIан кьерда чIаразде берги щвезабун унаго, дида цеве щведал, гьев лъалхъана ва киса кколевилан гьикъана. Дагъистаналдаса кколин абидал, гьес абуна буюрухъ тIубазе кIвелищин абун. КIвелин дицаги абуна. Дида цадахъ витIана цо офицер-снайперги. Рогьине дагьабго заман хутIун букIана тушманас ккураб щулалъуде аскIоре ниж гIагарлъулеб мехалда, ва циндаго дица цо чанго граната бухьараб жо рехана тушманасул дзоталде, ва гохIда немцазул рихха-хочи лъугьана. Гьеб параялъго дица танказде рехулеб гранатаги ана балагьизабун. КватIичIого биччараб сигналалъулаб ракетаялдасан байбихьана цадахъаб гьужум ва щулалъи нилъеразухъе щвана», — ян бицунаан гьес. Гьеб рагъулаб операциялда МухIамадие щун буго «БагIараб цIва» орденги. Рагъдаса вуссун хадув хIалтIана колхозалъул председателасул заместительлъун, бригадирлъун, ревизкомалъул председательлъун ва цогидал хIалтIабазда.
Хъазанбиев ГIабдулмажид, 1939 соналда армиялде арав чи ккана рагъде. ГIахьаллъана Австриялда, Румыниялда рукIарал рагъазулъги, Дальний Востокалда Япония­лъулгун рагъдаги. «Нижее тIадкъай кьун букIана тушманасул цонигияв кверде восизе. Цадахъ командиргун ва 5 солдатгун ниж ана разведкаялъ. ТIоцебесеб сордоялъ битIккечIо. Тушманасул землянкаялдаги нижедаги гьоркьоб букIана кIиго километралъул манзил. КIиабилеб къоялъул маркIачIуда нахъеги ана анкьавго чи гьениве. Дунги командирги жанире кIанцIана, цогидал къватIир тун рукIана. Столалда тIад таманчаги лъун, цояб квер бетIералда гъоркьги чIван, гIодов чIовухъе кьижун ватана немцазул офицер. Гьеб параялъ командирас кьабураб жоялъ гьев гIодов ккезавуна. Дун, щиб гьабилебали лъаларого, виххун хутIана. Гьедин, щибго ахIи-хIур бахъинчIого, вачун штабалде щвезавуна нижеца немцав. Гьеб тIадкъай тIубаралъухъ дие кьуна «БахIарчилъиялъе гIоло» медаль», — ян бицунаан ГIабдулмажидицаги.
ВатIан цIунулаго хваразул ва тIагIаразул цIарал рикIун руго росу бакьулъ бугеб КIудияб ВатIанияб рагъда хваразул хIурматалда эхетараб памятникалда щула гьарурал мармаралъул ганчIазда. Амма гьанжесеб гIелалда лъаларо рагъдаса тIадруссун, гьенир ккарал гIузрабаз сакъатлъарал ва нилъедаса ратIалъаразул цIарал. Гьезулги цIарал даим гьариялъе хIалтIи гьабизе тIадаб буго нилъеда.
Магьди ГIабдурахIманов,
«Дир гIагараб Игьали» тIехьалдаса